Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистанияйищ Истанбулалда кьвагьарай?


Истанбул, СултIан-АхIмадил мажгит
Истанбул, СултIан-АхIмадил мажгит

Истанбулалда дагьал цересел къоязда жийго жинцаго кьвагьизаюрай ва цо полицияв чIварай гIадан Шималияб Кавказалдаса кколин, лъазабуна турказул газетаз. Гьез хъвавухъе, гьей ккола Дагъистаналдаса яги Чечанлъиялдаса Диана Рамазова. Гьелда бан хисизе рес бугищ жидерго хIинкъигьечIолъи цIуниялъул мурадалда Шималияб Кавказалдаса Туркиялде лъутарал гIадамаздехун гьениб бербалагьи?

Турказул низам цIунулезул баяназда рекъон, анлъабилеб январалда Рамазова ячIана полициялъул бутIаялде жиндир паспорт билун бугин гIарзагун. Хъаравуллъиялда чIун вукIарав полициялъулас гьей жаний йиччан гьечIо. Жийго жинцаго кьвагьизаюна Рамазовалъ гранатаги хIалтIизабун. Гьеб теракт жидеда тIаде босана Турциялда бугеб исламиябгун радикалияб къукъаялъ. «Эркенлъиялъул революциялъулаб халкъияб фронт» къукъаялъ тIоцебе лъазабухъе, теракт гьабуна Элиф СултIан Калсен цIар бугей гIаданалъ, амма гьелъул гIагарлъиялъ жаназа жидер ясалъул гурилан абун буго полициялда.

Турциялъул МВДялъ микьабилеб январалда лъазабуна, полициялъул бутIаялде чIужугIадан щвезаюрай таксистгун гьикъа-бакъи гьабунин ва гьес бицанин гьей телефоналдаса гIурус мацIалъ кIалъалей йикIанилан. Низам цIунулез лъазабуна гьелъул цIар ва абуна гьей анкьго моцIалда цее щванин Россиялдаса Турциялде. Рамазова туркасул чIужулъун йикIун йиго. Гьесул цIар тIатинабичIо полициялъулаз, амма бицана журналистазе чIварай къинайлъун йикIанин ва гьелъул кIиго лъимерги бугин.

Hurriyet абураб турказул машгьураб газеталъ хъвавухъе, Рамазова июналда ячIана Истанбулалде турист хIисабалда ва гьей ккола дагъистанияйлъун. Daily Sabah газеталъни лъазабуна, Рамазова кколин Чачаналъа. Амма чачаназул МВДялъул вакилас «Кавказский узел» сайталъе абуна Диана Рамазова цIар бугей гIаданалъе паспорт кьечIин республикаялда бугеб миграциялъул хъулухъалъ.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда «Эркенлъи» радиоялъе абуна баянал кьезе жал жеги хIадурал гьечIин, амма республикаялдаса гьединай гIадан къватIие арайищали цIех-рех гьабулеб бугин. «Москваялдаса буюрухъ бачIана информация хIисабалде босеян ва цIех-рех гьабеян. Миграциялъул хъулухъалде битIана тIалаб гьабиялъул документ ва метер-сезе жаваб бачIине ккола», - ян абуна МВДялъул вакилас.

Истанбулалда бугеб Россиялъул генералияб консуллъиялъ РИА Новости агентствоаялъе ичIабилеб январалда баян кьуна, теракт россиялъулай гьабунин абизе жидехъ гьечIин кинабгIаги информация.

Экспертазул баяназда рекъон, Шималияб Кавказалдаса Турциялде хIинкъигьечIолъиялъе гIоло лъутарал гIадамаздехун бербалагьи хисизабиялъул гIиллалъун ккезе бегьула Истанбулалда букIараб теракт. Инсанасул ихтиярал цIунулей Варвара Пахоменкоца Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIалалда тIаса чанги доклад хIадурана. «Эркенлъи» радиоялъе гьелъ абуралда рекъон, Турциялда гIемер кавказалъулал руго ва ахирисел соназда гьенире гIемер дагъистаниял гочана. Гьел дагъистаниялги ккола салафиталлъун яги радикалиял диниял бербалагьиял ругел чагIилъун ва Турциялъ гьел мигрантал эркенго риччалел рукIана жидехъего. Гьанже миграциялъулаб политика Турциялъ хисизе бегьулин, рикIкIунеб буго Пахоменкоца.

Варвара Пахоменко: «Шималиял Кавказалдса чагIи гIемер руго Турциялда. Гьенире кидаго унел руго Кавказалдаса гIадамал, мисалалъе, хIалтIи балагьизеян. Амма ахирисел соназда жанир Шималияб Кавказалдаса мигрантал гIемерлъана. Гьенире салафитал гочунел рукIана. Мисалалъе, Дагъистаналда цIияб нухмалъиялъ диналдехун бугеб политика хисана ва салафитазул ясли-ахал, школаби, спортзалал ва бизнесал къана. Гьединго салафитал сияхIалде лъеялъул тадбиралги гьаруна ва рохьилазулгун бухьенал букIине бегьулел салафитазде хадуб халги кколаан. ГIемерисел салафитал гьелдалъун Турциялде гочана. Россиялда чанги нухалда низам цIунулезги хIукуматалъул вакилазги критика гьабулеб букIана турказул позициялъе. Абулеб букIана Турциялъ рахъ кколеб бугин радикалиял исламистазул гуребги, рагъулаб методазул рахъ кколел исламистазулгиян».

Пахоменкоца гьединго ракIалде щвезабуна, Шималияб Кавказалдаса изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унел Сириялде кколел рукIанин Турциялдаса. Амма гьанже хиса-басиял рихьулел ругин жиндаилан абуна эксперталъ.

Варвара Пахоменко: «Ахирисел моцIазда хиса-басиял кколел рукIин бихьулеб буго. Абулеб буго Россиялъул низам цIунулез Турциялдаса коллегазухъе радикалиял исламистазул цIарал рехсарал сияхI кьунин ва турказул хIукумат хIадур бугин цо-цоял Россиялъул полициялъухъ кодор кьезе, цогидални гьез ккун ругин. Мисалалъе, нилъеда лъала салафитазул хIарактичлъун рикIкIунев Сасикьа Абу-ГIумар Турциялда цIех-рехалъулаб изоляторалда вукIин. Щай ккун вугевали гьев турказул полициялъ абулеб гьечIо. Гьединго ккун руго цогидал салафиталги. Турциялъул хIукуматалъени каавказулъаздехун жидеца гьабулеб букIараб политика битIун хисараблъи чIезабулеб мисаллъун букIине бегьула гьал къоязда ккараб теракт. Бербалагьи кавказалъулаздехун хисизе буго гьанже Турциялда».

Гьединго эксперталъ тIаде жубана, цодагьалъ цебе Турциялде щун вукIанин Россиялъул президент Владимир Путин. Турциялъул нухмалъулев Раджеп Эрдогангун Путиница хIинкъи гьечIолъиялъул суалал дандранин хъвалеб букIана информалатаз ва гьел кIиязго абуна улкаби цадахъ къеркьезе кколин терроралде данде. Гьединго гьез къотIи-къай гьабуна Сириялда бугеб ахIвал-хIал парахалъизабиялъе нухал цадахъ ралагьизе.

XS
SM
MD
LG