Ссылки для упрощенного доступа

Недим Гюрсель: «ШаригIат демократиягун цадахъ хIалтIизабизе кIоларо»


Турказул хъвадарухъан Недим Гюрсель.
Турказул хъвадарухъан Недим Гюрсель.

Дагьалъ цеве Туркиялъул цIар рагьарав хъвадарухъан Недим Гюрселица мустахIикълъана Франциялъул Prix Méditérranée абулеб ай – «Ракьаздагьоркьосеб Ралъдал шапакъаталъе». Гьеб шапакъат гьесие щун буго гъоркьиса къватIибе бичараб «Иблис, малаик ва коммунист» абулеб романалъухъ. Нижер радиоялъе гьес баянал гьаруна Гези-ахикь багъарараб протесталъул суалалда тIаса.

Недим Гюрсель ккола турказул лъабабилев хъвадарухъан гьадинаб цIар араб премия щварав. 2006 соналде гьеб премия кьун буго Нобелил лауреат Орхан Памукие. Гьелъие мустахIикълъарав турказул тIоцевесев хъвадарухъанлъун вукIана Яшар Кемаль.

Недим Гюрселие рехсараб премия кьеялъул официалияб тадбир тIобитIила Парижалда исана 28 сентябралда. Россиялда Недим Гюрселил кIиго тIехь къватIибе биччан буго. «Халатаб рии» ва «Чияр ракь бахъарав» абурал гьел тIахьал гIурус мацIалде руссинаруна машрикъ лъазабулей гIалимчIужу Букулова Маринаца.

Европаялдаги дунялалъул цогидал бакIаздаги кIудияб къáдру-къимат щварав Недим Гюрселил гьедегIан кIудияб хIурмат ватIаналда гьабулеб гьечIо тIадтаразги низам цIунулезги.

Амма гьедин бугониги гьез щибго квал-квал гьечIого ватIаналде ризго сапар бухьулеб буго. Бегьулищ абизе, гьев унго-унгояв диссидент вугин? Гьадинаб суал нижеца кьуна Букулова Маринае.

Марина Букулова: «У, дир пикруялда гьесда абизе бегьула гьев хъвадарухъан-диссидент вугин. Щай гурелъул, хал кквеялъул хIасилалда гьес гьабсагIат Франциялда гIумру гьабулеб бугелъул. 1971 соналда гьесие тIубана 20 сон, доб заманалда букIараб рагъулаб хиса-свериялдаса нахъе интеллигенциялде данде репрессиял байбихьана.

Марина Букулова
Марина Букулова
ТIокIаб чара гьечIого гьес Туркия тун къватIивехун ана. Доб соналда гьесда гIайиб чIван вукIана политикиял гIиллабаздалъун гьес хъвараб "Ленин ва Горький" абулеб макъаялъухъ. Гьеб букIана гIицIго литературияб макъала, политикаялъул махIги букIинчIо доб макъалаялда.
Франциялда гьес цIалъун лъугIана Сорбонаялъул университет ва 1979 соналда тIад вуссана Туркиялде. Амма 1980 соналда Туркиялда цIияб рагъулаб хиса-свери багъарун букIана. Доб заманалда гьес къватIибе биччана кIиго тIехь. "Халатаб рии" абулеб тIоцебесеб гьесул тIехьалъе шванаТуркиялъул Лингвистикаялъул жамгIияталъул премия.

Амма рагъулаб тIалъиялъ хасго гьеб тIехьалъухъ гьесде гIунтIизабуна хIинкъи гьечIолъи цIунулел хъулухъал хIакъир гьабиялъул гIайиб. Гюрселица хъвараб "ТIоцеесей чIужу-гIадан" абулеб кIиабилеб тIехалъухъ гьесде гIунтIизабун букIана намус теялъул гIайиб.

Рагъулаб диваналъ рагьана такъсирчилъиялъул иш ва Гюрселица нахъеги ватIан тун ана къватIивехун. Жинца гьес абулеб буго доб заманалдаса нахъе жив Истанбулалде тIад вуссунев гьечIин, жив Истанбулалде чияр шагьаралдего гIадин сапар бухьулеб бугин».

Туркиялде жиндир иргадулаб сапар Недим Гюрселица бухьана Истанбулалда бугеб Таксим абулеб ахикь протесталъул акция байбихьун хадусала. Нижеца телефонияб бухьен гьабун, гьадинаб суал кьуна гьесие:

ЭР: Балагьани, абизе бегьула гьанжесеб Туркиялда хъвадарухъанасул къисмат релъараб бугин Совет Союзалда рукIарал диссидентазул къисматалда. Амма доба тоталитарияб низам букIун батани, жакъасеб Туркия ккола цебетIолеб демократиялъул улкалъун. Кин дуца гьеб бичIчIизабизе кIолеб?

Недим Гюрсель: «Дир хIисабалда Туркиялда кIвечIо унго-унгояб демократикияб низам чIезабизе ганжелъагIан. Ва дида бихьухъе гьанжесеб тIалъи авторитаризмалде буссунеб буго къоIидаса къойиде.

Хъвадарухъан хIисабалда дица кIудияб кIвар кьола рагIуе эркенлъиялъеги эркенаб пикруялъеги. Гьел эркенлъаби ккола унго-унгояб демократиялъул чара гьечIел шартIал.

КIиго соналъ цебе такъсирчилъиялъул иш рагьун букIана диваналъ «Аллагьасул ясал» абулеб дир романалда бан. Диде гIунтIизабураб гIайиб динияб бичIчIи хIакъир гьаби. Динияб гуреб демократикияб жамагIаталда гьадинаб гIайиб инсанасде гIунтIизабизе ихттияр гьечIо.

Бугони, гьадинаб жамагIаталда абизе ккола – гьеб бугин демократиялъул гуреб теократиялъул жамагIатилан. Гьединлъидал, Евроцолъиялде гъорлъе жубай мурадалда демократиялдехун унеб нухда Туркиялъ церехун цо-цо галаби тIамун ругониги, гьениб унго-унгояб демократия бугин абизе кколаро. Ва Гези ахикь букIараб хIужаялъ гьелъие нугIлъи гьабулеб буго».

ЭР: Туркиялъул премьер-министр Ражаб ТIайгьип Эрдогъаница абуна улкаялда низам биххулел гьел демонстрациял улкаялъул тушбабаз гIуцIун рукIанин республикаялъул къадру хвезаби ва гьелъул экономикаялъе зарал гьаби мурадалда. Кин дуда кколеб, бугищ Туркиялъул тушбаби? Ва лъица тIоцебесеб иргаялда Туркиялъул къадру хвезабулеб?

Недим Гюрсель: «Гези ахикь лъугьа-бахъараб Туркиялъул премьер-министр Ражаб ТIайгьип Эрдогъаница аслияб къагIидаялда базабулеб буго гъоркьанго гьабураб пуланаб къватIисеб къотIиялда. Гьесги, гьесул горсвериялъги, хIукуматалда ругел АК-партиялъул вакилзабазги гьебго гIилла бихьизабулеб буго.

Дида лъаларо, гьел жалго гьелда божулеб бугищали хIакъикъаталда? Дида гьеб бихьула гIажаибаблъун ва божизе рес гьечIеблъун. Узухъда, Туркиялъул экономика цIакъго цебетIун буго, ва Туркиялъул тушбабаз жахIда гьабун, хIаракат бахъулеб буго ян абуралде разилъичIого чIезе дида кIоларо.

Амма дида ккола гьеб гъоркьанго гьабулеб къотIиялъул теориялъул кинабгIаги хурхен гьечIин ахирисел хIужабазде. Протесталъул акциязе унго-унгояб гIиллалъун ккун буго гIумрудул консервативияб исламияб къагIида гIадамазда тIадаблъун бихьизаби.

Гьалеха протестал рагъарарал гIолохъанал гьелда разиял гьечIо. ПалхIасил, дагь-дагь ккун хIукумат авторитарияб куцалъ жиндирго гIакълабилъун чIалгIана гIадамазда.

Демократикиял эркенлъабазе гIурхъи тIами, инсанасул напсияб гIумруялде гъорлъе жубай щиб кваназе, щиб гьекъезе бегьулебилан абурал насихIатал гьарулел руго премьер-министрас чIечIого.

ГIумрудул киналго сферабазда тIад контроль гьабизе хIаракат бахъулев премьер-министрасул гьединаб политикаялда разиял гьечIо гIадамал. Ва гьелдалъун раккана гьадинал лъугьа-бахъиналги».

Туркиялъул премьер-министрасул рахъ ккуразул акция. Истанбул, 21 июнь, 2013
Туркиялъул премьер-министрасул рахъ ккуразул акция. Истанбул, 21 июнь, 2013
ЭР: Марина, дуца чанго сапар бухьана Туркиялде. КъватIисел улкаялъул чIужу-гIадан хIисабалда щиб дуца абилеб доба бугеб жамгIияб ва политикияб ахIва-хIалалъул хIакъалъулъ? Туркия толерантияб улкаищ?

Марина Букулова: «У, шаклъи гьечIого. Ва гьедин буго некIо заманалдаса. Лъидаго лъалеб хIужа - ГIусманияб къайсарлъиялда гIадамал хIалица Ислам диналде руссинарулел рукIинчIо.

Дида хасаб щибго жо бихьулеб гьечIо гьениб. Туркия ккола динияб гуреб низамалъул улка. Туркиялъул хъвадарухъабазулгун ва шагIирзабазулгун кIалъалаго дида цониги нухъалъ рагIичIо гьениб рагIуе эркенлъи мукъсан гьабулеб бугин абураб пикру. Гьелъул гIаксалда шагIир Онур Бехрамогълуца диде мисалалъе абуна гьениб щивасда кIолин бокьараб жо хъвазеги бицинеги».

ЭР: Гьедин батани щай къватIабахъ рахъарал гIадамал разиял гьечIо гьанжесеб хIукуматалъул политикаялде.

Марина Букулова: «Эрдогьаниде гIунтIизабулеб гIайиб - улкаялда исламизация тIибитIизаби. Амма, дир хIисабалда гьеб мекъаб пикру буго. Цо гьадинаб мисал: батIи-батIиял статистикиял баяназда рекъон Эрдогьаница тIалъи гьабураб ахирисеб 10 соналда жаниб Туркиялда бичараб гьекъолдиялъул къадар цересел соназ бичаралде данде ккун чанги нухалъ цIикIкIараб буго.

Эрдогьан хIакимлъуда вачIинегIан улкаялда гIаракъидул цохIого цо тайпа бичулеб букIана, гьанжейин абуни щуго батIияб тайпа бичулеб буго».

Недим Гюрселица абулеб буго гьекъолдиги, ислам диналде данде кколарел цогидал батIиял жалги Туркиялда гьукъун гьечIониги, гIемерал гIадамазда чIалгIанин Эрдогьанил насихIатал. Хъвадарухъанасе кьураб иргадулаб суал гьадинаб буго:

ЭР: Турказул гьанжесеб хIукуматалъул дандиял разиял гьечIо гьелъул жанисеб политикаялда. Гьезул рагIабазда рекъон гьеб политикаялъ жамагIаталъул исламизация гьабулеб бугин. Амма, ГIизраиль мисалалъе босани нилъеда бихьула диниял гIадатаз ва традицияз демократиялъул принципазе квал-квал гьабулеб гьечIолъи. Щайха Туркиялда бан гьадинаб хIинкъи баккулеб?

Недим Гюрсель: «У, гьелда абула, гьеб бугин Туркиялъул моделилан. Ва гьелъул суал дандбазе байбихьана 10 соналъ цебе АК-партиялъ квершалиде бачIун хадусала. Ислам-диналъул принципал демократиялъул принципаздаго цадахъ хIалтIизабизе бегьулищилан абураб суал букIана гьеб.

Амма хъващтIан раккана гьеб моделалъул гIунгIутIаби, щай гурелъул АК-партиялъул рес букIинчIо улкаялда шаригIат тIад чIезабизе Туркиялъул Республика – конституциялда рекъон диняб гуреб пачалихъ букIиналъул.

Гьединлъидал консервативияб партия хIисабалда АК-партиялъ байбихьуда жиндирго политика хIалтIизабулеб букIана демократиялъул къиматал кьучIое росун. Амма дагь-дагь ккун гьеб партиялъ жамагIат диниял къиматазде руссинаризе байбихьана. Ва Гези ахикь багъарараб протест рикIкIине бегьула гьединаб политикаялъул хIасиллъун.

Мисалалъе босани алкоголялъул тема. Дица гIумру гьабулеб буго Босфоралъул рагIаллъиялда. Ва дие бокьун гьечIо гIаракъи рукъоб гьекъезе. Премьер-министрасийн гIадамазе гIакълу кьолеб буго – гIаракъи рукъоб гьекъейилан абун.

Гьадинаб буюри гьабизе премьер-министрасул ихтияр гьечIо. Босфоралъул рагIаллъиялда ругел жамгIиял бакIазда ихтилат-кеп гьабиялдаса дун махIрумлъизавизе бегьулищ, гьадинаб ихтияр улкаялда лъазабураб демократиялъ кьолеб бугони?

ХIасилукалам, демократия ва Ислам цадахъ хIалтIизабизе АК-партиялъе рес щун гьечIониги, дица абиларо гьел цоцада рекъезаризе бегьуларин. Амма, шаклъи гьечIого, шаригIат демократиягун цадахъ хIалтIизабизе кIоларин, дида бихьухъе».

Туркиялъул хIукуматалде данде чIарал гIадамал. Истанбул, 14 июнь, 2013
Туркиялъул хIукуматалде данде чIарал гIадамал. Истанбул, 14 июнь, 2013
Онур Бехрамогълуца абухъего Туркиялда рагIуе эркенлъи лъазабун бугониги, щивасул таваккаллъи гьечIин гьеб ихтияр тIубанго хIалтIизабизе. Недим Гюрселил къисматалъ гьеб якъинго бихьизабулеб буго. Хасго гьесде данде гьабураб ахирисеб ищ. Букулова Маринаца бицунеб буго:

Марина Букулова: «Гюрсель жавабчилъиялде цIан вукIана гьеб жиндирго тIехьалъул тIанчIазда гIадамазул динияб бичІчІи хIакъир гьабурадухъ. Гьеб жиндирго тIехьалда хъвадарухъанас Ислам диналъул цо-цо къанунал какулел ругин абун, цо-цо гIадамаз диваналде гIарз битIун букIана».

Турказул миллияб бичIчIиялъул хIакъалъулъ гьадимн бицунеб буго Недим Гюрселица.

Недим Гюрсель: Узухъда, буго миллияб бичIчIиялъул проблема. ГьанжелъагIан гьедегIан кIудияб кIвар кьолеб букIинчIо гьеб сулалалъе, Туркиялда бугеб курдазул ассимиляция гьабиялъул политика хIалтIизабун букIиндал.

Дун туркав вугин абизегIан, дун тIоцебесеб иргаялда дие бокьилаан абизе дун Туркиялъул гражданин вугин. Цого мехалъ дун вуго хъвадарухъан, ва дир рахьдал мацIлъун – турк мацI ккола.

Дица дирго асарал хъвадарула дирго рахьдал мацIалъ, гьединлъидал дун вуго гьеб мацIалъул вакил. Дица гIемерал соназ Франциялда гIумру гьабулеб бугониги, ва дирго диссертация паранг адабияталъул хIакъалъулъ хъван бугониги, дица турк мацIалъе хияналъи гьабичIо, дирго киналго романал, харбал, сапаразда гьарурал баянал турк мацIалъ хъван руго.

Гьединлъидал турк миллаталъул вакил хIисабалда гIадамаз дун къабул гьавизегIан дие бокьун буго дун турказул хъвадарухъан къабул гьави.

Туркия ккола динияб гуреб пачалихъ букIараб ГIусманияб къайсарлъиялъул ракьалда Ататюркица 1923 соналда бараб. Доб къайсарлъиги букIана гIемер миллаталъулаб ва гучаб. Гьединлъидал гьанжесеб Туркия ккола гьелъул ирсилаб пачалихълъун. Жакъа гьеб тарихияб хIужа ракIалде швезабизе байбихьана цIидахъан.

Дида ккола, гьелъие гIиллаги буго, щай щай гурелъул кемалист абулеб рагIул магIнаялъ ГIусманияб къайсарлъиялъул гьанжесеб Туркиялда бугеб тарихияб бухьен гьоркоса къотIула.

Ва гьелде данде баккараб реакция хIисабалда ГIусманияб къайсарлъи гьанжесеб Туркиялъул эбелаб пачалихълъун бихьизабулеб буго. Гьеб этникияб миллияб идентификациялъул суал гуро.

Гьанжесев туркав ккола ГIусманияб Къайсарлъиялъул ирсилавлъун. Хасго гьеб суалалда дица хъинтIана «Чияр ракь бахъарав»* абулеб дирго романалда».

(Гьаб интервью эфиралде хIадур гьабун буго Букулова Маринал кумекалдалъун).

----------------------------------
* «Чияр ракь бахъарав» абулеб романалда бицен унеб буго турказул СултIан МехIмед КIиабилеc 1453 соналда Константинополь шагьар бахъиялъул хIакъалъулъ. 2012 соналда гIурус мацIалде Букулова Маринаца буссинабураб гьеб роман «Иностранная литература» абулеб журналалъ халатаб сияхIалде (лонг-лист) гъорлъе босун букIана «Проза» абулеб номинациялда.
XS
SM
MD
LG