Ссылки для упрощенного доступа

Стамбулалда кьвагьи (мухIканлъи)


Стамбул бакьулъ полициязул бутIаялда аскIоб кьвагьи ккедал хун вуго, мухIкан гьарурал баяназда рекъон, цо полицияв лъукъун вуго анкьго чи, гьезулги цIикIкIунисел гIадатиял гIадамал кколел руго.
Стамбулалъул полициялъул нухмалъулев ХIусен Чапкиница журналистазе абун буго живго кьвагьизавулев террористас цин граната реханин полициялъул бутIаялде жанибе ва хадуб живго кьвагьизавунин.

Кьвагьи ккун буго Стамбулалъул СултIангъази абулеб европалъулаб бутIаялда.
БакIалъул телевидениялъул баяназда рекъон, кьвагьиялъул хIасилалда минаялъул тIох бортун буго ва гьелде гъоркье ккедал зарал ккун буго гIадамазе. Гьединго лъазабулеб буго кьвагьи живго чIвалес гьабун бугин. Гьеб хIужаялъе официалияб баян гьечIо. Кьвагьиялъул жавабчилъи жеги лъицаго тIаде босун гьечIо.
XS
SM
MD
LG