Политолог Фрэнсис Фукуямаца абулеб буго Россиялъул президент Владимир Путиницаги «Исламияб Пачалихъ» абулеб экстремистикияб гIуцIиялъги къасд гьабулеб бугин либералияб демократиялъе альтернатива базе, аммаила, гьеб чIобогояб хьул бугин.
Журналистикияб цIех-рех гьабулей ИсмагIилова Хадижат цIар арай мухбирлъун яхъана коррупциялъул хIакъалъулъ макъалаби хъван хадуб. Гьелъ какулеб букIана Азербайжаналъул тIадегIанаб тIалъи, гьелде ришватчилъиялъул гIайибал гIунтIизарулаго. Хасго гьеб сабаблъун тIадтараз кIудияб хIаракат бахъана гьелъул къадру хвезабизе, балъгояб къагIидаялъ батIи-батIиял видеохъвай-хъвагIаял гьарун.
КъватIабахъ кьвагьа-гIанхъи бахъулеб мехалда тIоцебесеб иргаялда къурбаналлъун кколел руго журналистал. Хасго гьадинаб ахIвал-хIал буго жакъасеб Украиналда. Исана 7-ялдаса цIикIкIарав мухбир чIван вуго гьенив. Цоцаде дандечIараб кIиябго рахъалъе нугIзал рокьун гьечIин, абулеб буго жиндирго лъазабиялда Европалда хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул ва рекъон хIалтIи гьабиялъул гIуцIиялъул вакилалъ.
Сергей Гуриев цеве хIалтIулаан Москваялда бугеб ЦIияб экономикаялъул мактабалъул деканлъун. 2013 соналда Россия тун, гьев ана Парижалде. Гьанже Гуриев хIалтIулев вуго доба бугеб Политикиял цIех-рехазул институталда. Эркенал пикраби ругел ва Кремлалъул авторитаризм какулел гIалимзабаздаго гIадин, гьесдаги тIадецуй гьабулаан Россиялъул тIалъиялъ.
27 июналда Украиналъул, Гуржиялъул ва Молдовалъул лидераз гъулбасана Евроцолъиялъулгун къотIи-къайял. Кинаб пайда бугеб гьелдаса гьел улкабазе ва кинаб букIине бегьулеб гьелде реакция Россияллъул?
ГIиракъалъул жанубияб рахъалда къеркьохъаназ туснахъалъул автоколонноялде гьужум гьабун, жаниве тIамурав гIага-шагарго къого чи чIвана. Полициялъул лъазабиялда рекъон къеркьохъаназда ва хъаравулчагIазда гьоркьоб бахъараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда гьединго чIван вугин тIаде кIанцIаразул чангоявги. Хужа ккана итни къоялъул радал Багдадалда скIоб бугеб шагьранухда. ТIокIаб мухIканлъи жеги рехсон гьечIо.
Украиналъул кризис кколаро гIицIго политикияб. Улкаялъе нахъ тIамичIого къваригIун буго экономикияб кумек, щайгурелъул экономикияб кризисалдасалъги Украина накабазде ккезабизе бегьулин рикIкIунеб буго гIемерисел экономистаз.
Гьалкъоязда Украиналъул тIадтараз амнистия лъазабун букIана гьениб халат бахъунеб дандечIеялъул гIахьалчагIазе. Амма итни къоялъул сардилъ гIага-шагарго 25 чи чIвана. Демонстранталги, низам цIунулелги. Нижер радиоялъул мухбирас къасд гьабуна гьадинаб зулмуялъе ккараб гIилла батизе.
БатIи-батIиял рохалилал тадбиразде халкъ хIалица бакIкIаризабулел улкаби гьедегIан гIемер гьечIо дунялалда. Туркменистан ккола гьединазул цояблъун.