Ссылки для упрощенного доступа

Украиналъе нух рагьана Европаялдехун...


27 июналда Украиналъул, Гуржиялъул ва Молдовалъул лидераз гъулбасана Евроцолъиялъулгун къотIи-къайял. Кинаб пайда бугеб гьелдаса гьел улкабазе ва кинаб букIине бегьулеб гьелде реакция Россияллъул?

Кинал къотIи-къаязул бицен гьабулеб бугеб?

Евроцолъиялъулгун ассоциациялъул политикияб къотIи-къай Киевалъ гъулбасун букIана 21 марталдаго. Рузман къоялда Брюсселалда гьелъ гъулбасана Европаялъулгун гъунцарал экономикиял гьоркьорлъаби гIуцIизе рес кьолеб «Гъваридаб ва гIатIидаб эркенаб дармил зонаялъул хIакъалъулъин» абураб къотIи-къай. Гьединалго къотIи-къаял гъулбасана гьединго Молдовалъги Гуржиялъги.

Киевалъулгун политикиябги экономикиябги къотIи-къаял гъулбасизе кколел рукIана ноябралдаго Вильнюсалда Евроцолъиялъул саммит тIобитIулел къоязда. Амма доб мехалда Москваялъул тIадецуялъе гIоло Украиналъул президент Виктор Януковичица ахирисеб моменталда инкар гьабуна къотIи-къай гъулбасизе. Россиялъ Крымалъул аннексия гьабун хадуб марталда Киевалъ ахир-къадги гъулбасана политикияб къотIи-къай.

Кинабха пайда букIинеб гьеб галиялдаса Украиналъе, Гуржиялъе ва Модовалъе?

БукIине буго экономикияб пайда. Гьел улкабазе нух рагьулеб буго 500 миллион чиясул Евроцолъиялъул базаралде.

КIиябго рахъалъ бигьа-гьабун жидерго базарал цоцае рагьулел рукIиналда бан, Евроцолъиялъ дагьлъизабизе буго дармил базархIакъ. Гьеб гали хIехьезе тIоцебесеб чанго соналъ захIматго букIине буго гьел улкабазе. Амма Евроцолъиялдаса импорталъул тарифал гьеб лъабабго улкаялъ дагьлъизабизе буго жибго Евроцолъиялъулалдаса чанго нухалъ тох. Гьелъ улкабазе рес кьезе буго конкуренциялъул «захIматаб» асаралдаса жидерго «захIматал» сфераби цIунизе. Евроцолъиялъ жиндирго базар Украиналъул къай-матахIалъе рагьизе буго анкьго сонида жаниб. Киевалъейин абуни, «жавабияб» галиялъе кьолеб буго 10 сон, автомобилал риччалеб секторалъени - 15 сонцин.

Тарифал гIодоре ккезари гуребги, Брюсселалъ кумек гьабизе буго гьел улкабазе жидерго продукциялъул къадар Евроцолъиялъул даражаялде борхизабиялъул рахъалдаги. Гьеб ккола гьезул продукциялъул коннкуренция хIехьеялъул ресал цикIкIинари ва Европаялъул базаралде нух къок гьаби.

Украиналъул экономикиял реформабазул суалазул рахъалдаса немцазул консультативияб къокъаялъул бетIер Рикардо Джуччица кIвар буссинабулеб буго бищунго хъачIаб контроль гьабулеб сфералде:

Роберто Джуччи: «Стандартазул рахъалдаса бищунго кIвар кIудияб сфера ккола квен-тIеххалъул. Щайгурелъул цо-цо продуктал росулеб мехалда, нужее бокьиларишха гьездаса нужер сахлъиялъе зарал ккечIого хутIизе. Гьединлъидал Евроцолъиялъул руго гIемер батIи-батIиял тIалабал квен-техалъул рахъалдаса хIинкъиялдаса цIуниялда хурхарал. Европаялде жиндирго продукциялъул экспорт гьабизе хьул бугел Украиналъул бокьараб компаниялда лъан букIине ккола гьеб продукция стандартазде данде кколеб букIине кколеблъи. Гьел стандартазул тIалабал тIуразаруни, гьелъул рес букIине буго жиндирго квен-тIехх киналгIаги тIокIал кагътал ракIаричIого Германиялда Британиялда яги Франциялда бичизе.»

Евроцолъиялъулгун гьарурал къотIи-къаязе гIоло гIодобе кколищ дармил даража гьел улкабаздаги Россиялдаги гьоркьоб?

Москваялъ гIамал гьабулеб букIана лъабабго улкаялде тIадецуй гьабун, гьел Таможенияб цолъиялде гъорлъе лъугьиналде гьесизаризе. Нагагьлъун гьел улкабаз Евроцолъиялъулгун ассоциация гьабиялъул къотIи-къай гулбасани, гьезул тIокIал ресал хутIизе гьечIин Россиялда эркенго даран гьабизеян, лъазабулеб букIана Москваялъ. Амма аналитиказ рикIкIунеб буго, бицен гьабулеб гьечIин Москваялъ хIакъал коммерциялъулал гIорхъаби чIезариялъулин, гьеб кколин Россиялъ жиндирго хъачIаб бербалагьи загьир гьабулеб куцин.

Европаялъул политикаялъул институталъул политикияй аналитик Аманда Полица абулеб буго, Украиналъ ва цогидал улкабаз Евроцолъиялъулгун эркенаб дармил къотIи-къай гьабиялдаса Россиялъулгун эркенаб даран гьабиялъе квал-квал хIакъикъаталдаги букIунарин.

Аманада Пол: «Гъваридаб ва гIатIидаб эркенаб дармил зонаялъул хIакъалъулъин» абураб къотIи-къаялъул гIахьалаб рахъ хIисабалда Россиялъулгун эркенаб дармил хIакъалъулъ къотIи-къай букIине бегьула ва гьеб данде кколеб, битIараб къагIида букIунаан. Амма баянаб жо ккола Москваялъ гIицIго Таможенияб цолъи тун цоги жо къабул гьабулеб гьечIони, щибха хутIулеб? Гьеб ккола Евроцолъиялъ гуреб, Россиялъ билъанхъизабулеб къагIида.»

Гьелъулго рагIабазда, лъабабго улкаялъул рес буго эркенаб дармил хIакъалъулъ къотIи-къай букIине Евроцолъиялъулгунги Росиялъулгунги цадахъго, хасго гьел киналго ТIолабго дунялалъул дармил гIуцIиялъул гIахьалал рахъал рукIин ракIалде босаниги.

Кинаб реакция букIунеб гьеб къотIи-къаялде Россиялъул?

Москваялъ бичIчIинабуна, гьеб галиялъе гIоло Киевалъе дармил гIорхъаби чIезаризе рукIин.

Россиялъул президент Владимир Путиница араб анкьалда Ставрополалда вукIаго лъазабуна, БахIсалцин рукIине рес гьечIеб жо кколин Украиналдаса къайялъул, квен-тIехалъул импорталъе нулалъул базархIакъ хутIузабизе бажарулареб жо гьечIолъиялда банин. Путинил рагIабазда, Россиялъ жибго цIунизе ккола Украиналъ гьабизе бегьулеб Европаялъул продукциялъул реэкспорталдаса Россиялъ биччалеб продукциялъул багьа-къадру хвезабунгутIиялъул мурадалда.

XS
SM
MD
LG