Виктор Янукович улкаялъул нухмалъуда вукIаго, Москваялъ кьезе ракIалда букIараб гIарцил иргадулал траншал щвечIого хутIизе бегьиялда бан, Цолъарал Штатазул ва Евроцолъиялъул лидераз гIамал гьабулеб буго Украиналъе экономикияб кумек гьабиялъе ресал ралагьизе.
ГIарцул кинаб къадар къваригIине бугеб Украиналъул цIияб хIукуматалъе улка рукIалиде бачиналъе, абураб суалаъе гьанжеги мухIканаб жаваб гьечIо. 20I4 соналдаса 20I5 соналде щвезегIан 35 милллиард доллар щвезе букIиналъул хьул бугин улкаялъулин, лъазабуна Украиналъул финансазул министрасул тIадкъаял тIуразарулев Юрий Колобовас 24 февралалда.
ЧIван къотIараб гIарцил къадар рехсезе Евроцолъиялъул хъулухъчагIи гIедегIулел гьечIо. Евроцолъиялъул экономикиял суалазул рахъалъан комиссар Олли Реница 23 фералалда лъазабуна, финасазул кумек нус-нус-миллион даллараз гурин, миллиардаз борцине ккезе бугин.
КъватIиселги жаниселги налъабазул 73 миллиард долларалдаса I2 миллиард доллар кьезе ккола Украиналъ гIицIго исана.
Кисса щвезе бегьулеб гIарац? Лъазабулеб буго къваригIараб гIарцил къадаралъул аслияб бутIа щвезе бегьулин Халкъазда гьоркьосеб валютаялъул фондалдаса. Гьелде тIадеги кредитал щвезе бегьулин Магърибалъул, гьелдаго гъорлъ Евроцолъиялъул улкабаздасагийин.
Цолъарал Штатазул финансазул министр Джек Льюца 23 февралалда Киев ахIана нахъ тIамичIого Халкъазда гьоркьосеб валютаялъул фондалъулгун кIалъа-басаял тIоритIиялде. Гьес гьединго лъазабуна, МВФалъ тIалаб гьарулел экономикияб реформаби тIоритIулеб мехалда, Вашингтон хIадураб бугин украиналъулазе квербакъи гьабизеян.
Гьединабго лъазаби гьабуна гьединго Британиялъул финасазул министр Джордж Озборницаги. Гьесул рагIабазда Лондон хIадураб буго Германия ва Франция гIадал ресал кIудиял Евроцолъиялъул улкабигун цадахъ Халкъазда гьоркьосеб валютаялъул фондалъул ва Евроцолъиялъул каналаздасахун Украиналъе кумек гьабизе.
Амма чIахIиял экономикикиял проектал гIумруялде рахъинабизе къваригIунеб Халкъазда гьоркьосеб валютаялъул фондалъул ва Магърибалъул кумек Украиналъе щвеялъе нух рагьулел тIалабал тIуразари бигьаяб масъала кколаро Киевалъе. Виктор Янукович нухмалъуда вукIараб мехалда I5 миллиард долларул кредиталда хурхун кIалъа-басаял унеб мехалдаги хъачIал экономикияб реформаби тIалаб гьабулеб букIана Украиналдаса. Гьеб фондалъ ва Евроцолъиялъ тIалаб гьарулел реформаби гуриш рукIарал дурусго Януковичица Евроцолъиялъулгун ассоциация гьабиялъул документ гъулбасизе инкар гьабиялъе аслияб гIилла. Гьелъул бакIалда гьес къабул гьабуна Москваялъул кумек. Гьединаб къагIидаялда гьес кьучI лъуна революциялъе.
Вашингтоналъул Петерсонил институталъул экономист Андерс Ослундица абулеб буго, киссан кумек букIаниги, халкъалъ захIмалъаби хIехьезе ккезе ругин.
Андерс Ослунд: «БакIалъулаб букIа, къватIиса букIа квербакъи ккола Украиналъ жиндирго гривна бихьулеб къагIидаялъ гIодобе ккезабизе ккезе бугин абураб. Гьанжеялдего гьеб гIодобе ккана. Гьеб нухда гьелъ бащдаб нух нахъ тун батила. Гьеб дагьалъги гъоркье ине ккола.
Цогидаб гали ккола бюджеталъул дифицит гIодобе ккезаби. Гьелъиейин абуни, къваргIуна пачалихъалъ хвезабулеб гIарцил къадар гIодобе ккезаби ва пайда кьоларел субсидиял дагьлъизари.»
Ахирисеб ккола гьединго промышленносталъе ва халкъалъе биччалеб тIабигIияб газалъухъ кьолел субсидияздаса инкар гьабийги.
Халкъазда гьоркьосеб валютаялъул фондалъул хIисабалда рекъон, Киевалъ субсиядиял хIисабалда хвезабураб гIарцил къадар бащалъулеб буго 20I2 соналда улкаялъул ВВПялдаса гIага-шагарго 7,5 проценталде. Гьеб ккола украиналъулазе Балтиялъул улкабазул яги Польшаялъул халкъалде данде ккун газ лъабго-щуго нухалъ учузго щун бугин абураб. Украиналъул цересел хIукуматал субсидиял дагьлъизариялъул галиялде инчIо, халкъалъе учузаб газалдаса махIрумлъи хIехьезе букIиналда щаклъун.
Гьанже суал ккола, бажари бугищ цIияб хIукуматалда МВФалъул ва Магърибалъул цIиял кредитазухъ газ хиралъиялъул кьогIаб дару гьекъезе кколеб букIиналда жамгIият божизабизе, абураб.
Халкъазда гьоркьосел финансазул институтал хIадурал руго украиналъе гIарцил кумек гьабизе улкаялда политикияб ва экономикияб божилъи баккиялъул мурадалда. Магърибалъул улкбазе гьеб кумек гьабизе бокьун буго Украинаялда демократия гIуцIиялъул ва гьеб Евроцолъиялде гIагарлъизабиялъул мурадалда.
Амма кредиторазда лъала гьединго, аслияб реформаби улкаялъул экономика рукIалиде буссинабиялъе къвариIгун букIин гуребги, гьелъие биччалеб гIарац кIудияб даражаялъул коррупциялъе гIоло кибе ккарабали лъачIого тагIине биччангутIиялъеги. Жакъайин абуни улкаялъул экономика аслияб къагIидаялда буго кинабгIаги божилъиялъе гарантияби гьечIебин, абулеб буго буго Брюсселалда бугеб Европаялъул политикаялъул централдаса аналитик Аманда Полица.
Аманда Пол: «Президент Януковичил режималъулгун гьай-гьай букIине кколаан хачIаб позиция. Щайгурелъул гьев вукIинчIо божилъи бугев чи. ЦIияб, гьанже гIуцIулеб бугеб нухмалъиялде балагьун, дида ккола Брюсселалъул цебегIадинаб хъачIаб позиция букIине гьечIин. Украиналъе къваригIуна реформаби ва гьеб гIарац гIицIго гьелъиеги хIалтIизабизеги ккола.»
Аманда Полица абулеб буго, Евроцолъиялъулгун гIорхъаби ругеб парахатаб божилъи бугеб Украина къваригIун букIиналъ Магърибалъул лидерал ине ругин Киевалъе кIудияб кIвар кьеялъул нухдасайин.
Аманд Пол: «Бросселалъул ва Евроцолъиялъул бербалагьиялде балагьун, дица абила, Украиналъ, нилъер мадугьалзабаз нахъ тараб нухалде балагьун, Евроцолъиялъ гьелъие кумек гьабизе жиндирго борчлъун рикIкIунеб бугин. ГIадамал хвана эркенлъиялъухъ ва европаялъулаб букIинеселъухъ. Гьез къарумлъи бихьизабун, нижер гIарац гьечIин абуни, дир пикруялда гьеб букIине буго квешаб сигнал.»