Хамиз къоялъул радакь Грозный шагьаралде гьабураб тIадекIанцIиялда сверун жеги хутIулел руго гIемерал суалал. Официалияб куцалда тIадекIанцIарал тIагIинарунин лъазабуниги гьеб хасаб операциялъул мухIканлъаби жеги кватIире загьир гьарун гьечIо.
Грозныялда 4 декабралъул сардилъ изну гьечIого яргъидгIуцIаразда ва низам цIунулезда гьоркьоб ккараб рагъулаб тунка-гIусиялъул хIасилалда, цересел баяназда рекъон, чIван вуго 10 полициявги, 9 тIадекIанцIи гьабуравги. Лъукъун вуго 28 полицияв.
Грозныялда 4 декабралъул сардилъ рагъулаб тунка-гIуси ккана изну гьечIого яргъидгIуцIаразда ва низам цIунулезда гьоркьоб. Шагьаралъул гIадамаз бахъараб профессионалияб гуреб видеоялда бихьулеб буго сардилъ гьенир кьвагьулел рукIарал кунчIулел гулбузул мухъал. Радал бахъараб видеоялда бихьулеб буго чанго рукъ бухIулеб. Нухмалъиялъ лъазабулеб буго кIиябго рахъалдасан ичIго чи хванин гьеб тунка-гIусиялдайин.
Нартил багьа гIодобе кколеб букIиналъ ва санкциял гьарун рукIиналъ гIодобе бортулеб буго гъурщил багьа. Амма абизе бегьула гьеб гьелъие цIияб жо гурин ва гъурщие стрессал цереги ккун рукIанин.
Гьел кIиялго лъабгокъойилъе лъугьун руго ва гьелде щвелалдеги гIемерал соназ жиде-жидер улкабазул нухмалъиязда рукIана. Амма гьезул гIаммал бакIал гьелдалъун лъугIулел гьечIо.
Интернеталда экстремистиял цо-цо сайтазда кьун буго Шималияб Кавказалда изну гьечIого яргъидгIуцIаразул лидерлъун вукIарав Доку ГIумаровасул ахирисеб абулеб видео. Гьелда гьес какулеб буго Эркенлъи Радиоялъул чачаназул хъулухъ ва ахIулел руго цоцалъ рукIарал рагIирекъонгутIиялги жалго тун гIаммав тушманасде данде цолъизе. Цолъун рукIарал Шималияб Кавказалда ругел яргъидгIуцIаразда гьоркьоб рикьел лъугьун букIана ГIумаровас «Имарат Кавказ» гIуцIулеб букIиналъул лъазабураб мехалда. Гьанжеги ракIкIулел руго гьел иргадулаб нухалъ рикьиялъул гIаламатал.
Россиялда щибай щуабилей ччугIужагIан росас юхулей ай гьей рокъоб зулмуялда гъоркь йигин лъазабулеб буго россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулез.
Россиялда тарихалда жаниб халкъалъ кидаго анекдотал ай къокъал кепал харбал ургъулаан тIадтаразул хIакъалъулъ. Гьездехун батIи-батIиял лидеразул бербалагьиги букIана батIи-батIияб. Масала, цо-цо баяназда рекъон, тIадтаразул хIакъалъулъ анекдот бицаралъухъ Сталинил заманаялда жанив тIамун вукIана 200 азаргоялдаса цIикIкIун чи. ГIемерал рукIана анекдотал Брежневасул хIакъалъулъ. Руго гьел Россиялъул президент Владимир Путинил хIакъалъулъги.
Шималияб Кавказалъул федералияб икълималда индустриалияб рахъ цебе тIезабиялда хурхараб хIукмуял къабул гьарун рукIана араб анкьалда Нальчикалда хIукуматалъул комиссиялъул данделъиялда. Гьезул сияхI кьолеб буго Россиялъул хIукуаталъул сайталда. Гьезда гьоркьоб аслияб бакI кколеб буго Шималияб Кавказалда хIалтIулел ругел заводал импорт хисулеб къайи гьабиялде сверизариялъул хIукмуялъ. Кинал заводал ругел Шималияб Кавказалда ва кинаб къайи гьабун гьезда бажарулеб?
17 ноябралда тIубана 25 сон Чехиялда ва Словакиялда 1989 соналъул «Бархатная революция» абун лъалел хиса-басиял байбихьаралдаса. Гьелъул хIасилалда Чехословакиялъул социялистияб республикаялда ахир лъун букIана коммунистияб режималъе.
Россиялда дагьаб цебегIан хIалтIизе байбихьараб «Спутник» абулеб цIиял харбазул агентлъиялъ лъазабулеб буго жидеца кьезе бугин «дунялалда кколеб бугелъе альтернативияб интерпретацияйин». Гьезул гьеб махсароги гуро.
«YotaPhone 2 дие гьабизеги тIадкIай кьун буго дица. Дир ракI чIараб буго гьедин нужецаги гьабизе букIиналда»,- гьедин лъазабун буго Чачан республикаялъул нухмалъулев Къадыров Рамазаница жиндирго микроблогалда (Tumblr.com). Гьелъие гIиллалъун ккун буго Россилъул президент Владимир Путиница Пекиналда россиялъул смартфон Китаялъул бетIер Си Цзиньпиние кьей. Кинал сайгъатал гьарулел улкабазул лидераз цоцазе ва щиб хадусан гьел сайгъатазе кколеб?
Араб анкьалда Россиялда ракIалде щвезарулел рукIана политикиял репрессиязул къурбанал. ЧIегIер баялъул тадбирал тIоритIулел рукIана улкаялъул анцI-анцI шагьаразда.
Ахираб заманаялда Москваялъул цо-цо къватIазда чIван руго гьезул цIарал кириллицалдаги латинницалдаги хъварал хъарщал. Навигациялъул цогояб система гIуцIиялъул мурадалда гьединан кIиго къагIидаялъ хъвазе ккезе руго киналго къватIазул цIарал 2018 сон щвелалде. Гьеб хIалтIи байбихьун бугин лъазабун букIана исана апрель моцIалда. Абулеб букIана къватIазул цIарал гIурус ва ингилис мацIазда хъван рукIине ругин. Амма щибха ккараб хIакъикъаталда?
РахIмуялъул акциязда гIадатияб халкъ гIахьаллъиялъул рахъалъ Россиялъул федерациялъул субъектазда гьоркьоб Дагъистаналъ ккун буго тIоцебесеб бакI. Гьединаб хасил бихьизабун буго Россиялда гIадатиял гIадамазул рахIмуялъул акциязул рейтингалъ.
Гьаб сагIатаялда дунялалъул информалатазул кIвар буссун буго аслияб куцалда кIиго рагъулаб конфликталде. Цояб буго «Исламияб пачалихъин» жинда абулеб экстремистияб къукъаялъ ГIиракъалда ва Сириялда гьабулеб рагъ, цогияб буго Украиналъул жанубиягун-машрикъалъул рахъалда рагъулаб конфликт. Цо-цо баяназда рекъон гьеб кIиябго конфликталда буго дагъистаниязул гIахьаллъи. Амма чияр улкабазда унел гьел конфликтазда гIахьаллъараздехун официалияб нухмалъиялъул бербалагьи буго батIи-батIияб.
Россиялъул Пачалихъияб Думаялде хал гьабизе босун буго ражи кванаялъе гIурхъаби лъезе бугеб «Ражи кванаялъул хIасилаздаса гIадамал цIуни» абураб къануналъул проект.
16 сентябралда Крымалъул тахшагьар Симферополалда бугеб татаразул Мажлисалъул минаялда цеве чIун вуго ярагъ борчарав ва камуфляж ретIарав анлъго чи. Гьезухъ рукIун руго автоматал. Гьединго гьебго бакIалде вачIун хъаравуллъи гьабизе байбихьун буго полициялъул 10 хIалтIухъанасги. Жидее щиб къваргIун бугебалиги гьез бицунеб букIун гьечIо.
БатIа тIезе бугищ Шотландия Британиялдаса? Гьеб суалалъе жаваб кьезе буго 18 сентябралда гьениб тIобитIизе бугеб референдумалъ. Гьаниб кьолеб буго гьеб референдумалъул ичIго аслияб бутIа.
Human Rights Watch (HRW) абулеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун халкъаздагьоркьосеб идараялъ къватIибе биччараб докладалда абулеб буго Россиялда ругел киналго сакъатал лъималазул 30 проценталъ гIумру гьабулеб бугин пачалихъиял лъималазул рукъзабахъин. Гьенибин абуни гьел зулмугун, жидедехун рокьукълъигун, изоляциягун дандчIвалел ругин. Human Rights Watchалъ рикIкIунеб буго гIемерисел лъимал тохтурзабаз нужеда гьезие кколеб хъулухъ гьабизе бажаризе гьечIинги абун гIадада ратIа тIезарун ругин жидерго улбуздаса.
Загрузить еще