1989 соналъул 17 ноябралда Прагаялда тIобитIулеб букIана тIалъиялъ изну кьураб студентазул акция. Гьелда студентаз ракIалде щвезарулел рукIана 50 сон цебе 1939 соналда нацистазул репрессиязул къурбаналлъун ккарал студентал. Доб мехалда Прагаялда къезабун букIана протесталъул акция ва чIван вукIана ичIго студент.
Гьел ракIалде щвезариялъул акциялде абуни рачIун рукIана студентал гурониги цоги гIадамалги ва гьеб акция бигьа гьабун сверун букIана хIукуматалде данде акциялде. ЛъагIалидаса цIикIкIун заманаялъ гьедингоги парахалъи букIинчIеб Чехословакиялда гьелъул букIана цIадулъе нарт тIураб гIадинаб асар.
Гьеб акция къезабизе рачIарал полицияз студентал риччалел рукIинчIо шагьар бакьулъе. Прагаялъул батIи-батIиял мухъазда полициязда ва студентазда гьоркьор ккарал тунка-гIусиязда къаба-кIутIун букIана 500-ялдаса цIикIкIун чиясда. Гьеб мехалдаго тIибитIана Мартин Шмит абурав студент чIван вугин абураб хабар. Хадусан гьеб гьереси букIин тIатаниги гьелъ жиндирго иш гьабуна. Студентазда цадахъ протесталъул акциязда рахъана цоги гIадамалги.
Хадусеб къоялъ оппозициониял къукъабаз гIуцIана цо идара-Гражданазул форум. Гьелъул лидерлъунги вахъана драматург ва диссидент Вацлав Гьавел.
Гьедин чанго анкьалъ халат рахъарал акциязул хIасилалда Чехословакиялъул коммунист партиялъул режим кIала-гъоркье чIвала. Михаил Горбачевас бетIерлъи гьабулеб Советияб нухмалъиги гьелде гьоркьобе лъугьунаро. Гьелъул гIаксалда Горбачевасул перестройкаялъ рагъаризарунин абизе бегьула Машрикъалъул Европаялда революциониял процессал.
Чехословакиялъул халкъалда гьоркьоб гьедингоги машгьурал рукIинчIел улкаялъул президент Густав Гусакица ва компартиялъул лидер Милош Якешица кIудияб дандечIей гьабичIого биччала кодоса кверщел ва 42 соналъ нухмалъуда букIараб коммунистазул режим реххула.
Тарихияб феномен хIисабалда «Бархатная революциялъул» Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалъе бицана чехазул тарихчи Павел Мюккеца.
Павел Мюкке: «РакIалде ккола бокьараб революциялде цереккун хIадурлъизе кIоларин. Лъиданиги ракIалде кколеб букIинчIо Чехословакиялда гьел хиса-басиял хас гьабун гьеб заманаялда ва гьединаб къагIидаялда ккезе ругин. Гьезде хIадураб букIинчIо коммунистияб тIалъиги хIадурал рукIинчIо диссиденталги. РакIалдаго гьечIого, гьел байбихьана цин студентаз ва хадусан кинаб букIаниги жамгIиябгун-политикияб гIумруялда гIахьаллъулел рукIинчIел гIадатиял гIадамаз».
Щайха Чехословакиялда тIалъи чанго анкьалда жаниб бигьаго рехизе кIвараб? Румыниялъул ва ГДРалъул режимазда цадахъ бищунго кьвараразул цояблъун рикIкIунеб букIиндал Чехословакиялъул компартиялъул политика.
Павел Мюкке: «Гьелъие букIана чанго гIилла. Коммунист партиялда жанибго доб мехалда цоцалъ къацандулеб букIана чанго батIияб чвахи. Гьелде тIаде журазе ккола экономикиял факторалги, 17 ноябралдаса хадуб гьеб киналдего тIаде жубазе ккола жамгIияб жигарги «къватIазул тIадецуйги». Компартиялъ цинтIаго хIалбилъулеб букIана гIемер гьечIел жидерго рахъ кколел данде ракIаризе, Прагаялде «халкъияб милиция» рехизе, балъгояб полициялъ тIиритIизарулел рукIана хIукуматалъул рахъ кквезе ахIулел петициял...Амма гьезул жо ккечIо. БакI-бакIазда гIадамаз байбихьана партиялъул билетал нахъе кьезе ва сон коммунистал рукIарал чIагIи жакъа Гражданияб форумалде гъорлъе лъугьунел ва революциялъул бутIалъун рахъунел рукIана».
«Бархатная революциялъе» 25 сон тIубаялда цебе чехазул «Тыден» абулеб анкьилаб газетаялъ гьабураб цIех-рехалда рекъон, гьез суалал кьуразул 61% рикIкIунеб буго улкаялда гIумру 25 соналъ цебе букIаралдаса лъикIаб бугин;
57% абулеб буго ахираб 25 соналъ улка кин цебе тIолеб букIараби бицинчIого жакъа къоялде ругел проблемаби рагIалде рахъинаризе кколин;
чехазул 82% разияб буго гьеб улкаялда гIумру гьабулел рукIиналда ва гьел чIухIулел руго жидерго улкаялдаса;
58% рикIкIунеб буго гьанжесел политиказул цебе коммунистияб режимгун ва хасал хъулухъалгун рукIарал бухьенал кIочене кколарин;
84% лъалеб буго 17 ноябралда улкаялда щиб кIодо гьабулеб бугебали.
Гьаб макъала хIадуриялъулъ гIахьаллъи букIана Ярослав Шимовасул.