Нальчикалда араб анкьалда тIобитIараб хIукуматалъул комиссиялъул данделъиялда рорхарал суалазда гьоркьоб букIана Шималияб Кавказалда хIалтIулел ругел заводал импорт хисулеб къайи гьабиялде сверизариялъул суал гуребги гьеб регионалда инвестициониял проектазе пачалихъияб гарантия гьабулеб система гIуцIиялъул суалги.
Кинаб къватIисел улкабазул къайи хисизе ккезе бугеб Шималияб Кавказалда ругел заводаз? Аслияб куцалда гьеб рагIула Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъул тIадкъаялда рекъон гьабулеб къайи. «Гидрометаллург», ОАО «Победит», «Терекалмаз», «Дагдизель» заводазда тIадкъазе рагIула гьеб хIалтIи. Улка цIуниялъул министерлъиялда, Дармил министерлъиялда ва «Ростехомалда» тIадкъалеб буго тIадехун рехсарал заводазда гьабизе бугеб къайи бичизесел бакIазул къадар цIикIкIинабизе.
Гьединго ракIалда буго Шималияб Кавказалъул регионазда радиоэлектронияб индустрия цебе тIезабизеги. Гьеб кинабго хIалтIи кин гIуцIизе бугебали бихьизабураб план кьезе ккола хIукуматалъул бетIер хисулев Алексадр Хлопонинил нухмалъиялда бугеб «хIалтIулаб къукъаялъехъе» чанго министерлъиялъги гьеб регионалъул бутIрузги февралалъул авалалде.
Нальчикалда рехсарал ва февралалда хIукуматалъул «хIалтIулаб къукъаялда» цебе лъезе кколеб план Дагъистаналда цебего гIуцIун бугин ва гьелда тIасан республикаялдаги, Москваялдаги чанго данделъигицин букIанин бицана Эркенлъи Радиоялъе Дагъистаналъул экономикиял суалазда сверун эксперт Андрей Меламедовас.
Андрей Меламедов: «ХIакъикъаталда гьел проектал церего гIуцIун руго. Гьел гIуцIун рукIана Украиналда кризис байбихьаралдасаго. ГIадамал гIабдалзаби гурелъул, гьезда ригьалдаго бичIчIана гьеб кризисалъул Россиялъе асар гьечIого хутIизе гьечIолъи.
Гьел программаби щибаб заводалъ гIуцIунги руго, республикаялъул индурстриялда хурхун министерлъиялъ гьел цо гIаммаб проекталдеги росун руго. Гьелда сверун чанго данделъи букIана МахIачхъалаялдаги Москваялдаги. Гьанже бицунеб хурхараб буго гьеб проект дагьабги камил гьабиялда. БатIи-батIияб даражаялъул хъулухъчагIигунги гьеб суал цебего дандбан буго. Гьеб буго гьезие лъикIаб гIарац тIезабизе бугеб рес».
ГIарацин абуни гьенибе дагьаб бичIчIазе гьечIин рикIкIунеб буго экспертас. Гьесул баяназда рекъон, къватIиса босулеб букIараб къайи бакIалдаго гьабизе ккани цо «Дагдизель» заводалъе хIажалъулеб буго 800 млн. гъурущ.
ЭР: Цо гIарцул гуреб гьеб къайи гьабизе бажари-бажарунгутIиялъул бицен гьечIебищ?
Андрей Меламедов: «Гьеб заводалъ жеги чанго сон цебего абулеб букIана жидеца гьарулел торпедоязул ишан босулеб алат къватIисеб пачалихъалда гьаби-гьеб битIараб гьечIин ва гьез жалго лъикIал лъугьун байбихьун букIана гьеб алат жидецаго гьабизе. Новочеркасск шагьаралъул университеталдаса гIалимзабазул кумекалдалъун гьезда гьеб гьабунги бажарун букIана. Гьанибго абизе ккола Дагъистаналда бугин Россиялдаго технологияб рахъалъ бищун лъикIаблъун рикIкIунеб компания «Русская радиоэлектроника». Украиналдаса гьеб бицен гьабулеб алат аналоговый букIун батани, нилъеразда бажарун буго гьеб дигиталияб гьабизе. Республикалда гьеб хIалтIуе гIураб гIелмияб ва техникияб потенциял буго».
Меламедовас бицухъе, цо «Дагдизель» гуребги Дагъистаналда Россиялъул улка цIуниялъул индустриялъе хIалтIулеб буго Гъизляралъул электро-механикияб заводги, гьелда концерн «КЭМЗ» абула. Украиналда кризис байбихьаралдаса гьелда бажарун буго Россиялъул аэропланал гьарулеб индустриялъе хIажатаб 10 проект тIаде босизе. Гьелги рукIун руго Украиналда гьарулел рукIарал проектал.
Гьединго Дагъистаналъул буго «Авиаагрегат» заводги. Дагьаб цебегIан Россиялъул улка цIуниялъул министр Сергей Шойгуца гъулбасана гьеб заводалда рукIинисел авиапилотал хIадур гьаризе тринажерал ричIчIазе изну кьолеб документалда.
Гьединал цо-цо бергьенлъаби рукIаниги гIаммаб куцалда дагъистаналъул индустриялда ахIвал-хIал гIемерго беццизе гIадинаб гьечIин бицана Меламедовас. Перестройка ккелалде республикаялъул гIаммаб жанисеб валовыяб хайиралъулъ гьел ва цоги заводаздасан бугеб пайдаялъ 50% кколеб букIун батани, гьанже кколеб буго гIицIго 7%.
Гьел бицен гьабурал заводаздаги хIалтIизабичIого чIун рагIула 8000 квадратияб метралда лъураб цIияб къайи (станокал). Гьебги бараб букIун буго заводазе кьолеб хIалтIи ай тIадкъаял гьечIолъиялда. Гьел заводазул нухмалъиязул гIарзги букIунеб букIун буго Шималияб Кавказалъул заводазе гьел тIадкъаял ургъунго кьолел гьечIолъиялда бан.
Нальчикалда бицен ккарал суалазда гьоркьор бищунго аслиял улка цIуниялъул суалал рукIанаги росдал магIишаталъул суалазулги бицен гьабунин гьениб. Гьелги хурхарал рукIанин гьеб рахъалъе гIарац биччаялда.
Гьеб киналъухъго балагьараб мехалда жинде ракIалде кканин санкциязул шартIазда цо-кIиго гуреб гIемерал соназ рукIине хIадурлъулеб бугин Россияйин абуна экономикиял суалазда сверун эксперт Андрей Меламедовас.