Цо-цо баяназда рекъон, жакъа Дагъистаналда гIумру гьабулеб буго лъабго ва цIикIкIун лъимер бугеб 70 000-гIан хъизаналъ. Гьединазе хIалтIизаризе ракьул бутIа кьеялда сверун суал борхун букIана гьал къоязда Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул данделъиялда.
Амма росабалъ гIумру гьабулел гIадамазул пикруялда рекъон, лъимал гIемерал хъизамазени кин гурин, гьанжего гьанже хъизан-рукъалде руссаразецин кьезе гIураб ракь гьечIо жакъа маг1арухъ