Дагъистаналда къойидаса къойиде зулму ва чIвай-хъвей цIикIкIиналъе батIи-батIиял, мех-мехалъ цоцада рачIел гIиллаби рихьулел руго социологазда ва жамгIиял идарабазда. ЦIех-рех тIобитIараб «Medium Orient» информагентствоя
«Caucasus Times.com» абураб сайталда рахъарал гьеб цIех-рехалъул хIасилазда рекъон, бищунго дагъистаниязул рахIат хвезабулеб суал буго хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул масъала. Амма гьелъие гIиллалъун тIоцебесеб иргаялда рехсолеб буго экономикияб ахIвал-хIал. ХIинкъи гьечIолъиялъул масъала бухьараб буго гIадамазул рукIана-рахъинал
Гьебго агентствоялъ 2005 соналъ тIобитIараб цIех-рехалда рекъон, динияб суал проблемалъун рикIкIунеб букIана 10 проценталъ, халкъазул гьоркьорлъабазул проблема цебе лъолеб букIана I6 проценталъ. Бихьулеб буго ахираб заманалда динияб проблема тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб букIин. Амма доб мехалъги бищунго кIудияб масъалалъун халкъалда бихьулеб букIана социалиябгун экономикияб ахIвал-хIал: хIалтIи гьечIолъи, гьитIинал харжал. Гьединазул къадар букIана 73 %.
Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъе жалго дагъистанияз кьолеб батIи-батIияб къиматалъухъ балагьарабго бихьулеб буго гьезда жидедагоги мухIканго гьеб суалалъе жаваб батун гьечIеблъи абун рикIкIунеб буго Дагъистаналъул гIелмияб централъул социолог ГIабдулагатов Заидица. Амма гьесул пикруялда рекъон, тIадехун рехсарал киналго масъалаби рарал руго тIоцебесеб иргаялда цогояб щулияб идеология гьечIолъиялда ва гьелда бухьараб лъайкьей ва тарбия кьей гьечIолъиялда.
ГIабдулагатов Заид: «ТIоцебесеб иргаялда дица халгьабилаан кин ва щиб малъулеб бугеб диниял цIалул идарабазда. КIиабизе дица халгьабилаан кин малъулеб бугеб дин светиял цIалул идарабазда. Щайгурелъул школабазда гьанже малъулеб буго дин, программаялда рекъон гьеб тасдикъ гьабун буго. Дица хал гьабун букIана школазда динияб дарсил тIахьазул. БитIараб бицани гьениб хъвараб жоялда дир ракI рекъечIо. Киналго гьел тIахьазда хъвараб жо гIелмияб рахъалдаса хъван гьечIо, гьеб буго добго доб исламиял идарабазда малъулеб дин. Гьебмехалъ батIалъи щибха ккараб диниялги светиялги цIалул идарабазул. Гьеб гуребги, дир ракI рекъолеб гьечIо школазда тарбия кьеялъул суалалда. Мисалалъе босани, рагъул героязул хIакъалъулъ школазда цIакъго дагьаб гурони малъулеб гьечIо.
Тарбия кин нилъеца кьуниги, гьеб гIумруялда данде кколеб гьечIони гьелъул кинабгIаги пайда гьечIо. Дир хIисабалда проблема буго либералияб демократия нилъер жамгIияталъе дандеккIунгутIия
Халкъалъул протесталда гъорлъе дин жубачIого хутIулеб гьечIо аслияб идеология хIисабалда. Бизнесменаздаса гIарац бахъулаго гьез абулеб буго жидеца исламалъе гIоло закагIат бахъулеб бугилан. Бокьараб иш, гьеб такъсир батаниги, диналда бухьинабулеб буго. ХIакъикъаталда динияб проблема гьечIо. Проблема буго социалияб. Цогояб идеология гьечIолъиялъ гьенибе дин жубазабулеб буго".
ЦIех-рехалда букIана рази ругищ нуж федералияб централъ Кавказалда гьабулеб политикаялдаса абураб суалги. 44 % гIадамал рази руго федералияб централдаса, 33 проценталъ разилъи гьечIолъи загьир гьабулеб буго. Амма хутIаразда кIвечIо къимат кьезе. Социологазул пикруялда рекъон, гьеб цIакъ кIудияб процент буго. Цересел соназда данде ккун, Кремлиялъ Дагъистаналда гьабулеб политикаялдаса рази гьечIезул къадар тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб буго.
Гьединго цIакъго гIемер цIех-рехалъулъ гIахьаллъараз рикIкIунеб буго республикаялда инсанасул ихтиярал хвезарулел ругилан. ГIадамазул гIумру цIунулеб гьечIо пачалихъалъ абун рикIкIунеб буго 48 проценталъ. Политикиял ихтияраздаса бищун гIемер хвезарулел руго рищиязул ихтиярал абун рикIкIунеб буго . Гьединазул къадар буго 37%. Республикаялда нухмалъиялъулъ гIахьаллъизе, пачалихъиял хъулухъазда хIалтIизе бугеб ихтияралдаса махIрум гьарулел ругилан рикIкIунеб буго 22% халкъалъ.
ГIаммаб къагIидаялъ цIех-рехалъул хIасил гьабурабго бихьулеб буго Дагъистаналда зулму хIалуциналъе аслияб гIилла букIин социалияб ахIвал-хIал ва гьелъул гIайиб Федералияб централда гIунтIизабулезул къадар тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб букIин.