Гьединго, цIакъго хIажалъи ккани гурони инчIого чIани лъикIаб букIинила Шималияб Кавказалъул цогидал республикабаздеги. Гьединаб лъазаби гьабиялъе гIиллалъунги рехсолеб буго Шималияб Кавказалъул республикабазда террактал гьариялъул хIинкъи цIикIкIараб букIин.
Гьайгьай, гьеб лъазабиялде кIвар кьечIого течIо Шималияб Кавказалда ругел гIемерисел республикабазул нухмалъулез. Масала, жиндирго «Твиттералда» чачаназул бетIер Къадиров Рамзаница гьадин хъвалеб буго: «Дица ракIчIараб божилъигун лъазабулеб буго Англиялдасаги хIинкъи гьечIеб бакIлъун Чачанлъи кколин абун».
Гъалгъазул нухмалъулев Евкуров Юнус-бекицайин абуни лъазабуна жинца тIолабго дунялалдасаго туристал ахIулел ругила республикаялде гьаниб бугеб парахатаб хIал нужерго беразда бихьун букIине. Гьединабго пикру загьир гьабулеб буго Старополь мухъалъул губернатор Зеренков Валерийицаги.
Дагъистаналъул парламенталъул депутат Давдиев Камилил рагIабазда рекъон, Великобританиялъул МИДалъ гьединаб лъазаби гьабун рагIула Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIалги лъазабичIого ва кинаб бугониги хIужаги кьочIое босичIого.
Гьеб лъазаби кьучI гьечIеблъун рикIкIунеб буго гъарачазулгун черкесазул Халкъияб Мажлисалъул депутат Токов ГIабдулагьицаги ва гьесул пикруялда рекъон гьеб кколеб рагIула Россиялде данде гьабулеб провокациялъун.
Шималияб Кавказалъул цогидал республикабазда гьоркьоб Дагъистанги ккола туризмалде кIвар кьолеб ва МугIрузул улкаялде рачIине бокьаразе шартIал чIезариялъе хIалтIи гьабулеб республика. Амма гьединал лъазабияз цохIо Шималияб Кавказалъул республикабазде гуребги тIолабго улкаялдего рагIад реххизабулин рикIкIунеб буго Дагъистаналъул туризмалъул агентствоялъул нухмалъулев ГIисаев МухIамадица.
ГIисаев МухIамад: «Гьел рачIунин яги рачIинчIогойин гьез гьабизе жо гьаниб щибго гьечIо. Туризм цебетIезабизе ккола нилъерго халкъалъе мунпагIат букIунеб хIалалда. КъватIисел улкабаздаса рачIунезул чороклъи гьаниб нилъее хIажат гьечIо».
ЭР: Дагъистаналде туристал рачIунгутIиялъе гIилла гIумруялъе хIинкъи букIиналда барабищ бугеб яги туристазе рекъарал шартIал гьечIолъийищ?
ГIисаев МухIамад: «Аслияб гIилла буго букIине кколеб инфаструктура ва жанир чIезе санагIатал бакIал гьечIолъи. Гьел шартIал нилъеца чIезаруни, добасаги босун Китаялъулаб къед нилъеда цебе баниги, нилъехъе рачIунезул къадар тIадеялдаса тIаде цIикIкIине буго».
ЭР: Инфаструктура букIинабиялде кьолеб кIварго бугебищха?
ГIисаев МухIамад: «Буго. Ниж тIаделъун руго федералияб программаги гIуцIун, гьеб рахъ цебетIезабиялде. Амма гьединал лъазабиял руго кидаго гьарулел рукIарал ва гьаризеги ругел жал. Масала, нилъераз абула доба Мисриялда рагъ бугин, доре инчIого чIани лъикIаб букIинилан. Цогидаз нилъер гьаниб ахIвал-хIал лъикIаб гьечIин абула. Гьеб буго гIарцуе гIоло гьабулеб рагъ. ГьабсагIат бугеб ахIвал-хIал дагьабго парахалъарабго, бокьарав чи вачIине вуго нилъехъе сундухъго балагьичIого».
Гьадинаб гара-чIвари ккана нижер Дагъистаналъул туризмалъул агентствоялъул нухмалъулев ГIисаев МухIамадилгун.
Гьебго масъалаялда тIасан хабар ккедал, нижергун гара-чIвари ккарал гIадатиял гIадамаздаги бихьулеб буго республикаялда ва гIамм гьабун босани Шималияб Кавказалдаго туристал рачIиналъе ва гьез хIухьбахъи гьабиялъе санагIатал щартIал регионалда гьечIеблъи. Гьеб рахъ роцIцIинабуни, Шималияб Кавказалде рачIунел туристазул къадар цIикIкIине бугила, гьаниб ахIвал-хIал хIалуцараб бугонигицин абун рикIкIунеб нижергун гара-чIвари ккараз.