Дагьал цересел къоязда Би Би Си компаниялъ тIибитIизабун букIана Зубейдат Царнаева Америкаялде ине йигин абураб баян.
Зубейдат Царнаева: «Дун ячIани, Жовгьарие мекъи ккезе бугин абуна».
Лъица гьедин абурабали Зубейдат Царнаевалъ баян гьабичIо, жидехъ гьединан ахIулеб бугилан абун гурони.
Байбихьудаго гIадин жакъаги абулеб буго гьелъ жиндир васал гIайибиял гьечIилан. ГIицIго Тамерлан диналде вуссун вукIин бугила дозие дандеккечIеб жо.
Зубейдат Царнаева: «Амма гьедин букIунилан, чи чIвазе ихтияр гьечIо лъилниги. Гьединго лъилниги ихтияр гьечIо чорокал, политикиял хIаязда гъорлъе щивниги цIазе».
Кавказиял Америкаяда гIемер ругелъул, гьединлъидал гьезде гуреб, хас гьабун Царнаевал гьединаб ишалда гъорлъе ккеялъе гIилла гьикъана Зубейдат Царнаевалда. Гьелъ ЭР-ялъе суал кьуна гьединал, цебетIураб лъаялъулги гIамал-хасияталъ
Журналистаз хъвалеб буго гьанжеялдаса хадуб Зубейдат Царнаева Америкаялде ячIани, гьей туснахъ гьайизе рес бугилан. Гьез рехсолеб буго доя гIумру гьабулеб заманалда тукадаса къайи бикъиялъул.
Зубейдат Царнаева: «Иш унголъунги гьез абухъе букIарабани, дун киданиги йиччалароан Америкаялдаса къватIие. Кутакалда кIвар кьун хал гьабулаан гьеб ишалъулги. Гуро, гьадингосеб жо буго, бицинегIасеб жо гьечIо гьениб. Гурони щайха дун доя парахатго гIумру гьабунги тарай, щибго квалквал гьечIого къватIиеги йиччарай? Щай гьанжелъагIан, гьабщинаб мех инегIан тараб гьеб иш, цIех-рехги гьабичIого? Щай?».
Кинаб букIаниги ишалда сверухъ ахIи-хIур бахъани, цадахъго цогидал жалги рехсезе лъугьунин гьезин абуна Зубейдат Царнаевалъ.
Бостоналда гьеб теракт Царнаеваз гьабиялда щаклъи бугилан хабар баккараб заманалъ прессаялда тIиритIун рукIана Чачан Республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировас загьир гьабунин абураб пикру. Масала, эбелалъул гIайиб бугин гьенибин абун бугила гьес.
Гьелда бан Зубейдат Царнаевалъ жаваб кьолеб буго лъица щиб абурабали, президентас абун батаниги, цогидаз абун батаниги, щивас Аллагьасда цебе кьелила жаваб.
Туснахъалда Жовгьарица гьабсагIаталда цIалулеб рагIула гIарабалдаса таржама гьабураб Къуръан.
Зубейдат Царнаева: «Жовгьарица гьарун буго жиндихъе туснахъалде Къуръан босеян. Гьесул ихтиярал цIунун дозги бачIун буго гьеб. Амма хадубккун щиб жо доз гьесие хIадурулеб бугебали щибха лъалеб. Нилъеда лъаларелъул нилъее зарал къваригIарал чагIазда ракIалда щиб бугебали. Жиндие кумек гьабеян рахъ-рахъалде ахIи бачIого, Жовгьарица кумек Аллагьасдаса гьарулеб буго. Гьединго дицаги гьарулеб буго Аллагьасда. Дун гIицIго гьеле гьеб божилъиялде мугъчIвайги гьабун чIун йигилан бициндал, гIажаиблъун хутIула Америкаялъул журналистал. Уйин абула дица, дун чIухIарай йигин, дида иман лъун букIиналъ. Аллагьасе рецц, дие гьединаб божилъи лъицаниги кьечIо, ТIадегIанас гурони. Иманги диде рещтIана исламияб гуреб пачалихъалда йикIаго. ХвезегIан гьеб нухдаса дун таризайизе лъиданиги кIвезеги гьечIин абула дица журналистазда. Кинин гьедин букIунебин чIола гьел. Гьединлъидал, дица абила дир рахъкколеб бугин дунялалъго, амма бищунго кIудияб квербакъи Аллагьас гьабулеб бугин, гIицIго ТIадегIанас кьолеб бугин дие къуватилан».
Жовгьар Царнаевасе диван Америкаялда 10 июлалда гьабизе буго.