Россиялъул хIукуматалъул аппараталъул нухмалъулесул ва вице-премьерасул хъулухъалдаса эркен гьавун вуго Владислав Сурков. Гьес гьединго нухмалъи гьабулеб букIана «Сколково» фондалъе кураторлъиги. Сурков нахъе гьавиялъул буюриялда гъоркь гъул басана 8 маялда президент Владимир Путиница. Кремлалъул сайталда кьураб документалда абулеб буго Сурковас гьеб хъулухъ жиндиего бокьун толеб бугилан.
Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас «Интерфаксалъе» абун буго Владислав Сурков нахъе иналъул ва ЦIех-рехалъул комитеталъул официалияв вакил Владимир Маркингун гьесул букIараб рагьараб полемикаялъул щибниги гIахьалаб жо гьечIин.
Гьеб дагIба хурхараб букIана «Сколково» фондалда.
1 маялда Лондоналъул экономикияб школалда кIалъалаго Сурковас чанго хъачIаб рагIи абун букIана «Сколковоялда» сверун чанго коррупциялъул ишалъул цIех-рех гьабулеб бугеб гьеб комитеталъул рахъалъ. «Сколковоялъул» рахъалъ хехал лъазабиял гьаричIого, къануналде данде кколарел ишал ратани, цин гьелги чIезарун, хадур кIалъаян абураб магIнаялъул калам гьабун букIана гьес.
Чанго къоялдасан «Известия» газетаялда кьун букIана ЦIех-рехалъул комитеталъул реакция. КъватIисеб улкаялдасан гьединал «кучIдул» ахIи рекIее гIун букIинчIо рехсараб комитеталъе.
Исана сон байбихьаралдаса «Сколково» фондалъул чанго нухмалъулесда тIад рагьун букIана такъсир гьабиялъул иш. ГIелмияб комплекс цебе тIезабизе биччараб гIарац цоги хIажалъабазе хвезабунин абураб гIайибги гIунтIизабун такъсир гьабиялъул иш рагьун букIана февралалда «Сколковоялъул» финансазул департаменталъул бетIерлъун вукIарав Кирилл Луговцевасда ва фондалъул кумурукгун-финансазул компаниялъул генералияв директор Владимир Хохловасда тIад. Гьезда гIунтIизабулеб буго 24 млн. гъурущ бикъиялъул гIайиб.
Апрелалда гIемераб гIарац хвезабиялъул гIайибги гIунтIизабун гьединабго иш рагьун букIана «Сколковоялъул» вице-президент Алексея Бельтюковасда тIад. Гьесда гьединго гIунтIизабулеб буго къануналде данде кколареб куцалда Думаялъул депутат Илья Пономаревасухъе лекциязухъ ва гIелмиял хIалтIабазухъ 750 азарго доллар кьеялъул гIайибги.
«Коммерсант» газетаялъул бетIерав редактор хисулев Глеб Черкасовас абуна Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалъе хIакъикъаталда щиб ккун Сурковас гIарза хъварабали лъалеб гьечIин, амма Сурков вукIанин –бренд. Гьев живгоги вукIанин чи ва жив тараб хъулухъги гьес къувалъизабулаанин. Гьединлъидал, хIукуматалдаса гьев нахъе ин-гьеб бугин гьесул аппараталъулаб къуваталда кьаби щвезабийин. Улкаялда гьединги дагьал ругин политикияб ва экономикияб хIалбихьи бугел гIадамал ва Медведевасул хIукуматалда гьел тIадеги дагьлъулелги ругин рикIкIунеб буго Черкасовас. Гьеб киналъулго Медведевасеги щибго лъикIаб жо бихьулеб гьечIо гьесда.
ГIакълу бугел чагIи хIукуматалдаса нахъе унел ругин. Путинида сверун ругел чагIазул бищунго гIакъилал рукIанин Алексей Кудринги Владислав Сурковги гьанже гьел цогияздалъун хисулел ругин абуна политолог Владимир Прибыловскияс. Гьел рукIанин «Путин.01» проекталъул чагIи Медведев вугониги гьечIониги, Кремлалда Сурков хисарав Вячеслав Володин вугин «Путин. 02» проекталъул чиян рикIкIунеб буго политологас.
Гьесул пикруялда нухмалъиялъул элитабазда рикьел лъугьунеб буго, гьебги аслияб къагIидаялда идеологиялда бараб. Сурковас рахъ кколаанин дагьаб тамахаб политикаялъул, Володиница абуни кьварарал къагIидабазул кколин. Гьеб бугин кверщалие ва финансазе гIоло гьабулеб рагъ. Гьебги тамахаб нухмалъигун пропагандаялдаса кьварарал лъазабияздехун босараб нухин рикIкIунеб буго Прибыловскияс.
Сурков вукIанин Путинил чи ва гьесие бокьун букIанин премьерлъун Медведев вукIине. Медведевасе гьев вукIанин гIагардисев чи, Путиние гьев вукIанин ритIухъав лагъин абуна Прибыловскияс Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалъе.