«Къватисел улкабазул агент» хІисабалда регистрация гьабичІони, «Голос» ассоциация къай тІалаб гьабизе буго Россиялъул юстициялъул министерлъиялъ. Гьедин лъазабуна информациялъул алатазе Россиялъул юстициялъул министр Александр Коноваловас. Гьелда цебе гьеб коммерциялъул гуреб гьуцІиялда лъуна лъабнусазарго, гьелъул нухмалъулей Лилия Шабановалда – нусазарго гъурщил гІакІаби.
Инсанасул ихтиярал цІунулез ва экспертаз гьеб хІужаялъе къимат кьолаго абулеб буго, гьеб кколин Владимир Путинил иргадулаб иннаугурациялда хадуб цІияб къуватгун гражданияб жамгІияталде гьабулеб гьужумалъул хІасилин.
Журналистазулгун букІараб гара-чІвариялда «ГІолосалъул» бетІер Шибановалъ лъазабуна, жидер гІуцІиялъе къватІисан гІарац бачІунарин ва гьелъул хІаракатчилъиялъе кумек гьабулеб бугин гІицІго россиялъулаз. Гьединлъидал Юстициялъул министерлъиялъул хьвада-чІвадиялъ бихьизабулеб бугин «кинаб къануниябгуреб гІатІиялъиялда нилъеца гІумру гьабун бугебали».
Лилия Шибанова: «Коновалов хІалтІулев гурев вугев. Гьев, абизе бегьула, Кремлалъе яги лъие букІаниги цогидазе жиндего щолеб хинкΙалъул налъи нахъ буссинабулев вугин. Гьев живгоги чІезавизе кколаан диваналда цеве, амма кинха гьеб гьабилеб, Россиялда гьечІелъулха гьединаб мурадгун хитІаб гьабизе бегьулеб цогІаги инстанцияго.»
Щиб кколеб «Голос» ассоциация ва щай гьеб къазе бокьун бугеб россиялъул нухмалъиялъе? «Яблокоялъул» нухмалъулев Сергей Митрохиница жиндирго партиялъул сайталда бахъараб макъалаялда хъвалеб буго, «Голосалде» гьединаб кІвар жакъасел тІадтараз биссинабулеб букІиналда нахъ жинда щибниги гІажаибаб жо бихьуларин, хасго гьелъул хІаракатчилъи нухмалъиялъул бищунго «унтулеб бакІалда» хъвалеб букІиналда банин.
Москваялдаги регионаздаги анцІгоялдасаги цІикІкІун соналъ ассоциациялъ тохаллъи гьабулеб буго гьаркьал кьеязул. Митрохинил пикруялда, парламенталъ хадур-цере къабул гьарурал конституциялде данде кколарел къануназул тІоцебесеб къурбанлъун «Голос» бищун букІин ккола рищиязда макру-хІилла гьабулеб букІиналъе ва жибго нухмалъи легитимияб гьечІолъиялъе баянаб нугІлъи.
Партиялъул бетІерасул рагІабазда, киналгІаги далилал рачинчІеб, гІакІаби кьабиялъул магІна гьечІеб диваналъул хІукмуги жибго «къватІисел улкабазул агент» абураб терминги ккола россиялъул диваналъул системаялъул сталинил тайпаялъул жакъа бугеб гьумер.
«Голос» ассоциациялъул нухмалъулей хисулев Григорий Мелконянцица абулеб буго, улкаялъул тІадтаразул ццим бахъун бугин нижеца гьанжелъезегІан гьабураб хІалтІиялъе гІолойин. Амма, гьелдасанги цІиккун гьел хІинкъун ругин перспективаялда нижеца гьабизесеб хІалтІудасайин. Цере ругин цІакъ кІвар кІудиял рищиялин, абулеб буго гьес.
Григорий Мелконянц: «Дир пикруялда, гьеб кинабго тІоцебего хурхараб буго "Голос" цІакъ къадруяб, авторитет ва асар кІудияб гІуцІи букІиналда. Улкаялда жаниб гуребги, къватІисел пачалихъаздаги. Россиялда рищиял унел къагІидаялда хурхараб информациялда божилъи буго халкъазда гьоркьосел гІуцІиязул. Нижер информациялдаса пайда босула экспертазул къокъабаз. Нухмалъиялъе ракІалъе гІолеб батиларо, нижеца лъиданиги бачІеб, хІакъикъаталде данде кколеб информация тІибитІизабулеб букІин.
Нижеде данде хІалтІизарулел руго цІакъ гІемер инструментал. Нижехъе рачІана я магъалабазул хъулухъалъул, юстициялъул министерлъиялъул, прокуратураялъул, гІемер цоги батІи-батІиял котроль гьабулел идарабазул хал гьабулел хІалтІухъаби. Гьезул цІехх-реххаз нижее хІухь цІазе заманцин толеб букІинчІо.
Дир пикруялда, гьеб ккола пачалихъиял хъулухъчагІазе, гьелго рищиязул фальсификаторазе нижер гІуцІи хутІизе бокьун гьечІолъиялъул гІаламат. Хасго нижер хІалтІи гьезие ракІалъе гІезе гьечІо 8 сентябралда, рищиязул гІаммаб къоялда гьаркьал кьолеб мехалда, Пачалихъиял Думаялде ва І9І8 соналда рукІинесел президентасул ва бокьарал цогидал рищиял тІоритІулеб мехалда.
Гьелдаго цадахъ, нижеда лъала гьел рищиязда хадуб хал кквезесел гІадамазе ва нижер ассоциациялъул нухмалъулезе бугеб хІинкъиялъул хІакъалъулъги. Амма гьедин букІаниги нижер планазда гьечІо нижерго хІаракатчилъи чІезабизе. Гьелде тІадеги нижер планалда буго гьаркьал кьолеб мехалда, гьаркьал риккунеб мехалда къанунал хвезариялъул хІужжабазул фиксация гьабулел нижер хъулухъалъул цІиял ресал хІалтІизаризе.
Нижер планалда буго гьаркьал кьолел бакІазда хІалтІизе, активистал ругьун гьариялъул тадбирал тІоритІизе. Кинаб къагІидаялда гьеб кинабго жо гІумуруялде бахъинабизе бугебали нижеца баянлъизабизе буго жиндир заманалда."
Нагагьлъун «Голос» хІакъикъаталдаги къани, жидеца цІидасан регистрация гьабизе бугин цогидаб коммерциялъулаб гуреб гІуцІи хІисабалдайин лъазабулеб буго ассоциациялъул бутІруз. Шибановалъ лъазабуна, ассоциациялъ жибго киданиги рикІкІине гьечІо «къватІисел улкабазул агентлъун». Гьелъие гІоло гьеб къазеги бегьулин рикІкІунеб буго гьелъ.
Лилия Шибанова: «Юстициялъул министерлъиялъул хьвада-чІвадиялде балагьун, хІакъаб жо, ниж къазе руго. Гьеб къаялде данде чІезе нижеда кІолеб жо гуро. Амма гьединабго цІияб гІуцІи рагьиялъухъ ниж къеркьезе руго. Бокьараб гІуцІиялъул бугогури гьединаб ихтияр.»
ГІемерисел экспертазул пикруялда, россиялъул нухмалъиялъ ахирисеб кІиго соналда жаниб гьарурал галаби дандразе бегьула, медицинаялъул термин хІалтІизабун, конвульсиязда. Гьеб ккола гражданияб жамгІият, кинаб гьеб батаниги, биххизабиялъе къануниял къагІидаби ратІичІолъиялъ, Кремлалда хасал къагиидаби ургъиялъул хІассил.
Григорий Мелконянц: «Дида ккола Россиялда гражданияб жамгІияталъул букІинесеб цІакъ лъикІаб бугин. Гьеле гьеб тІадецуялъ дурусго гІадамал гьесизарула дагьалъги жигараб хІаракатчилъиялде, гьелъ гражданияб дандечІеялде гьесизарула гІемер гІадамал. Гьелде балагьун, нилъер пачалихъалъул нухмалъиялъ жиндиего квешлъи гьабулеб бугин абизе бегьула.
Нижер "Голос" ассициация босани, гьелъ кумек гьабулеб бугин абизе бегьула нижер гІуцІи машгьурлъизабиялъе. Гьелъин абуни, нижее ресал кьолел руго рищиязда хадуб хал кквеялъе улкаялда жаниб гІарац бакІаризе. Гьадин балагьани, цо рахъалъа россиялъул нухмалъиялъ гІамал гьабулеб буго нижер дискредидтация гьабизе, цогидаб рахалъа - кумек гьабулеб буго ниж рукІин гІемер гІадамазда лъазабизе. Халатаб перспектива босани, дица рикІкІуна, нилъ бергьине ругин коррупциялдасаги, къанунал хІалтІунгутІиялдасанги, цогидал сурукъал гІунІгутІияздасаги. Нилъер ахир-къадги букІине бугин эффективияб гражданияб жамгІиятин.»
ЭР. Амма, нилъее бищунго кІвар кІудияб жо ккола гІагарисеб перспектива. Бугищ гьелда нилъер дагьалъгІаги ракΙ боххизабизе багьана рехсезе бегьулеб хІакъикъат?
Григорий Мелконянц: «Къокъаб перспектива босани, ракІ боххиялъе щибниги гьечІо. Щай? Щайгурелъул руго ахирисеб заманалда къабул гьарурал гІемер къанунал жидерго вахІшияб хасият тІубанго гьанжеги бихьизабичІел. Гьанжеги гьел хІалтІизарулел гьечІо. Амма гьел руго гІуралъ репрессиявиял. РатІа чІарал гІадамал хІинкъизаризе ккани, рехсезе бегьула, пачалихъалъе хияналъе гьабиялда хурхараб къануналда гьабураб хиса-баси, бугътан лъеялъул къанун ва цогидал. Жалго рахъарал яги хисизарурал къануназде балагьунцин бихьулеб буго кибехун нилъер нухмалъиялъ гали босулеб бугебали. Гьелъ босараб курс буго хурхараб гражданияб жамгІият накабазде ккезабиялда хурхараб.
ХІинкъиялде гъорлъе ккун буго коммерциялъул гуреб сектор. Гьанже гьелде пачалихъиял идарабазу гьабулеб буго вахІшияб тІадецуй. Абизе бегьула гьеб махрумлъанин халкъазда гьеоркьосеб материалияб квербакъиялдасайин. Щайгурелъул цІиял къануназда рекъон, гьезда бажаризе гьечІон къватІисан гІарац босизе. Къануназда хиса-басиязе гьариялъул гІаламат нилъеда гьанжего бихьулеб буго, хасго, митингазда гІахьаллъиялъе гІоло туснахъалде реххиялъул шансал гІемер нухалъ цІикІкІун рукІиналъ. Добго Москваялда Болотная майданалда ккаралда хурхун туснахъазде реххарал гІадамал росе мисалалъе!
ГІагарисеб заманалда кинаб букІаниги ракІалъе гІолеб хьвада-чІвади нухмалъиялъул букІиналде балагьун чІей, гьеб гІададагосеб жо ккола. Хаду-хадуб гьелъул галаби хурхарал рукІине руго коммерциялъулал гурел гІуцІиял къаялда, гьезул лидеразда, гражданиял хІаракатчагІазда тІад такъсириял ишал рагьиялда. Гьез хадурги чІезаризе руго гІорхъаби данделъиязул эркенлъиялъул рахъалдаса. Гьелеха, гІагарисеб заманалда гьединаб негативияб хасияталъул история цІебетІолеб букІине бугин ккола дида."
Нижер программаялда «голос» ассоциация босун буго мисал хІисабалда, гІицІго цІиял репрессиявиял къануназул тІоцебесеб къурбан хІисабалда. ХІакъикталдайин абуни, пачалихъиял идарабазул тІадецуялда гъоркь ругел гІемер гІуцІиял тагІине бегьула россиялъул политикияб сценаялдаса, россиялъул тІадтаразул репрессивияб логикаялда реъкон историкияб бер гирулеб бугониян, абулеб буго Мелконянцица.
«Human Rights Watch» гІуцІиялъул россиялъул бутІаялъул нухмалъулей Татьяна Локшинаца Москваялда тІобитІараб пресс-конференциялда лъазабуна, россиялъул тІадтарал гьанже чанги магІна гьечІел галабаздейин. Гражданаияб жамгІият тагІинабиялъе гьез гьанже саниятариялгун медицинаялъул къувталцин журазарулел ругин жидерго политикияб импотенция бихьулеб букІиналда банин.
Татьяна Локшина: «Гьанже нилъеда бихьулеб буго хал-шал гьабиялъул агрессивияб кампания. Гьеб унеб буго кинабго улкаялда. Нус-нус хІукуматалъул гурел, коммерциялъулал гурел гІуцІиязул хал-шал гьабуна прокуратураялъ, Минюсталъ, магъалабазул идарабаз, цо-цо бакІазда цІаялдаса цІунулел инспекцияз, санитариял инспекцияз. Цо-цо гІуцІиязде гьаруна магІна гьечІел, гІантІал, абсурдиял тІалабал. Мисалалъе, гІуцІиялъуk киналго хІалтІухъабазе аланж унтиялдаса цІуниялъе вакциянация гьабиялъул далилал загьир гьариялъул. У-ха, гІуцІиял гІадамал къабул гьарулел рукІунаришха, бегьуларо гури жамгІияб сахлъи хІинкъиялде гъоркье кІкІезабизе. Цогидаб гІуцІиялъ лъазабуна, жидедаса тІалаб гьабунин флюроографиялъул хІассилал, туберкулез гьечІолъи бихьизабизелъунин.
Дие бокьун буго кІвар буссинабун абизе, Россиялда гьанже загьирлъулелда нахъ гьечІин щибниги ракІ гІодобе биччазабиялъейин. ХІакъикъаталдаги гьанже нилъеда бихьулеб буго пачалихъалъул агрессивияб политикаялъ гражданияб жамгІият гІанкъизабулеб куцин. ГІадамазе кумек гьабулел, гІадамал цІунизе хІалтІи гьабулелел гражданиял хІаракатчагІи, инсанасул ихтиярал цІунулел гІуцІиязда хІалтІулел гІадамал руссине кколел руго гьеб ишги хьибилалде рехун, магІна гьечІел аза-азар документал ракІариялде. Гьез тІалаб гьарулел документал гьедингоги кьун рукІана гьел пачалихъиял идарабазухъе. Гьезухъ гьел хутІун ратичІого, гьеле гури гьел руго рагьараб къагІидаялда интернеталда. Гьел киналго коммерциялъулал гурел гІуцІабаз, хасго къватІисан гІарац щолел гІуцІабаз гьедингоги кьола жидер хІалтІул хІакъалъулъ информация минюсталдеги, цогидал идарабаздеги.
Гьединаб жигараб, амма пайдаяб гуреб, заралияб хІаракатчилъиялъул бакІалда прокуратураялъ жиндирго къуват буссинаблеб букІарабани цІех-рехазул эффекталъул контроль гьабиялде (гьеб гурищ кколеб гьелъул аслияб ва битІахъеб масъала). Эффективияб цІех-рех гьечІолъи ккола россиялъул инсанасул ихтиярал цІуниялъул ишалда бищунго кІудияб проблема. ЛъикІ букІинаан хІукуматалъул гурел гІуцІабазде тІадецуй гьабиялъул бакІалда пачалихъиял гІуцІаби унго-унгояб хІалтуде руссунел рукІарабани."
Гь единаб пикру загьир гьабуна Москваялда тІобитІараб пресс-конференциялда Гьман райтс уотч гІуцІиялъуол россиялъул бутІаялъул нухмалъулей Татьяена Локшинаца.
Москваялъул Хельсинкиялъул группаялъул нухмалъулей Людмила Алексеевалъ лъазабуна, «Голосалда» хурхун загьирлъараб россиялъул нухмалъиялъул реакция кколин цогидал гІуцІиял хІинкъизариялъул кампанияйин. Россиялда гьанже диваналъулгун прокуратураялъул системабазе гьеб тІалабалда рекъон хІухьбахъизе заманцин гьечІин. Гьелъул пикруялда, гьеб ккола гІадатияб логикаялде данде кколеб, халкъалъул киналго рахъал жиндирго контролалде гъоркье руссинариялъе яхΙ-намус тІагІараб нухмалъиялъ гьабулеб хІалбихьииян.
Людмила Алексеева: «Бизнесс, диваналъул ва къанунал рахъулеб системаби жидеего мутІигІги гьарун, цереккунго хІассилал лъалел рущиял тІоритІиялъул технологияздеги ругьунлъун, гьанже нухмалъиялъул ирга щун буго нилъер улкаялда хутІараб лъиданиги бачІоголъиялъул ахирисеб чІинкІиллъиялде - гражданияб жамгІияталде. Ахирисеб заманалда гьелъул хІаракатчилъи жигарлъулеб букІиналъ батила. Гьелъ нухмалъиялъул ургъел ккезабун буго.»