Ссылки для упрощенного доступа

«КъватΙисел пачалихъазул агентазде» чан байбихьана


Москва. Президент В.Путин Коммерциялъулагурел гΙуцΙиязул нухмалъулезулгун данделъиялда. 10 июль 2012 сон.
Москва. Президент В.Путин Коммерциялъулагурел гΙуцΙиязул нухмалъулезулгун данделъиялда. 10 июль 2012 сон.

Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул Генпрокуратураялъ Юстициялъул министерлъиялда гьарулеб буго Чачан ва Гъалгъазул республикабазул коммерциялъулалгурел гΙуцΙиязул экстремизмалде хурхен букΙиналъул рахъалдаса хал гьабеян. Гьеб идараялъул бетΙер Алексей Цукановасе лъазе бокьун рагΙула, кин гьел гΙуцΙияз хвезабулеб бугеб къватΙисеб пачалихъаздасан бачΙунеб гΙарац. Цукановас лъазабулеб буго, гΙицΙго цебесеб соналда Чачан республикаялъул коммерциялъулагурел гΙуцΙиязе щванила 97 миллион гъурущила, Гъалгъазаул республикаялъул гΙуцΙиязе – 9Ι миллион гъурущ. Нилъеда лъазе кколила кибе гьеб гΙарац унеб бугебали.

Чачаназул ва гъалгъазул гьединал гΙуцΙиязул вакильзабаз абулеб буго Цукановас тΙалаб гьабулеб тадбиралдасан жал хΙинкъуларин. Гьединазул цояв чачаназул миллияб хвасарлъиялъул комитеталъул бетΙер Руслан Бадаловас абулеб буго, жал гьедингоги ругила даимал халалда гъоркьила.

Бадалов Руслан, чачаназул инсанасул ихтиярал цΙунулев
Бадалов Руслан, чачаназул инсанасул ихтиярал цΙунулев
Бадалов Руслан: - "У, ниж щибаб къойилгогΙадин руго гьезул контролалда гъоркь. Буюри кьун буго. Гьез гьанже бихьизабизе ккеларищ жидеца хΙалтΙи гьабулеб букΙин. ЦинтΙаго гьабулеб буго гΙуцΙиязул хал. ГьанжелъезегΙан гьеб котроль букΙинчΙогойищ бугеб! Нижер гΙуцΙиялъул хал гьабуни, бакΙалъулаб, округалъул, федералияб прокуратурабазда цΙакъ лъикΙ лъала нижер киналго ишал. Ниж гьез цо нухалъгурел диваналде цере чΙезарурал. Нижеде гΙунтΙизабичΙеб гΙайибги хутΙун батиларо. Аслияб букΙана экстремизмалда хурхараб. Кьунагури гьел диваналда.

Нижер хΙалтΙи буго къануналда рекъон гьабулеб. Нижеца цΙунулел руго гΙадамазул ихтиярал. Нижеца кумек гьабулеб буго балагьалде ккарал гΙадамазе. Гьабулеб буго юридикияб кумек. Гьебги щиб чΙобого. Гьезда, гьел пачалихъиял идарабазда абуни ниж рихьулел руго къватΙисел пачалихъазул агентал хΙисабалда. ΙΙ соналъ цΙакъ кΙудияб кΙвар кьун нижер гΙуцΙиялда хадуб хал ккун букΙана гьез, экстремизм гьезие батичΙо. Амма гьанже гьезие экстремистазул имидж гΙуцΙизе къварагΙун бугони, цΙияб къануналъул кумекалдалъун гьезда бажарула гьеб гьабизе. Гьедин ккани, дун тамашалъунги гьелда вукΙунаро."

ГΙемерисел экспертаз «Коммерциялъулалгурел гΙуцΙабазул хΙакъалъулъин» абулеб къанун риккинеб буго берцинго ургъичΙого къабул гьабураб къанунлъун. Жакъасеб Пачалихъияб Думаялда тΙадтараз жидедего кΙвар буссинабиялъул мурадалда цо-цо депутатаз яги депутатазул къокъабаз загьир гьарулел ругин магΙна гьечΙел инициативабиян. Бицен гьабулеб къануналъул, логикаялда рекъон, асар букΙине кколин ГΙурусазул православияб килисаялдацинин, абулеб буго гьез.

Москваялъул Хельсинкиялъул группаялъул Дагъистаналда ишал тΙуразарулев Юнусов ГΙабдурахΙманица нижер программаялъе комментариял гьарулаго абуна, гьеб «къватΙисел пачалихъазул агентазул» хΙакъалъулъин киназго абулеб цΙияб къанун кколин улкаялда инсанасул ихтиярал цΙунулел ва жамгΙияталъе кΙудияб пайдагун хΙалтΙулел цогидал гΙуцΙиязе кΙудияб захΙмалъаби гΙуцΙулеб къанунин.

Юнусов ГΙабдурахΙман: - "Москваялда дагьалъ цебе букΙана инсанасул ихтиярал цΙунулезул конференция. Гьениб гΙемерисел коммерциялъулалгурел гΙуцΙабазул вакильзабаз абулеб букΙана, дагьалъ цебе бахъараб гьеб «агентазул» къанун данде кколарила конституциялде. Гьезул пикруялда, гьеб къануналъул буго гΙицΙго цо мурад – нухмалъиялъе ракΙалъе гΙоларел коммерциялъулалгурел гΙуцΙаби хΙакъир гьари ва гьезда бан квешаб бербалагьи бижинаби.»

Юнусовас кΙвар буссинабулеб буго цΙияб къануналда рекъон, коммерциялъулагурел гΙуцΙабазда жидерго хΙаракатчилъиялде балагьун, жидецаго жалго къватΙисел пачалихъазул агенталлъун лъазари тΙадаблъун бихьизабун букΙиналде.

«Ниж лъилниги «агентал» кколаро. Щайгурелъул нижеца кинал рукΙаниги чияр масъалаби тΙуразаруларелъул. Гьелдаго цадахъ нижее гΙарац биччала халкъаздагьоркьосеб коммерциялъулабгуреб гΙуцΙиялъ. Нижер гьечΙо кинабгΙаги гарантия гьанже нижедасан къватΙисел пачалихъалъул агенталлъун нижго нижецаго лъазари тΙалаб гьабичΙого хутΙиялъул. Гьедин бугони, гΙемер захΙмалъаби раккизе руго, гΙемерисел гΙуцΙаби къаялде ккезе бегьула.»

Россиялъул гΙелмияб академиялъул Дагъистаналъул гΙелмияб централдасан историкиял гΙелмабазул кандидат, Дагъистаналъул гΙолохъанал гΙалимчагΙазул ассоциациялъул нухмалъулев Мусаев МахΙачицаги риккунеб буго гьанже хΙалтΙизе байбихьараб цΙияб къануналъ халкъалъе кинабгΙаги пайда кьоларин, гьелдасан гΙицΙго зарал букΙине бугин. (ТΙубанго гьесул пикруялъухъ гΙенеккизе бегьула гъоркь бачараб аудиоялда.)

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:02:31 0:00
Загрузить файл
XS
SM
MD
LG