Къануналде хиса-басиял хΙадурарал депутатал Алексей Журавлевасги Сергей Жигаревасги рикΙкΙунеб буго Россиялда миграциялда хурхарал проблемаби рижизариялъе аслияб гΙиллалъун кколин хΙалтΙул мигрантазул къадар цΙикΙкΙун букΙинин.
Къануналъул проекталъул цеберагΙиялда хъвалеб бугохъин, 2012 соналда Россиялде вачΙун вуго Ι5-ялдаса цΙикΙкΙун чи. официалияб къагΙидаялда хΙалтΙизе ихтияр кьун буго миллионгун 500ялдаса гъоркье ккараб къадаралъе.
Официалиял лъазабиязда рекъон, Россиялда санайил 3-7 миллионалде щвезегΙан легалиял гурел мигрантал рукΙунел руго хΙалтΙулел. ХΙалтΙизе рачΙарал махщел гьечΙел мигрантал гΙемерлъиялъ миллияб цолъиялъе хΙинкъи буго Россиялда, хасго такъсиразул къадар цΙикΙкΙунеб букΙин ракΙалде босаниянрикΙкΙунеб буго къануалъул хиса-басиязул авторазул пикруялда.
2012 соналда административияб жавабчилъиялде цΙан рукΙаразул къадар бахун буго 2 миллионгун щунусгогΙанав чиясде. Гьединабго цифра букΙун буго 20ΙΙ соналдаги.
Гьедин букΙаниги ахΙвал-хΙал зисулеб гьечΙо. Щивав чи нахъе, аслияб къагΙидаялда Гьоркьохъеб Азиялде, витΙулаго холеб буго30-40 азаргоялде бахун гъурущ.
Гьелъ Россиялъул бюджеталъе кΙудияб зарал ккезабулеб буго. Къануналде хΙадурулел ругел хиса-басиязеги бюджеталдасан гΙарац къваригΙине буго. Амма гьел гьарун хадусан бюджеталъе ккезе бугеб экономия цΙикΙкΙун букΙине бугин холеб гΙарацалдасайин, рикΙкΙунеб буго проекталъул автораз.
Гьел киналго гΙиллаби гΙураб кьучΙ кколин рикΙкΙунеб буго депутатаз къануналде хиса-басиял гьариялъе. Къануналъул проект ккола «Единая Россия» партиялъул фракциялъ хΙадурараб.
Виза рагьизе кколарел улкабаздасан Россиялде рачΙунел мигрантаз босизе ккезе буго миграциялъул вексель. Нагагьлъун Россиялдаса депортация гьабизе кколеб бугони, гьеб векселалъухъ кьураб гΙарцуца бецΙизе кколеб буго мигрантасда тΙад хвезабураб гΙарац.
«Гражданское содействие» абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб гΙуцΙиялъул нухмалъулей Светлана Ганушкиналъ божулей гьечΙо гьеб хиса-басиялъ позитивияб хΙассил кьезе букΙиналда.
Светлана Ганушкина: «Гьеб гΙумруялде бахъинабун бажарулеб пикру гуро.
Дие цΙакъ бокьилаан къанун ургъаразухъан, гьел цогидал улкабазде унаго 30-40 азарго доллар яги евро босун батизе, нагагьлъун щиб кканиги, щварал улкаялда гьез гъалмагъир гьабунани янги абун».
Москваялъул инсанасул ихтияразда тΙасан бюроялъул нухмалъулев Александр Бродил пикруялда, гьеб къанун букΙине буго бай0бихьдасаго дискриминациялъулаб.
Александр Брод: «Гьеб къануналъул проект ккола цудунго дискриминацияблъун. Щайгурелъул гьелъ, нагалълъун щиб кканиги абун гΙадамазухъа гΙарац босулеб буго.
Россиялъул миграциялъул политика низамалде бачине ккола. Амма гьединал тадбираздалъун гуреб, улкабазул Вакиллъабигун Консульствоялгун бухьенги чΙезабун. Жалго мигрантазулгун лъай кьеялъулал хΙалтΙабиги гьарун».