Ссылки для упрощенного доступа

Америкаялъе иммигрантал къваригІун руго, амма махшел бугел...


Цолъарал штатазул Вакилзабазул палатаялъ тасдикъ гьабуна америкаялда гІумру гьабизе рес кьолеб Гринкардаялъул лотереялдаса инкар гьабиялъул къананулъул проект. Гьеб къануналда буссине букІиналда хурхун щаклъи загьир гьабулеб буго цо-цо политиказ. Гьелда сверун бахІсал халат рахъине ругин хадусеб соналдагиян, риккунеб буго гьез. Гьедин бицунеб буго ЭР-лъул мухбир Ричард Солашил макъалаялда.

Проекталъул авторазе пикруялда, Гринкардалъул лотерея хІалтІизабиялъул бакІалда, хІалтІизаризе ккола улкаялда хадуб гражаданлъи кьезе бегьулел гІелмиябгун техникияб рахъалдаса цебетІей бугел гІадамазул иммиграциялъе ресал гІатІилъизари. Республикаянияз гьеб проекталъул рахъ кколеб буго. Амма аналитиказ абулеб буго 2013 соналда гьеб суалалда сверун захІматал политикиял батІалияби рукІине ругин парламенталъул даражаялдаян.

Вакильзабазул палатаялъ 30 ноябралда 245 гьаракь кьун рахъ ккун буго, Цолъарал штатазул университетал лъугІун улкаялда чІезе бокьарал къватІисел улкабазул студентазе заман чІезабичІого улкаялда гІумру гьабизе рес кьолел 55 азарго Гринкардалъул резервация гьабиялъул. Гьеб ккола Гринкардалъул лотереялдаса инкар гьабизе нух рагьулеб бугин абураб. Гьелъул къагІидаялда африкаялъул ва Совет Союз биххун раккарал улкабаздаса гІадамазе рес шолеб буго жакъаги Америкаялде гочине.

Республиканиялги демократалги разилъулел руго улкаялъе цІиял технологил хІалтІизаризе, цебетІеялъе квербакъи гьабизе потенциал бугел гІадамазе Цолъарал штатазда гІумру гьабизе рес кьезе къварагІел букІиналда бан.

« - Глобалияб экономикаялъул бербалагьаиялдаса, нилъе данде кколеб жо гуро, Цолъарал штатазул университеталги лъугІинарун, гьел рукъуре ритІи. Гьединаб къагІидаялда гьел нилъер конкурентазе пайдагун хІалтІулел рукІина.» - ян лъазабуна рузман къоялда палатаялда гьаркьал кьеялда цебе Техас штаталдаса Республиканияв Ламар Смитица.

Цолъарал штатазул технологиял церетІеялъул интерес бугел лоббистазги рахъ кколеб буго гьеб къануналъул проекталъул.

Амма демократияб партиялъул парламентарияз лъазабуна, гьеб къануналъ иммиграциялда хурхун гьарулел реформабазе бахъулеб хІаракат пайда гьечІеб рахъалдехун буссинабулеб бугин ва Цолъарал штатазул экономикаялда кІудияб роль хІалел гьитІинаб квалификациялъул иммигрантазул дискриминация гьабулеб бугин.

Гьаркьал кьеялда цебесеб къоялда ХъахІаб рукъалъги лъазабуна, жинца гьединаб къануналъул рахъ кколарин.

Брукингсил институталдаса Цолъарал штатазул иммиграциялъул политикаялъул рахъалдаса эксперт Одри Сингерица абулеб буго, гьеб къануналъул проекталъ Конгресс букІнилъе ккезабун бугин ва гьелда хурхарал дебатал хадусеб соналдаги халат рахъине ругин.

Одри Сингерица: «Гьеб къануналъул хиса-басиязул проект кколаро кІиябго партиялъ хІадур гьабураб. Гьеб буго республиканияз хІадур гьабураб проект. Дида ккохъе, иммиграциялъул политикаялъул реформаялъул къанун ахир-къадги къабул гьабизе ккола доб яги яги гьаб редакциялда. Гьелъие хІакъикъаталдаги къваригІунеб жо ккола столалда нахъ гІодорги чІун, кІиябго рахъалъе цоцае данде кколеб къанун къабул гьаби. Гурони, нилъеца гьеб хІалтІи цІидаса байбихьизе ккезе буго.»

Иммиграциялъул политикаялъул реформаялъул суал цІакъ машгьураб букІана президентасул рищиязда цебесеб кампаниялдаги. Легалиял гурел иммигрантазе, гьединазул къдар баххунеб буго 11 миллион чиясде, улкаялда рукІине къанунияб рес кьезе кколин лъазабурав Цолъарал штатазул президент Барак Обамал рахъ ккуна Латин Америкаялдаса ва цогидал регионаздаса рачІарал рищарухъабаз.

2013 соналда цолъарал штатаз гьоркьоб лъезе кколеб буго 12 миллионалдаса цикІкІун чиясул гІарза. Цолъарал штатазда чІезе ихтияр букІине ккани къваригІунеб буго гьоркьоб лъай щвеялъул документ яги кІиго соналъ цІалун щолеб профессиялъул махшел.

Гьанже цо-цояз абулеб буго тІокаб гьединаб лотерея биччазен кколарин. Цолъарал штатазде иммигрантал рачІиналъе ругин цогидал ресалгиян. Мисалалъе, жидерго хъизаназул цолъи яги хІалтІул визаби росийн.

Вашингтоналда гІумру гьабун йигей Кыргыстаналдаса Жылдыз Абылкасымовалъе лотереялдалъун щун буго Гринкард 2007 соналда. Гьелъ жиндирго история бицун, абулеб буго лотереялъул къагІидаялдаса инкар гьабизе кколарин.

Жылдыз Абылкасымова: «Дир пикруялда, гьеб нахъе бахъи мекъаб гали ккола. Мисалалъе, дун ячІана Бишкекалдаса бакалавралъул дипломгун ва гьанже цІалулейги йиго. Дир хьул буго кІиго соналдаса магистралъул диплом щвеялъул. Гринкардалъул лотереялъ дир гІумру хисизабуна. Щайгурелъул Кыргызстаналда нужер гІага-божарав нухмалъиялда гъорлъ гьечІони, дуе хІалтІи батизе цІакъ захІматго букІуна. Гьеб цІакъ кІвар кІудияб жо ккола. Хасго дир васасе. Гьединго дир букІинеселъеги.»

Брукинсил институталдаса Сингерица абулеб буго, жакъа борхизабураб суал ракІалде босичІониги, Цолъарал штатазул къанунал рахъулезул гьедингоги церего рукІанин хьулал иммиграциялъул политикаялда хиса-басиял гьариялъулин. Гьединлъидалин абулеб буго гьелъ, гьеб къанун кида хисизабунгуи хисизабизе бегьулин, риккунеб буго гьелъ.
Ричард Солаш
XS
SM
MD
LG