Иллегалиял мигранатал тIатинаризелъун полициялъе кумекалъе цIиял къукъаби гIуцIулел рукIиналъул лъазабун букIана Москваялъул нухмалъиялъ талат къо 12 февралалда. Гьеб хIаракатчилъиялъ къануналъул кинабгIаги хъаравуллъи гьечIого гIадамал инжит гьариялъе нухал рагьулел ругин рикIкIунеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.
Гьеб лъазаби гьабун чанго сагIаталдасан дунял рукIкIине байбихьараб мехалда «иммиграционияб патруль» абун тIад хъварал бецI-багIарал къвалалгьечIалги ретIун анцI-анцI чи вахъана тахшагьаралъул къватIахъе.
Цеве полициявлъун хIалтIулев вукIарав Александр Кислицкияс абун буго Россиялъул ТIоцебесеб каналалъе жиндир цебегосеб анищ букIанин миграциониял хъулухъазе хIалае вахъинейин.
Александр Кислицкий: «Гьез заманаялъ кквезе руго гражданал яги хал гьабизе буго документазул. Полициялъе хIалае рахъараз кумек гьабизе буго щиб букIаниги бичIчIизабизе яги ккурал лъутизе рахъани, гьел кквезе»
Гьанжеялде 300ялдаса цIикIкIун чияс лъазабун буго жал гьединаб кумекалъе рахъине хIадурал рукIиналъул. Москваялъул нухмалъиялда ракIалда буго гьеб хIалтIуе 600 чи къватIахъе вахъинавизе .
Нухмалъулез абулеб буго гьеб хIалтIуе гIадамал цIакъ кIвар кьун тIаса рищулел ругин, кин рукIине кколебали гьезда малъулебги бугин ва ультра-националисталгIадал агрессивияб халкъги гьезда гьоркьоб букIине гьечIин.
Амма инсанасул ихтиярал цIунулел гьединал лъазабиязда божулел гьечIо.
Хас гьабун мигрантазул ихтиярал цIуниялъул рахъалъе цIикIкIун кIвар кьола инсанасул ихтиярал цIунулей Светлана Ганнушкиналъ.
Ганнушкина Светлана: «Дун цIакъ гIагалун йиго гьаб улкаялдаги шагьаралдаги ксенофобия цIикIкIунеб бугеб куцалда. Гьеб бицен гьабулелгIадал низам цIунулел гурел чагIаз гьарулел рейдаз ксенофобия дагьабги цIикIкIинаби, къанунал хвезари ва жамгIияталда гьоркьор рикьабали гьари гуреб тун батIияб жо кьезе гьечIо. Жалго гьел рейдал гьаризе ругел интузиасталги щал рукIине ругелали бигьаго цебе чIезабизе кIола дида».
Щибаб лъагIалида жаниб расистаз этникиял гIисинал халкъазул анцI-анцI вакил чIвалеб Россиялда ксенофобия цIакъ тIибитIун буго.
ГаннушкинагIадал инсанасул ихтиярал цIунулезул кутакалда рахIат хун буго бицен гьабулелгIадал къукъаби гIуцIиялъ халкъазда гьоркьоб рокьукълъи дагьабги цIикIкIинабизе рес букIиналда бан.
Москваялъул хIинкъигьечIолъи цIуниялда сверун полициялъул бутIаялъул нухмалъулев Алексей Майоровасул рагIабазда рекъон, иллегалиял мигрантазда хадуб хъаравуллъи гьабизе буго щибаб къойил шагьаралъул щибаб мухъалда.
Иллигалиял мигрантал ралагьизе руго базаразда, ралел бакIазда, маххул нухлул станциязда, дармил центразда ва хасал рукъзабахъцин.
Инсанасул ихтиярал цIунулезул цIакъго-цIакъ рахIат хвезабулеб буго гьел хъаравулзабахъе гIадамал кквезе ва полициялде рачине ихтияр кьолеб букIиналъ.
Ганнушкина Светлана: «Лъил бугеб инсан кквезе ва эркенлъиялдаса гьев махIрум гьавизе ихтияр? Гьелъие къваригIуна цIакъ кьучIал гIиллаби. Полициялъул хIалтIухъанасецин кидаго гуреб бугеб ихтияр чи жанив тIамизе. Гьанже абуни, гьеб ихтияр кьолеб буго щалали лъаларел чагIазухъе ва ракIалде ккола гьел чагIиги агрессивиял чагIи рукIине ругин. Лъилго гьечIо къотIноса вачун чи кивалиго жанив кквезе ихтияр. Сунда нилъ цинги релъине ругел?»
Советияб заманаялде нилъ тIад руссинарулел валонтёрал патрулал Россиялъул тахшагьаралда халлъизе байбихьун букIана ахирал моцIазда казаказул къукъаби гьеб хIалтIи гьабизе рахъараб мехалда.
Гьединго ГIурус Ортодоксалияб Килисаялъул активистазги байбихьун буго килисабигун хабал цIунизе, гьебги Pussy Riot рок-къукъаялъ Москваялъул аслияб килисаялда кечI ахIун хадуб.
Кллэр Бигг