Халкъ махIрумлъулеб буго рищияздаса

12 марталда Пачалихъияб думаялда гьоркьоб лъун буго бакIалъулаб нухмалъиялъул хIакъалъулъ законалда хиса-басиял гьариялъул проект. Гьелъ рес кьезехъин буго бакIалъул нухмалъулел рищулелъул халкъалъ гьаркьалги кьун гурел, депутатаз гьаракьги кьун рищулеб къагIидаялъе. Кинаб бугеб гьелда тIасан пикру гIаммал рищиялги тIоритIун рищиязда бергьарал цо-цо бакIалъул нухмалъулезулали лъазе гьелгун гара чIвари гьабуна нижеца.
Гьеб къануналъул проект битIун буго регионазде хал гьабизе. Гьеб къабул гьабуни бакIалъулал нухмалъулел рищизе руго депутататаз гьаркьал кьун, жалго депутатал абуни халкъалъ рищизе руго. Лъалеб букIахъе, Дагъистаналда гIемерисел мухъазда ва шагьаразда гьадингоги рищиял тIолгохалкъалъул рукIинчIо Закон къабул гьабун хадур киса-кирго гьукъизе бегьула гьел.

Кинаб бугеб гьеб тадбиралде бербалагьи абун нижеца цIехана жалго муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезда. Гъуниб мухалъул муниципалияб гIуцIиялъул бетIер Пахрудин МухIамадовасул пикруялда рекъон, мухъазулгун шагьаразул нухмалъулезул рищиял тIоритIизе ккола тIолгохалкъалъ, росабазда абуни депутатаз рищани лъикI буго. Живго Пахрудин Гъуниб мухъалъул нухмалъулевлъун вищун вукIана тIолгохалкъалъул рищиязда 2011 соналъул декабралда.

МухIамадов Пахрудин: «Дида ккола районазда ва шагьаразда тIолгохалкъалъул рищиял рукIине кколин, щайгурелъул гьенив хал къалда гьоркьоб къадру бугев чи гурони цеве ине рес гьечIо. Кандидатасул рес буго гIадамалгун данделъун, рагьараб политикаги гьабун, жиндирго тIокIлъабиги ри хьизарун нухмалъиялде вачIине. Балъго, вахча-къан вукIун ишал гьаризе гьениб рес букIунаро, халкъалда гьединав чи вихьичIого хутIула, кандидатасе бокьанигибокьичIониги гьев рагьун хIалтIизе кколев вуго. Амма батIияб хIалтIи буго росабалъ. Гьенир депутатаз гьаризе ккола рищиял, щайгурелъ ул росдал бегавуллъун вахъунев вуго цогидал тIокIалъаби гьечIониги бищунго кIудияб тухум бугев. Депутатал ругони, гьенибги политикияб къеркьей ине буго».

БакIалъулаб нухмалъиялъул законалда хиса-басиял гьаризе ккараб хIал гьечIин, гьабсагIат бугеб хIал бугони щибниги хвезе жо гьечIилан рикIкIунеб буго Гъизилюрт мухъалъул администрациялъул бетIер МухIамад Шабановас Гьесул пикруялда рекъон, кIиябго къагIидаялъ рищулеб ихтияр муниципалиял гIуцIабазухъ тезе кколин абулеб буго гьес.

Шабанов МухIамад: «БатIалъи гьечIо кин рищаниги нухмалъу лел, гьенир демократиял принципал хвезарулел гьечIо. Муниципалиял гIуцIабаз жидецаго хIукму гьабизе ккола кинаб къагIидаялъ нухмалъулев вищулевали, гьеб ихтияралдаса гьел махIрум гьаризе бегьуларо. ГьабсагIаталда чанго районалда ва шагьаралда руго тIолгохалкъалъул рищиял, цогидаз рищулел руго депуталги рищун. Бо кьухъе рищизе рес буго, гьеб ресалдаса махIрум гьаризе бегьуларо».

Живго МухIамад Шабанов Гъизилюрт мухъалъул администрациялъул бетIерлъун щуго сонил болжалалда тасдикъ гьавун вукIана депутатазул мажлисалъ 2013 соналъул июналда.

Пачалихъалъулаб Думаялъул халгьабиялде босараб къануналъул проекаталда тIасан пикраби загьир гьарулаго цогидал экспертаз рикIкIунеб буго гьелдалъун бакIалъулаб нухмалъиялдаги халкъалдаги гьоркьор ричIчIунгутIиял гIемерлъизе ругилан. Мисалалъе ТIадегIанаб экономикаялъул школалда «конституционное правоялъул» кафедарялъул нухмалъулев Краснов Михаилица тIубанго гIадалаб пикрулъун рикIкIунеб буго гьеб кинабго. Халкъалъул рищиял гьечIого рищарал бакIалъулаб нухмалъиялъул вакилзабазда жибго халкъ тIубан кIочон тезе бугин гьебмехалъ. ГьабсагIаталдацин халкъалъ гьаркьалги кьун гьезул мурадазул санцин гьаруларел бакIалъул нухмалъулезда гьел ракIалдецин щвезе гьечIин цIияб къанун къабул гьабуни.