Шималияб Кавказалда унеб рагъулаб конфликт жакъа къоялда Европаялдаго кколеб буго бищунго бидулаблъун. 2012 соналда гьелъул къурбанлъун лъугьана бищун дагь босун 1225 чи. Гьезда гъорлъан чIвана 700, лъукъана 525 чи. 20I3 соналъул бащдаб соналда жаниб чIвана минимум 242, лъукъана 253 чи. Зулмуялъул бищунго борхараб даража буго Дагъистаналда, хадуб чачаналъ ва Гъалгъазул республикаялда. Гьединаб статистика загьир гьабулеб буго Халкъазда гьоркьосеб кризисалъул группаялъ.
Докладалъул автораз цIех-рехалъе къваригIараб материал бакIарун буго Шималияб Кавказалъул щибаб республикаялда сонгун бащдаб гIанаб заманалъ. Автораз абулеб буго, регионалда рагъулаб конфликт букIун 20 соналдаса хадуб баянго бихьулеб бугин, гIицIго къуватиял къагIидаби хIалтIизарун республикабазда загьирлъулеб дандечIеялъе ахир лъезе бажаруларебелъиян. Авторазул ракΙ чIараб буго, Кавказалъул конфликталъул аслияб багьана гIицIго экстремизм ва терроризм гуреб, диниял, политикиял, экономикиял проблемаби рагIалде рахъинарун гьечIолъи букIиналда. Гьеб кинабгоян, абулеб буго гьез, битIахъего бараб бугин федералияб централъул жигарлъиялдайин.
«Мемориал» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул нухмалъулезул цояв Александр Черкасовас абулеб буго, докладалъул авторазул цоял Екатерина Сокирянскаялъ ва Варвара Пахоменкоца гьабунин цIакъ кIудияб хIалтIи.
Александр Черкасов: «Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал бихьизабулеб проекталъул лъабго доклад биччана гьанжеялде. Гьезда бицунеб буго конфликт бижинабулел батIи-батIиял факторазул.
ТIоцебесеб кIиго бутIаялда бицен гьабулеб буго этникиябгун динияб факторалъул. Гьеб доклад цебего бахъун букIана. Гьанже биччараб бутIаялда бицунеб буго пачалихъиял институтазул. Талъиялъул вертикалалъул яги гьеб гьечIолъиялъул, рищиязул ва къануназул тIадегIанлъиялъул. ХутIулеб буго цойги бутIа. Гьеб цIакъ кIудияб кIвар ва интерес бугеб доклад букIине ккола. Щайгурелъул гьелда букIине буго гIемер бакIалъулаб хаслъи, бицен гьабизе буго Шималияб Кавказалъул социалиябгун экономикияб структураялъул.»
Регионалъул республикабазул нухмалъи гьабиялъул моделалъул кризисалъе къимат кьолаго, къокъаялъул цIех-рехчагIаз абулеб буго, гьеб модель Шималияб Кавказалда буссун бугин бакIалъулал гIадамаз абухъего «неоколонизмалдейин».
Докладалдаса: «Территориязул нухмалъи гьабулеб буго хIакъикъаталдаги рищарал гурел, тIасан рихьизарун тарал бутIруз. Гьезул жавабчилъиги рищарухъабазда цебе гуреб, жалго хъулухъалда лъурал инстанциялда цебе буго. Гьез регионалъул централъе мукIурлъи цIунула ва гьелъие къкваригIараб гьаркьазул къадарги чIезабула. Цингиги гьез гарантиягун ресал чIезарула, къуватиял струтурабазе квал-квал гьечIого хасал операцияби тIоритIиялъеги.»
Федерализмалъул рахъалъан экспертас нахъ чIвалеб буго Шималияб Кавказалда колиниалияб къагIида билъанхъизабулеб бугин абураб пикру, колониялдаса бечелъи бакIарулин, гьеб регионалдейин абуни, гIагсалда гIемер гIарац битIулинги абун.
Черкасовас абулеб буго Шималияб Кавказалъул регионалъул тIолабго улкаялде дандеккун бугин жиндирго хаслъи. Амма гьенир ругел проблемаби релъарал ругин тIолабго улкаялда ругел проблемабаздайин. Докладалдаги гьел гьединабго къагIидаялда рихьизарунги ругин.
Александр Черкасов: «Доклаладалъул гьанже биччараб бутIаялдаги бицунеб буго улкаялда кисса-кирего рукIунел хIужжабазул хIакъалъулъ. Рищиял? Кинал рищиял?! БакIалъулаб халкъияб нухмалъи? Халкъияб? Кинаб халкъияб?! Кинаб нухмалъи букIунеб? Бюджеталъул централизациялъул даража буго зодобе щвараб. Регионазул аслияб пайда тIоцебе централде бакIарулеб буго. Хадуб гьелъул бутIа трасфертал хIисабалда нахъ буссинабулеб буго. Кавказалда гьеб рахъалъан ахIвал-хIал дагьалъ батIияб бугин ккола. Кавказалде ритIулел дотацияби, цогидал бакIазде ритIулездаса кIудиял руго. Амма абизегIанго кIудияб гуро.
Рищиял ва гьезул фальсификация. Ахирисеб кIиго соналда жаниб гIадамаз гьаркьал кьолеб куцалъул интерес дагьалъ цIикIкIун буго. Гьеб процессалда хадуб хал гьабизе байбихьун букIиналда бан, халкъалда лъикI лъалеб буго гьанже гьел рищиял рищиял гуреллъи. Гьел хIакъикъаталдаги ккола кагътида рихьизарурал гьаркьал кьей, рищиял.
Шималияб Кавказ гьеб рахъалдасанги дагьалъ батIияб батизеги бегьула. Гьаркьал кьолеб бакIалде цо-кIиго чи вачIун, хадуб гьениб рищарухъабазул нусго процент бачIун букIанин бихьизабула. Гьеб Россиялдаса вачIарав тохалчиясда бихьулеб буго, тIоцебе жиндирго бадиб къараб гуреб, чияр бадиб къараб гьучI бихьулеб къагIидаялда. Москваялъул рагIаллъабаздехун шва нуж, гьенирги рукIуна гьединалго хIужаби.»
Докладалда хасаб кIвар буссинабун буго къануназул тIадегIанлъиялдеги. Черкасовасул пикруялда, гьеб принцип регионалдани щиб улкаялда тIубазабуларин. Гурони, пачалихъалда гIемерисел проблемаби ракIкIизецин рукIинчIин. Гьеб мисалги гьес бачунеб буго, Шималияб Кавказалда ругел проблемаби гIуралъ Россиялдаго ругел проблемабазда релъарал рукIиналъе иллюстрация халат бахъинабулаго.
Александр Черкасов: Къануназул тIадегIанлъи. Диваназда хIакъикъат батизе рес гьечIеблъи ракIалде босун, Россия тIубанго цокIалаб бугин абизе бегьула. Докладалъул гьеб бутIаялда бихьизабураб аслияб къагIидаялда загьирлъулеб буго тIолабго улкаялдаго, гIицIго Шималияб Кавказалда гуреб, тIолабго улкаялда. БатIа босун Шималияб Кавказалда лъугьа-бахъунелъ гуреб нилъ рачунел руго улка биххун иналде, гьелде нилъ рачунел руго тIолабго улкаялда загьирлъулел хIужжабаз. ХIакъикъаталдаги добго, Томскалда яги Жанубияб Сахилинскалда ахIдезе байбихьизе бегьула цо заманалда "ГIела Москва хьихьарабин!» Цо-цоязни гьедин абулебги буго, Москваялда гIорхъолъан рорчIарал гIадамаз "ГIела Кавказ хьихарабин!» ахIухъего.
ГIаммаб къагIидаялда абуни, доклад кIудияб буго. Доба гIемер буго интерес бугел хаслъиял. Гьелда гIемер жо бугеб Кавказалъул къисматалъул интерес бугезе гуребги, тIолабго россиялъул къисмат лъазе бокьаразеги. Гьенир рорхизарун руго тIолабго россиялъул проблемабиги. МугIрузул территориязда кидаго букIуна жиндирго специфика. Нилъер мисалалда Кавказ лъугьун буго тIолабго россилъул проблемабазда тIад ккураб линза гIадаб жо. Гьелъ кIодо гьабун бихьизабулеб буго улкаялда жанир ругел проблемаби. Гьенир, Шималияб Кавказалда загьирлъулел проблемаби хурхарал руго Россиялъул цоги мухъаздаги.»
Халкъазда гьоркосеб кризисалъул группаялъул докладалда цо-цо экпертазул пикруялда гIуралъ гIакъилал ва цIодорал рекоменадцияби гьарулел руго россиялъул хIукуматалъе, Пачалихъияб Думаялъе, регионалиял лидеразе ва цогидазе. Кин дуда кколеб, гIенекизе ругищ гьел гьел рекомендациязухъ? БукIине бугищ Кремлалъул букIа, ХъахIаб рукъалъул букIа кинаб букIаниги реакция?
Александр Черкасов: «Цересел докладазда рукIарал темабазул рекомендациябиги руго гьелда. Бицен гьабулеб буго конфликтал рижинарулел ахIвал-хIалазда этникиябгун динияб аспектазда хурхарал рекомендациябазул. Мисалалъе, контртеррористиял операцияби тIоритIулеб мехалда хIалтIизарулел къагIидабазда хурхарал. Халкъазда гьорокьосеб кризисалъул къокъаялъ абулеб буго, инкар гьабизе кколин хъачIаб къуват хIалтIизабиялдаса. Руссине кколин тамахаб къуват хIалтIизабиялъул къагIидаялдейин. Гьелъ рес кьезе букIанин теророризмалде данде къеркьолаянги абун, тIурарал диниял жамгIиятазде данде репрессиял гьаричIого хутIизеян. ЗахIматал такъсирал гьаричIел гIадамазе гьелъ ресал кьезе рукIанин рохьал, мугрIул тун, ракълилаб гIумруялде нахъ руссине. Гьелъ цадахъго дагьлъизаризе рукIанин рохьоре унезул къадаргиян, рикIкIунеб буго гьеб гIуцIиялъ.
Гьел рекомендацияби рихьизе бегьула анищал хIисабалда. Амма ахирисел соназда Дагъситаналда, Гъалгъазул республикаялда гIаги нилъеда бихьана, гьединаб къагIидабазул хIалбихьи. Дагъистаналда хIалтIулеб букIана «рохьилал» ракълилаб гIумруялде нахъе руссинариялъул хасаб комиссия. Гьанжени гьеб бихьизабун буго. Гъалгъазул республикаялдаги букIана гьединаб гIуцIи.
Августалда ГIабдулатипов Рамазаница бакIарараб суфиязулги салафиязулги къадру цIиккIарал вакилзабазул данделъиялда диалог баккизабуна цIидаса. Гьелъ цIияб хьул бижинабулеб буго конфессиялда жаниб рекъел чIезабизе бегьиялъул. Гьединлъидал ГIабдулатIиповас рехсараб комиссияги къан, салафиязулгун диалог чIезабунин абураб, дида бихьухъе, абизе багьана гьанжеги гьечIо.
Узухъда, гьанже Сочиялъул Олимпиада тIаде щолеб мехалда гъоркьасан хIукуматалде данде къеркьолел къуватазде данде къеркьеялъул ишалда низам цIунулездаса тIалаб гьабулеб буго хехаб хIассил. ТIалаб гьабулеб буго гьезде данде хъачIаб къуват хIалтIизабиялъул. Гьединаб хIакъикъаталде балагьун, иш квеш бугин абизе бегьулаан. Амма добго Дагъистаналдаги Гъалгъазул республикаялдаги тамахаб къуват хIалтIизабиялъул рахъ кколел гIадамала ратизе бегьула. Гьеб къагIида халат бахъунеб бугони, гьелъ лъикIал хIасилал кьола. Гьелъ биххизабула бигьа-гьабун яргъид гIуцIарал «рохьизалул» мобилизациялъулаб база.
20I2 соналда ригIидал Москваялда президентасда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цIунулеб комитеталда Шималияб Кавказалъул республикабазул нухмалъулезул, адаптациялъул комисисялъул, федералиял къватиял идарабазул вакильзаби гIахьаллъараб данделъи. Гьез цойиде буссинабулеб букIана пачалихъалде данде гъоркьасан дандечIолел къуватазде данде къеркьеялъул къагIидаби ва гьоркьоб лъолеб букIана гьел къагIидаби цогидал регионазда хIалтIизариялъул рес. Доба дида ккола Россиялъул федералияб хасаб хъулухъ ва Антитеррористияб миллияб комитет хIадурал рукIанин гьединал рекомендацияби гIадахъ росун, гьединаб, ай, тамахаб къуват хIалтIизабиялъул къагIидабаздаса пайда босизе. Дир пикруялда, хьулал къотIиялъе багьана гьечIо. Дир хьул буго, гьел рагIун рукIиналде.
Гьединабго оптимизм загьир гьабулеб гьечIо «Настоящее время» газеталъул бетIерав редактор Мидрад Фатулаевас. Гьесул рагIабазда, гьеб докладалда загьир гьарулел руго гIуралъ лъикIал пикраби ва рекомендацияби. Амма гьелде рагьараб интерес букIине гьечIо Россиялъул талъиялъул. Гьелъул хал гьабизе буго гьелъ, амма гьитIинаб Кремлаллде гIагарлъи бугеб къокъаялда жаниб.
Милрад Фатулаев: "2006 соналдаса Кремлалъ губенаторал жинцаго битIахъего тезе байбихьаралдаса, гьанжени гьеб къагIида дагьалъ хисизабун буго, пуланал регионазе бутIрул рищизе ресалги рагьун, хIакъикъаталдаги Болотная ва Сахаровасул майданазда ккаралда хадуб цо-цо къанунал хъачIлъизари гурони, улкаяда кинабгIаги хиса-баси ккечIо. ХисичIо щибниги я федералияб централъул политикаялда, я Россиялда гьелдаго гъорлъ, Шималдияб Кавказалда бугеб ахIвал хIал бихьизабулеб докладазда бицунелда. Гьединал докладазда, дир пикруялда щибниги цIияб жо букIине ресги гьечIо, щайгурелъул гьезда ургъараб хIакъикат гурелъул бихьизабулеб, гьелда бихьизабула объективияб ситуация.
Дица рикIкIуна нухмалъиялъул кинабгIаги реакция букIине гьечIин докладалда рихьизарурал хIужжабазда хурхун. Гьенир кьурал рекомендациябиги гьез гIадахъ росуларо. Гьелъие тIоцебесеб багьана ккола россиялда уникалияб политикияб система букIин. Дица бицен гьабулеб буго нухмалъиялъул вертикалалъул. Гьеб ккола демократиябин рикIкIине бегьулеб гIатIилъиялда гIуцIараб авторитарияб нухмалъи. Гьеб авторитарияб вертикалалъ хъачIаб къагIидаялда нухмалъи гьабулеб буго регионазулги.
КIиабизеги, нилъер буго коррупциялъул цIакъ борхараб даража, дицани абила коррупция нилъер улкаялда бугин нухмалъи гьабиялъул элементинцин. Дида ккола щибниги хисизабизе гьеб рахъалдаги бажаруларин, нилъер улкаялъ коррупциялде данде къеркьеялъул Европаялъул хартиялъул ратификацияцин гьабун гьечIо, гьеб суал гьоркьобцин лъечIо гьанжелъезегIан. Гьединлъидал дир пикруялда гьеб докладалда хурхун кинабагIаги баянаб реакция букIине гьечIо. Узухъда экспертазул къокъабазда, президентасул администрациялда гьелъул хал гьабизе буго. Ракцияги букIине буго, амма гIицIго нухмалъиялъул сфераялда жаниб, Кремалада жаниб. "
Жиндирго пикру халат бахъинабулаго Фатулаевас абулеб буго, гIаммаб къагIидаялда балагьани, гьединал докладал хIадур гьарулин Кремлалъе гуреб Европаялъул жамгIияталъеян.
Милрад Фатулаев: «Дица рикIкIуна гьеб ва гьединал докладал Россиялъул нухмалъиялдехун яги россиялъул жамгIияталдехун буссараб гьечIин битIахъего. Гьелъ кинаб букIаниги хIукму гьабизелъун. Гьединал докладал аслияб къагIидаялда хIадур гьарула яги европаялъул мииллатазда тIасан гIуцIарал институтазе яги европаялъул жамгIияталъе, лъиданиги бачIеб гIуцIиялъул цIех-рехалдалъун бихьизабизе доб яги гьаб проблемаялда сверун доб яги гьаб регионалда бугеб ахIвал-хIал бихьизабиялъе. Нилъер хIакъикъаталда Россиялда, хасго Шималияб Кавказалда.
Гьелъги бихьзабулеб буго, щай Россиялда нухъмалъиялъул кинабгIаги реакция букIинчIеб гьенжелъезегIанги ва хабдубги букIине гьечIеб гьединал докладазда хурхун."