Ахирисев генсек, тIоцевесев президент…

CCCРалъул экс-президент Михаил Горбачевасе тIубана 85 сон. Гьесул фигураялда сверун Россиялъул жамгIияталда жаниб унел руго жигарал бахIсал. Цоязда гьев вихьулев вуго дунялалдаго бищунго кIудияб улка биххизабурав политик хIисабалда, цогидазда – гражданазда демократия кинаб букIунебали бихьизабурав улкаялъул бетIерлъун.

Нобелил ракълил премиялъул лауреат Михаил Горбачев вукIана Совет Союзалъул компартиялъул ахирисев Генералияв секретарь. СССРалъул тIоцевесев президентлъун гьев вахъана 1990 соналъул 15 марталда.

Кинавха вукIарав Горбачев политик хIисабалда?

ХIужжаби. Горбачевасул заманалда лъугIана «цIорораб рагъ», биххизабуна Берлиналъул къед. Россиялъул рагъул къватал нахъе рачана Афгъанистаналдаса, пачалихъалъ инкар гьабуна коммунистияб идеологиялдаса.

Горбачевас байбихьана Гласносталъулги Перестройкаялъулги политика. Гьебин абуни ккола улка рагьи ва реформаби байбихьи. Гьелдалъун биххизе байбихьана Централиябги Машрикъалъулги Европаялда социалистияб система. Амма 1991 соналда биххана жибго Совет Союзги. Гьеб ккола Горбачевасде бищунго кIудияб бадибчIвай гьабулеб хIужа.

Михаил Горбачев: «Дие бокьун букIана СССР къуватаб центрги лъиданиги рачIел жидецаго жидеего квербакъи гьабулел республикабиги ругеб, ракIчIун хIалтIулеб федерациялде буссинабизе. Амма перестройкаялъ квербакъи гьабулеб букIана республикабазда миллияб хасият загьир гьабиялъул даража цIикIкIиналъе. БакIалъулал интеллектуалиял элитабийин абуни, хIадурал рукIун гьечIо миллатчагIазул асаралде, улка биххиялъул хIинкъиялде ва загьирлъизе бегьулеб жахIдаялде».

Перестройка, Горбачевасул рагIабазда, кколеб буго ракълилаб антитоталитарияб революция. Гьеб байбихьун букIанин демократиялъулги социализмалъулги идеалазул цIараздасайин, абулеб букIана доб мехалда СССРалъул нухмалъулес.

Перестройка ракIалде щвезабулаго, Горбачевас абулеб буго, Перестройкаялъул къагIидаялда биххизабунин КПССалъул репрессивияб монополия, байбихьанин Гласность, нахъе бахъанин цензура, тIоцебесеб нухалда тIоритIанин демократиял рищиял.

Машгьарв журналист ОлегКашин: «Духъе щвараб гIорхъаби лъалареб кверщелалдаса пайда босиялъул бищунго ракIбацIадаб ва яхI-намусалде данде кколеб къагIида ккола гьеб рес инсан инжит гьавулеб системаялъул демонтаж гьабиялъе хIалтIизаби, хадуб диктатор ваккиялъул шартIал тIагIинари.

Жакъа рагIул эркенлъиялъухъ, парламентаризмалъухъ, динал рилъанхъизариялъул эркенлъиялъухъ нилъеца щаялиго баркала кьолеб буго цогидал гIадамазе. ХIакъикъаталдаги гьелда нахъ вуго Горбачев».

Оппозицияв политик Григорий Явлинский: «Михаил Горбачевас эркенлъи кьуна аза-азар чиясе. Гьеб эркенлъиялъухъ къеркьолел чагIи цIакъ дагьал рукIана. Цоязулни эркенлъиялда хурхарал анищалцин рукIинчIо. Божизего захIматаб жо ккола, КПССалъул ЦКялъул генералияв секретарас цIинтIаго хIукму гьабуна: пикрабазеги абулелъеги гIоло гIадамал жанир лъезе бегьуларо.

ХIакъаб рагIул эркенлъи баккун хадуб, гьересиялъул кьучIода бараб система жиндаго жибго биххун ана. Амма кинаб къагIидаялда гьединал шартIаздаса пайда хадуб босанин абураб суал, гьеб гьесул проблема гуро гьанже. Гьединлъидал гьесда гIайибал чIвала нилъ рукIине кколаро».