«Левада-Централъ» гьабураб гьикъа-бакъиялъул хIасилалда рекъон гьелъулъ гIахьаллъарал гIадамазул 60 проценталъ гьединго абуна, жидеда кколин улкаялда киналго ишал битIараб нухда унел ругин, 23 проценталда ккола унел щинал хIужабаз халкъ къосинабулеб бугин.
Россиялъул социолог ва политолог Леонид Седовас абулеб буго жив разияв вугин оппозиционер Алексей Навальныясул прикруялда. Дагьалъ цебе Эркенлъи Радиоялъе ва «Америкалъул гьаракь» радиостанциялъе интервью кьолаго, Алексей Навальныяс абуна, гьаб рехсараб 13 процентги дагьаб гьечIин. Гьеб бугин миллион-миллион чиясул къадарилан. Ва гьеб къадар оппозициялъул щулияб кьучIлъун букIине бегьулин.
Седовасул пикруялда «Левада-Централъ» бихьизабураб рейтинг сахаб гурин, гьелъул даража цIакъ кIудияблъун букIиндал. Навальныяс абухъего, советияб заманалда Коммунист партиялъул Генералияв секретарь Константин Черненкол рейтинг чIезабурабани, гьеб 99 проценталде бахилаанин.
Владимир Путинил рейтинг эхеде бахун букIана Крымалъул аннексия гьабун хадусала. «Крым нилъерабилан» ахIулаан гIемерал россиялъулаз. Москваялда щибаб административияб къадада бан букIана гьединаб игIлан.
Амма кватIичIого Магърибалъ лъазаруна жидерго санкцияби. Валютияб базаралда Россиялъул гъурщил багьа бортана, цого мехалъ кванил сурсатазул багьаби эхеде рахана. Рихха-хочарал гIадамаз хехго байбихьана ричун росизе Магърибалда гьарурал компьютерал, телефонал, автомобилал жидерго гIарцул нахъ рателал хвасар гьари мурадалда.
Цого мехалъ гьелго гIадамазда Россиялъул тIалъиялъ бачунеб политика битIараблъун бихьула. Кин гьединаб дандеккунгутIи дуда бичIчIизабулебин абураб Эркенлъи радиоялъул мухбирасул суалалъе гьадинаб жаваб кьуна Леонид Седовас.
Леонид Седов: «Кинабго гIайиб Магърибалда бугин абураб тезисалъе квербакъи гьабулеб буго жалго гIадамаз. Амма цого мехалъ дида ккола гIакълу бугел гIадамазул къадарги гIураб бугин. Гьезда бичIчIула гьал захIмалъабазул тIабигIат. Ва гьез жидерго тIалъиялдаги гIайиб гIунтIизабулеб буго».
Леонид Седовас абулеб буго Россиялъул халкъ ругьунлъараб бугин маргьабазда божизе. Гьале гьанжесеб жамагIат божулеб буго кIиго маргьаялда. ТIоцебесеб – рукIа-рахъин лъикIаб бугин абураб, кIиабилебги – Россиялъул тIадтараз кутакаб империя цIигIуцIулеб бугин абураб.
Леонид Седов: «Дида ккола Магърибалъул гьал киналго санкциязул ва Россиялъул тIадтаразул жавабиял санкциязул хIасил кватIичIого бихьила нижеда ва гьелдалъун халкъалъул рукIа-рахъиналъул даража гIодобе ккезе бугин. Ва батизе бегьула ахир-къад политикияб хиса-баси гуребги, хIатта гьанжесеб низам тIаса рехизецин рес бугин».
Аммаила, тIаде жубалеб буго Леонид Седовас гьадин ккани, гIемерал гIадамаз къватIире рахъун, тIалаб гьабилаан – «Нижер президент нижее тIад вуссинави», абулаго. Щай гурелъул Крымалъул аннексия гьабиялъ халкъазул цIикIкIараб къадар паналъизабунин, цIидасан бакканин шовинизмалъул бербалагьи, ян абулеб буго социолог Леонид Седовас.
Амма низам хисун, кинабго хъващтIан рукIалиде ккезабизе гьечIин, цойги хIинкъи букIине рес бугин. Питна.
Леонид Седов: « Питна букIине рес буго, щай гурелъул – жамгIият бикьун бугелъул. Ва хIалуцIараб ахIвал-хIал букIине буго гьелдалъун».
Эркенлъи радиоялъул ГIурус хъулухъалъул кумекалдалъун хIадур гьабураб материал.