Цо гали цебе, анцIго - нахъе…

Россиялъул статискаялъул идараялъул хIисабалда рекъон, 2014 соналъул микьго моцIида жаниб улкаялдаса къватIире аразул къадар цIикIкIараб Владимир Путиница улкаялъул нухмалъи гьабураб бокьараб тIубараб соналда къватIире аразул къадаралде дандеккун. Гочунел руго батIи-батIиял гIадамал, амма бищунго тIоцере - къватIиб хIалтIи батизе шансал цIикIкIарал махшел тIокIал специалистал. Шай ватIаналдаса унезул къадар цIикIкIуб бугеб Россиялда?

2014 соналъул январалдаса августалде щвезегIан Россиялъул Федерациялдаса эмиграция гьабун буго 203 659 чияс. Цебесеб соналъул гьединабго заманалда жаниб къватIиб даимаб гIумру гьабизелъун гочун вуго 120 756 гражданав.

Гьебго "Росстаталъул" баяназда рекъон, Россиялъул гражданал аслияб къагIидаялда гочунел руго Цолъарал Штатазде, Германиялде, Канадаялде ва Финляндиялде.

Гьанже загьирлъулеб тенденциялде балагьун, цо-цо экспертаз абулеб буго, жакъа Россиялдаса Магърибалде эмиграциялъул цIияб завал бугин. Унел ругин киналго, хасго специалистал. Гьебин абуни, кколин Россиялъул Федерациялъул аслиял проблемабазул цояб, ай махшел тIокIал техникиял, гIельмиял ва нухмалъи гьабиялъул кадразул дефициталъе ахир лъезе гIагарисеб заманалда бажаризе гьечIин абураб.

Гьанжеялдего Россиялъул бухьеналъул ва коммуникациязул министр Николай Никифоровас лъазабулеб буго жакъа улкаялъе камун вугин 650 азарго программистин. Пачалихъалъ гIамал гьабулеб бугин гьеб дефициталъе ахир лъезе, IT- махшелчагIазул цIалул идарабазде росулезул къадар цIикIкIинабиялъул къагIидаялдайин. Амма лъазабиязда рекъон, къватIисел улкабазде унел гьединал специалистазл читIир къокълъулеб рагIуларо.

Россиялдаса нахъе унел руго цо-цо компаниябиги. 2014 соналда, мисалалъе, Литваялде жибго унеб букIиналъул хIакъалъулъ лъазабун буго Game Insight абураб IT-компаниялъ. Гьезул бутIруз лъазабун буго, гьединаб хIукмуялда нахъ букIинчIин политикияб кьучIин, амма Вильнюсалда минаялъухъ кьолеб мухь гьитIинаб бугин, бищунго аслияб жо - Магърибалъул компаниязулгун бухьенал гIуцIизеги бигьаяб бугин. Гьездаго релъарал багьанаби рехсон руго гьенибего гочараб Planner5D компаниялъул бутIрузги.

Амма гIицIго батIиял рагIаби абун нахъе ана «В Контакте» абураб социалияб сурсат гIуцIарав компаниялъул акциязул I2 процент бугев Павел Дуров. Гьес багьаналъул рехсана ФСБялъулгун конфликт.

"Росстаталъул" статистика бихьизабун, щай Россиялдаса эмиграциялъул процесс исана хехлъулеб бугеб, кинал багьанаби рихьулел ругел гьелъиейин лъараб суал нижер программаялъ кьуна чанго чиясе.

Your browser doesn’t support HTML5

МахIамад ПатахIов, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул цолъиялъул Авар секциялъул нухмалъулев

Москваялдаса журналист ГIамир ГIамировасул пикру.

Your browser doesn’t support HTML5

ГIамир ГIамиров, журналист (Москва)

Футболалъул лъималазул командаялъул тренер Руслан Лабазановасул пикруялда, улкаялдаса нахъе унел руго аслияб къагIидаялда Совет Союзалъул «дефицитаз ва сваказарурал» ва пропаганда чIалгIарал гIадамал.

Your browser doesn’t support HTML5

Руслан Лабазанов, футболалъул лъималазул командаялъул тренер

Машгьурай журналист ва блогер Светлана Анохиналъ абулеб буго, жакъа Россиялъул нухмалъиялъ пачалихъиял информалатазул кумекалдалъун билъанхъизабулеб пропагандаялъ гIемер гIадамазул бетIер ссеризабун бугониги, Россиялда гIемерисезул гIадамазул ракIалда балъгояб хIинкъи батизе бегьулин. Улка тун къватIире раккизецин ине рес кьолареб "маххул пардавалъул" заманалъ гъваридал лъалкIал тун ругин гIадамазул пагьмуялдаин.

Светлана Анохина, журналист ва блогер

Светлана Анохина: «Империя щулалъулеб» бугин абун роххун ругел цоязул фоналда загьирлъулеб буго Совет Союзалъул рукIарал бищунго квешал къагIидаби нахъ руссунел ругин абураб цогидазул хIинкъи.

ГIадамаз гIамул гьабулеб буго бажарарабгIан хехго жидерго капитал улка тун къватIибе бахъизе, жалго ва жидерго лъимал Россия тун къватIире ине. Шайгурелъул кватIичIого къватIибе нух «маххул пардавалъ» къалин абураб магIнаялъул абундачал гIемерисез къабул гьарулел руго хIакъикъат, ракI боххизабулареб перспектива хIисабалда.

ГIадамаз гьанже кIудияб кIвар кьун хал ккун буго гъурщил курсалда хадуб, долларалде данде ккун гьеб тохьи гIадин бортулеб букIиналда хадуб. Гьезда бихьулеб буго лъугьа-бахъунеб. Щвалде щун бихьулеб батичIониги, гьезда бичIчIунеб буго щиб гьабунги букIине бегьулел захIмалъияздаса жалго цIунизе кколел рукIин. Дагьал гIаги рес бугел чагIи хIинкъун руго гьанже гьел къватIире инчIони, хадуб гьезул гьединал ресал тагIине бегьиялда бан».

Анохиналъул рагIаби тасдикъ гьабулеб гIадаб жаваб кьуна нижер сулалъе ПатахIовасги.

Your browser doesn’t support HTML5

ПатахIов МахIамад, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул цолъиялъул Авар секциялъул нухмалъулев

Анохиналъ абулеб буго Россиялъ нахъеххун галаби гьаризе цебего байбихьанин, амма гьеб процесс цIакъго хехлъанин исана, Крымалда, Украиналда сверун загьирлъараб ахIвал-хIалалда хурхунин. ТIадтараз сон, кIиго цебебеккун билъанхъизабулеб политикаялъе къимат кьолаго, цо гали цебе, анцIго - нахъейин абизе бегьулеб букIун батани, жакъасеб политикаялъ нилъ битIахъего нахъе, нилъер халкъалда лъикI лъалел репрессиязде рачунел ругин абизе бегьулин.

Светлана Анохина: «Украиналда хурхун лъугьа-бахъаралда бан нилъеда бихьана, нилъер гьайбатаб Россиялъ бацIил гIамал бихьизабураб куц. Гьелъ унгоги бихьизабуна Россия бих-биххун араб СССРалъул киналго гIамал-гIадат бугеб ирсилаб улка букIин.

Дида ва дир гьалмагъзабазда баянго бихьулеб буго улка тун къватIире иналъул бицинецин хIинкъи букIараб заманалде нилъ нахъе цIалел рукIин. Гьеле гьанжеги баккана «щуабилеб колонна» абураб термин. ЦIидаса раккана жидер суратал дора-гьанир чIвалел лъолел ватIаналъе хияналъи гьабулел гIадамал, раккана гьединазул яги божилъи гьечIозул сияхIал. Гьебги щиб, гьединал сияхIалде кколел руго жидерго позиция, хасго Украиналда сверун, загьир гьабулел, гIуралъ мустахIикъал чагIи. Гьеле довго Макаревич восе мисалалъе.

Гьеб кинабго нилъеда цIакъ лъикI лъалеб хьвада-чIвади ккола, гьеб буго нилъел генетикияб даражаялдацин. Багьанацин берцинго бихьулеб гьечIониги, нилъер ракIалда хIинкъи баккулеб буго гьанже. Гьединлъидал дица рикIкIуна жакъа загьирлъуле ахIвал-хIалалъул битIахъеб бухьен бугин Украиналъул хIакъикъаталдаги. Гьеле гьанже нилъер улка кьибикьана «жираздегоги» «щуабилеб колоннаялдеги». Жиндирго халкъалда гъорлъ хиянатчагIи ралагьизе байбихьи, гьеб ккола улкаялда нилъер нилъеда цересел наслабаз хIехьезе ккараб балагь, репрессияби, кватIичIого рукIиналъе ишара».

Россиялъул жакъасеб пропагандаялъул кьучIалде цIидаса босун бугин сверухъ ругел тушбабазул улка биххизабизе беокьарал тушбабазул тезисин рикIкIунеб буго журналисталъ. Хасго гьеб машгьурлъанин Украиналда сверун конфликт хIалуцарабгойин, абулеб буго гьелъ.

Светлана Анохина: «Украиналда хурхун загьирлъулеб ахIвал-хIалалда хурхун цIидаса рухIалде бачIана жинда кьагIу чIван букIараб парадигма - Россия кколин тушбабаз сверун ккураб цивилизациялъулаб лъикIлъиялъул чIинкIилъийин абураб. Гьай-гьай, гьединаб улкаялъул рахъ ккун букIинарищха диамго киммарал гIадал, щуризарурал беразул Китайгун Монголия гIадал гьалмагъзабазги.

Дагьалъцин бетIер хIалтIизабизе бокьулареб бутIаялъги рикIкIунеб буго гьединаб ахIвал-хIал тушбабаз бижинабун бугин. Амма жидеца киналго захIмалъаби хIехьезе ругин, хер кваналин, цебесеб соналъул хутIелал кваналин, цояб къотIун, цогидаб лъутIун басрияб ретIел ретIилин, цIидасаб колготкабазда картIал рукъулел рукIинин, кинабго хIехьелин, жал тушбабаз гIуцIарал захIмалъабаздаса бергьинин.

БитIараб бицани, дидани бичIунаро «къуватаб» улкаялда гIумру гьабизе бокьиялъул магIна. Дие бокьилаан бечедаб, парахатаб, инсанасул ихтияразул адаб гьабулеб, жиндиего къимат лъалеб улкаялда. Нилъер ватIанцоязе аслияблъун жолъун бихьулеб бугин ккола къуват. ГIицIго гьебищ гIадамазе, хасго мискIинал гIадамазе, камун бугеб жо?! ГIумрудул сахал шартIал ва парахалъи гьезие къваригIунарин абураб, гьересийищ кколеб?!

Владимир Владимировичасул ясалъ гIумру гьабулеб буго къватIисеб улкаялда. Дуца Россия хутIараб дунялалдаса батIа гьабиялъул политика билъанхъизабулеб батани, дуца цебегIадаб хутIараб дуналда гьоркьоб кьед баялъул маршрут бахъулеб батани, щайха дурго гьайбатай яс гьеб «турулеб Магърибалдаса» нахъе ахIуларей дурго кинабго жо лъикI бугеб тIегьалеб улкаялде!

Цингиги, щиб гьабулеб бугеб жидерго гIарцазе олигархаз, ай, гьелго тIадтараз. Дир ракI чIараб буго гьез нилъее бичIинецин захIматал схемаби хIалтIизарун жидерго капиталал гIага-божаралзул цIаразда гъоркь божилъи бугел бакIазде щвезабун букIинеалда».

Калам рагIалде бахъинабулаго Анохиналъ кIвар буссинабулеб буго Россиялда гражданазул интересал абурал рагIабазул магIна хун букIиналде.

Светлана Анохина: «Нилъер улкаялда «гражданав» абураб рагIул магIна хвезабун буго. Гьесул интересал лъицаниги цIунулел гьечIо. Лъицаниги гьанже гьелъул бицунебги гьечIо. Киназго бицунеб буго улкаялъул пачалихъиял интересазул. Дида гьеб бичIунеб жо гуро, гражданасул интресал цIунулареб улкаялда кинаб логикаялда рекъон пачалихъалъул интересал цIунизе кколелали. Лъие гьелдаса пайда букIунеб?»