Бихьулеб къагIидаялда квешлъун буго россиялъулазул Евроцолъиялде бугеб бербалагьиги. Гудковас абулеб буго, гIадатияб къагIидаялда лъикIаб бербалагьи жинде букIараб Германияги жидее суалал кьурал Россиялъул гIадамазда гьанже бихьулеб буго пикру данде кколарел улкабазул сияхIалда гъорлъ. 2010 соналда Германиялде негативияб бербалагьи загьир гьабулезул цо процент букIун батани, гьанже гьединазул къадар бахун буго 18 проценталде.
Америкаялда бугеб Пьюл цIех-рехалъул централъ (Pew Research Center) июлалда 44 улкаялда 48 азаргоялдаса цIикIкIун чиясул гьикъа-бакъияз бихьизабулеб буго жибго Россиялдеги бербалагьиги дунялалда квешлъулеб букIин. Пьюл централда базабун Би-Би-Си агентлъиялъ кIвар буссинабулеб буго Цолъарал Штатазда Россиялде рокьукълъиялъул пикруялъул даража соналда жаниб 43-ялдаса 72 проценталде бахун букIиналде.
Ахирисеб 20 сонида жаниб тIоцебесеб нухалда, ай, 1999 соналда антиамериканизамлъул завал букIана НАТОялъ Сербиялде бомбаби ралеб мехалда. 2003 соналда гьединаб хIужжа загьирлъана ГIиракъалда рагъ байбихьун хадуб. Гуржиялъ рагъ багъарун хадуб Магърибалде бербалагьи квешлъун буго лъабаиблеб нухалда. «Левада-централъул» директор Лев Гудковасул рагIабазда, ахирисеб нухалда гьединаб багьаналъун лъугьун буго Украиналда сверун загьирлъулеб ахIвал-хIал. Аммайин абулеб буго гьес, россиялъулазул рокьукълъиялъул даража жакъа гIадаб борхалъуде киданиги бахун букIинчIин. Гьесулго рагIабазда, соналъул байбихьуда Украиналде позитивияб бербалагьи бугел россиялъулазул къадар кIиго нухалъ дагьлъун буго.
Гьеб кколин жигараб ва цIакъ къуватаб пропагандаялъул хIасилин рикIкIунеб буго Гудковасги гIемерисел эксперталгун политологазги. Машгьурай журналист ва блогер Светлана Анохиналъул рагIабазда, пропагандаялъул хIасилал рихьиялъе хасал цIех-рехал къваригIунаро. ГIола таксиялда рекIани.
Светлана Анохина: «Дида бихьулеб буго пуланаб заманалдаса таксистаз улкаялъул «унтабазул» хIакъалъулъ цIакъго гIемер бицунеб букIин. Гьебги щиб, киналго балагьазул гIайибал гьез гIунтIизарулел руго Америкаялде. Гьедин гIарз гьез гьабулеб буго квешал нухазда, коррупциялда ва цоги гIемер жоялда хурхун. Гьез гIарз гьабулеб буго Америкаялъ нилъер нухал "хъарс-хъарсун" ругел гIадин, Америкаялъ нилъер "ментал" ришватал рахъизе тIамун ругел гIадин, Америкаялъ нилъер тахшагьаралъул къватIазде ришни-къулалъул цIурал таргьаби рехулел ругел гIадин. Гьеб гьез абулеб буго ццидахун, ракIчIун.
КIиабизеги, гьеб пропагандаялъул хIасил дида бихьулеб буго дирго эбелалде балагьунги. Гьей щибаб къойил балагьула "1-себ каналалъухъ", "Россия-24" каналъухъ. Гьелда кинабго киназулго хIакъалъулъ лъала. Лъала Россия жибго цIуниялде ккун букIиналъул. Гьелде киналго рахъаздаса нилъ лагълъиялде руссинаризе бокьараб, добго Америкаялъ тIадецуй гьабулеб букIиналъул хIакъалъулъ лъала.
Щай гьединал пикраби ругел? Щайгурелъул долъул гьечIо информация кьолеб альтернативияб канал. Гьеб рахъалдаса гьей ва гьейгун гIемер цоги гIадамал щвалде щун, лъикIаланго "куцан" ругин абизе бегьула пропагандаялъ.
Дунни телевидениялъухъ балагьуларо, амма интернтелдаса дида лъала нилъер телевидениялъ чIечIого истерия, гъалагълъи бижинабулеб ва хIалуцинабулеб куц. Гьеб процессалда гIахьаллъулел руго гIуралъ бетIер хIалтIулел гIадамалгицин.
Халкъалъул пикруялде киналго рахъаздаса асар гьабулеб буго. Гьалеха гьанже абизе бегьула, нилъер республика рагъалде хIадурулеб бугин. Гьелъул пикруялда Украиналдасахун Америка гIагарлъулеб буго нилъер "ракIбацIадал" гIорхъабазде аскIобе. Нилъин абуни нилъгоги цогидалги цIуниялдеги хвасар гьариялде ккун руго.
ГIаммаб къагIидаялда абуни, гьеб буго абсурд, гIантлъи. Гьанже гIадамазде балагьун дир ццим бахъунеб буго. Гьез гьеб "пропагандаялъул таблетка" къулчIана балагьизецин балагьичIого. Живго цIуниялъул мурадалдагIаги балагьизе ккеларищ, щиб жидее кьолеб бугебали лъазе. Гьединаб жалго цIуниялъул рефлекс гIадамазулъ тIагун бугин ккола цо-цо нухалда. ЦIидаса бихьулеб буго, къватIисев тушманасде бугеб цидаца гIадамал цолъизарулел рукIин».
Словакиялдаса экономикаялъул профессор ва машгьурав журналист Владимир Бачишиница нижер программаялъе комментариял гьарулаго абулеб буго Украиналъул крисизалъе гIоло дунялалда «цIорораб рагъалъул» гIадал ишарабицин ракканин. Гьесулго рагIабазда, Россиялъ цIакъ къуватаб пропаганда гьабулеб буго. Амма гьеб хIалтIизабулеб буго цогидал рахъазги. Гьединлъидал гьеб ахIвал-хIалалда хIикъакъат батизе захIматго бугин, гьелъул гIайиб журналистаздаги бугин, рикIкIунеб буго гьес.
Владимир Бачишин: «Россиялъул рукIине те, рукIине те Украиналъул сайтал яги "Гардиан" газета букIине те, цIакъ захIматго буго жакъа хIакъикъат батизе. Киналго рахъазул информация буссун буго хIакъаб пропагандаялде. Цого жо Украиналъул рахъалъ рикIкIунеб буго армиялъул хияналъе хIисбалда, Россиялъул рахъалъ - битIараб нух бищилъун, лъабабилеб рахъалъги - жиндирго къагIидаялда. ЦIакъ захIматго букIуна гьединаб ахIвал-хIалалда хIакъикъат батизе, хасго я украиназул, я гIурус яги инглис мацIал лъаларезе.
Дир пикруялда, Россиялъул пропаганда цо-цо каналазда бергьараб буго Леонид Ильичил заманалъул пропагандаялдасаги. Гьениб ургъичIеб жо хутIун батиларин ккола цо-цо нухалъ. Европаялда тункизабун цо-цо рагIабицин ургъулел руго. Мисалалъе, дие батана «Гейропа» абураб рагIицин.
Босе Словакия, гьанибги Украиналъул ситуациялда хурхун журналистаз хIалтIизарулел руго гIицIго "сепаратистал", "россиялъул рахъ ккурал къуватал" ва цогидал терминал. Гьоркьохъеб Европаялдаги журналистика талхун бугин абизе бегьула. Гьанибги Россиялдаго гIадин сахаб лъай ва махщел бугел журналистал дагьлъулел руго. Гьел ккола тарихги, мацIалги лъаларел гIадамал. Гьез такрар гьарулел руго гIицIго политиказ хIалтIизарулел рагIаби. Гьанже гьелде абизе бегьулеб батила попугаялъул, ай, "такрархIинчIалъул къагIидаялъул журналистикаяйин».
Жидерго ишалда кIудияб икъбал щванин Россиялъул пропагандистазейин, амма гьезул кинабгIаги хурхен гьечIин гьелъул журналистикаялдайин абуна нижер программаялъе комментариял гьарулаго, журналист ва политолог Джафаров Тимурица.
Тимур Джафаров: «Жакъасеб ахIвал-хIалалда Россиялъул гражданазул 85 проценталъ нухмалъиялъул позициялъул рахъ кколеб букIиналде балагьун, абизе бегьула пропаганадаялъ жиндирго хIалтIи гьабулеб бугин "щуйилалъейин". Ай, гьеб, пропаганда тIобитIулел жидерго мурадазде щолел руго.
Дир ва дун гIадал цо-цо гIадамазул бербалагьиялда, гьеб буго цIакъ хъачIаб, абухъего, "гIоштIоца" гьабулеб гIадаб пропаганда. Амма такрар гьабила, гIадамаз рахъ кколеб буго, гIадамал божулел руго, гьединлъидал гьелъ жиндирго жо гьабулеб буго. Пропаганда хIалтIулеб буго нусабго проценталъ. Цоги жо ккола, журналист хIисбалда дица абила, журналистикаялде гьеб пропаганадялъул гьечIо, дир пикруялда, кинабгIаги хурхен. Ки-наб-гIа-ги!»
«Левада-централъул» бетIер Лев Гудковасул рагIабазда, пропагандаялъ ралагьула хIакъав тушман вукIиналда халкъ божизабиялъе «компонентал», амма гьел мифал рукIуна. I989 соналда гьабураб гьикъа-бакъиялда лъун букIун буго гьадинаб суал: «Ругищ нилъер халкъалъул тушбаби?» абураб. ГIицIго 13 проценталда гурони тушбаби рихьулел рукIун гьечIо доб мехалда. Тушбабилъун гьез рикIкIунел рукIун руго ЦРУ, Магъриб, исламистал, сепаратистал, коммунистал. Суал кьуразул бащадаб къадаралъ жаваб кьун буго: «Щай нилъеца тушбаби ралагьизе кколел, киналго проблемаби нилъедаго хурхарал ругелъул?» абун. Гьеб ракIалде щвезабун, Гудковас жубалеб буго, Путин нухмалъуде вачIаралдаса нахъе Россиялъул тушбаби рукIиналда божулезул къадар бахун бугин 78 проценталдейин. Жакъа пропаганда цIакъ жигарго хIалтIизарулел ругин бендералазул, нацистазул, Украиналъул фашистазул, «Кваранаб секторалъул», геноцидалъул ва гIурусазул дискриминациялъул хIакъалъул маргьабиян.
Светлана Анохина: «Щай Украиналъул фашистаз нилъ гьедин хIинкъизарулел ругел? Щай нилъ хIинкъизарулел гьечIел Москваялъул къватIазда свастикабигун маршал гIуцIулез гIемерал гIадамаз? ГIадамал бигьаго зомбиязде руссинаризе бегьулел рукIун руго. Гьерсал кIудиял ругелгIан, гIадамал хекко божулел руго гьелда. Нилъер телевидениялъни гьереси бицунеб буго цIакъ кIудияб махшелгун. Дида кколеб буго нилъер халкъ гIадаллъун бугин».
Цо-цо политологазул пикруялда, гьанже загьирлъулеб тенденция цебетIолеб бугони, ахир-къадги гьелъ нилъ рачине бегьула Россиялдаги Магърибалдаги гьоркьоб цIидаса «маххул пардав» бортиялде. Тарих такрарлъизе биччаларин, лъазабун буго Россиялъул вице-премьер Дмитрий Рогозиница хамис къоялда «Оборонэкспорт – 2014» форумалда кIалъалаго.
Дмитрий Рогозин: «Гьай-гьай нижер гьечIо масъала улка жинца жибго изоляциялде ккезабиялъул, "маххул пардав" гIодобе биччаялъул. Технологиязени гьеб букIинаан драма гуреб, хIакъаб катастрофа. КъватIисел партнераздаса рахчун чIезе нижее бокьун гьечIо. Узухъда ниж хIадурал руго кооперациялде. Гьедин гурищ дица баркала кьолеб бугеб данде кколареб политикияб фон букIаго вас-васдичIого "Оборонэкспорт - 2014" форумалде рачIарал къватIисел улкабазул партнеразе».
Бачишиница абулеб буго Рогозинил рагIабазде бараб жо гьечIин гьеб, гьеб «пардав» гьанжеялдего гIодобе ине байбихьанин.
Владимир Бачишин: «Россиялдаги Магърибалъул дунялдаги гьоркьоб "маххул пардав" хакъикъаталдаги гIодобе ине байбихьана санкцияби лъазаризе, ай, экономикиял сангарал гIуцIизе байбихьаралдасаго. Дунялалъул регионазул гьоркьорлъаби рихизаризе байбихьарабго. Гьелъ баянго ракIалде щвезабулеб буго КОКОМ, ай, букIараб Совет Союзалъе ва тIолабго социалистияб лагералъе гъваридал технологиял ричизе гьукъулеб 1949 соналъ Цолъарал Штатазда гIуцIараб идара.
Дида ккола гьеб тенденция халат бахъине бугин. Квен-тIеххалдаса, кванил нигIматаздаса рахъал руссине ругин техникагун технологиязул сфералде. Гьебин абуни ккола экономикаялъул цебетIей тохлъизе бугин абураб, россиялъул экономикаялул депрессия баккизе бегьулин абураб. Евроцолъиялъул экономикаялъул депрессияни гьелдасанги цебецин загьирлъизе бегьулин ккола дида. Щайгурелъул гьедигIан бигьаяб жо кколарелъул промышленносталъул къайиялъе базар батизе».
Жинда кколеб букIанин жакъа интрнет бугеб мехалда «маххул пардавалъул» тарих такрарлъизе рес гьечIин. Амма хIакъикъаталъ тIуянго жий мекъай йикIин бихьизабунин ва жиндир цо-цо хIинкъиял гьелъ раккизарулел ругин абулеб буго Анохиналъ.
Светлана Анохина: «Дица дагьалъ кIодо-кIодо гьабун бицунеб бугин хIинкъун йикIуна дун. Амма дун паникер гьечIониги, тIаде балагь бачIунеб гIадаб, нилъ рагъде хIадурулел ругеб гIадаб асар щолеб буго дида. Гьанже телевидениялдаса гIемер рихьизарулел руго патриотикиял фильмал. Гьеб байбихьана 8 март щолелде. Рихьизарулел рукIана фашистазул жанаварлъи бахьизабулел фильмал. Дида ккола, нилъ гьедин хIадурулел рукIун ратилин Украиналда бугеб ахIвал-хIалалдейин».