Ссылки для упрощенного доступа

"Къокъаб" пагьмуялъ балагьалде рачуна


Экпертазул пикруялда, Сталинил репрессиязул къурбаналлъун милллионал лъугьараб Россиялда сталинизмалде бербалагьи тамахлъулеб буго жакъа.

Цогидаз абулеб буго Владимир Путин Россиялъул нухмалъуде вачIаралдаса, улкаялда советияб заманалъухъ урхъарел гIадамазул къадар чIечIого цIикIкIунеб бугин. Цо-цо сферабазда бигьагьабун нахъ руссинарулел ругин советияб заманалъул элементал: терминология, атрибутика, гIуцIаби, «гIадатал», цогидаб. Улкаялъул лидерасдаги щибниги квешаб жо бихьулеб гьечIо Волгоградалъе Сталинград цIар нахъ буссинабиялда нахъ. Владимир Путиница гьединаб пикру загьир гьабуна «КIиабилеб фронт» рагьун 70 сон тIубаялда бан Франциялда тIобитIараб мемориалияб тадбиралда гIахьаллъулеб мехалда.

Инсанасул ихтирал цIунулезда ва жигараб гIумрудул позициялъул цогидал гIадамазда гьединаб хIакъикъаталда нахъ бихьулеб буго цIакъ хIинкъи бугеб тенденция.

Машгьурав юрист ва блогер Къадиев Расулие ракIалъе гIун гьечIо Москваялъул автомобилазул нухазул университеталъул филиалалъул минаялда чIвараб Иосиф Сталинил портрет. Гьесда гьеб бихьун буго гIемер гIадамал хIакъир гьабулеб хIужа хIисабалда. Гьединлъидал гьес гIарза хъван буго диваналде диктаторасул сурат гьенисан бахъи тIалаб гьабун. Амма диваналда гьеб бихьун буго гIицIго архитектураялъул ва шагьаралъул эстетикаялъул проблема.

Къадиев Расулил хитIаблъе диваналъ кьураб жаваб
Къадиев Расулил хитIаблъе диваналъ кьураб жаваб

Живгоги юрист вукIиналъ, жиндир хитIабалде гIенеккун, гьеб сурат гьенисан бахъизе букIиялде жиндир хьул букIинчIинин, амма гьединаб хIужжа кIвар кьечIого тейялъги гражданияб позиция бугев чиясул рахIат хвезабулин, абулеб буго Къадиевас. Гьеб къеркьей халат бахъинабизе бугищ дуца? Кьезе бугищ цIияб гIарза инстанциялде?

Расул Къадиев
Расул Къадиев

Расул Къадиев: «Дида ракIалда гьечIо диваналде хитIаб гьабизе. Бицен гьабулеб буго жинда гъоркь щулияб, ракI чIараб юридикияб кьучI гьечIеб хIужжаялъул. Россиялъул къануназ унгоги гьукъун гьечIо Сталинил портретал къватIазда чIвазе, Россиялъул диваналъ Сталин лъазавичIелъул такъсирлъилъун.

Гьеб сурат гьениб чIваялъ жал хIакъир гьарулел ругин гIадамазул къокъаялъ гIарз гьабулеб букIарабани, прокуратураялъ гьелда сверун иш рагьизе бегьулаан ва гьеб иш диваналде кьезе. «Мемориалалъ» цо нухалъ гуреб гьеб суал борхизабураб, амма хIасил кьечIо.

БитIараб бицани, дун гьеб сураталъ хIакъир гурев гьавуле вугев, дун гьелъ хIинкъизавулев вуго. Щай? Щайгурелъул цо-босани, Сталинил портретал, ай, гьесул заманалъул символал къватIазда ракки бегьулеб жо бугин рикIкIунел гIадамазул къадар кIудияб буго, кIиабизеги, гьединал гIадамаз къабул гьабулеб буго пачалихъалъул интересазе гIоло гIадамал жанир лъезе бегьулин, гьезие репрессияби гьаризе бегьулин абурал пикраби.

Гьединаб пикру щулалъараб пачалихъалда чисял гIумруялъул къимат ва къадру гIодобе ккола. Гьеле гьедиб пикруялъ гуришха дун гьесизавурав диваналде хитIаб кьезе. Гьелда хадуб бичIчIана дида Сталинил система такрарлъизе бокьарал гIадамал нилъер гьанжеги гIемер рукIин. Гьеле II00 чиясул гьабураб гьикъа-бакъиязги бихьизабулеб буго Сталинил портретал минабазда хеялъул рахъ гIадамазул 68 проценталъ кколеб букIин».

Совет Союзалъул заманалъул гIадаб хIакъикъат ракIалде щвезабулел гIемер галаби гьаруна Россиялда ахирисеб 10 соналда. Заман арабгIан гьединал галаби хехлъулел ругин рикIкIунеб Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул гIалимчи, машгьурав тарихчи ХIажимурад Доногъоца. Гьесул рагIабазда, Волгоградалъе цебесеб цIар нахъ буссинабиялде Путин данде гьечIолъи – гьеб ккола Россиялда авторитаризм щулалъулеб букIиналъул цIакъго баянаб ишара.

ХIажимурад Доногъо
ХIажимурад Доногъо

ХIажимурад Доногъо: «Дир гьелде цIакъ негативияб берблагьи буго. Шагьаралъе тIоцебего букIараб цIар нахъе буссинабулеб букIарабани, гьеб цо жо букIинаан. Гьеб цебе букIана Царицын. Сталинградлъунин абуни, гьеб букIана гIицIго 36 соналъ. Гьеб къокъаб заманал ккола тарихалда жаниб. Амма гьеб гуреб аслияб суал. Аслияб ва ургъелал ракIкIизарулеб жо ккола жакъа нилъер нухмалъиялъ нилъ цере гIадал заманазде рачунел рукIин. Гьелъул ишараби заман арабгIан баянлъулеб буго. Гьеле шагьаралъул цIар хисизаби буго гьезул цояб. Сунде гьединал галабаз рачине бегьулебали тарихалъги бихьизабулеб буго.»

БакIалъулал ва тIадегIанал пачалихъиял хъулухъчагIазул Волгоградалъул цIар Сталинградалде буссинабиялъул иницативаялда нахъ, Левада-централъ гьабураб цIех-рехалъул хIасилазда рекъон, Сталинградалъул кьал гIадамазул пикруялда даимго хутIиялъе бахъулеб хIаракат бихьулеб буго гьикъа-бакъаразул 31 проценталда. 25 проценталда гьелда нахъ бихьулеб буго коррупциялъул скандалаздаса, нухмалъиялде божилъи хвеялдаса ва оппозициялъул хIаракатчилъиялъул даража цIикIкIунеб букIиналдаса жамгIияб кIвар цогидаб рахъалде буссинабизе бахъулеб хIаракат. Рагъалда бергьарав Сталинил цIар нахъе буссинабизе ва гьединаб къагIидаялда гIадамазул ботIролъ бугеб Сталинил репрессиязул ва такъсиразул пикру бахъчизабизе гьабулеб хIаракат хIисабалда къабул гьабулеб буго гьеб гали 18 проценталъ.

Кинал ругел аслиял аргументал гьединаб пикруялъул рахъ кколезул? Жиндирго бербалагьи гьадин загьир гьабуна Гъизильюрталдаса жамгIияв хIаракатчи Компартиялъул Дагъистаналда бугеб фракциялъул вакил ГIабдулахIид Лабазановас.

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:00:55 0:00
Загрузить файл

Доногъоца абулеб буго, гьединаб гьикъа-бакъиялда жив гIахьаллъун вукIарабани, жиндие данде ккезе рукIанин кIиабилебги лъабабилебги жавабин. Гьеб киналдаго нахъ жиндаги бихьулеб бугин хIакъал проблемабаздаса, гьебги щиб жибго пачалихъалъ рижинарурал политикиялгун экономикиял, социалиялгун жамгIиял проблемабаздаса, гIадамазул кIвар чанги чIорогосел, пайда кьоларел ишазде руссинарулел рукIин. ГIадамазул пикру чIечIого нахъе, букIаралдехун, ай, рукIарал бергьенлъабазде, икъбалазде буссинабулеб бугин, букIинеселда тIад ургъиялъе бакI толеб гьечIин. Аммайин жубалеб буго тарихчияс, нахъеги балагьун унев чиясда цебе бугеб ккал бихьуларин.

Кинабха бербалагьи бугеб шагьаралъул цIар хисизабиялда хурхун жалго Волгоградалда гIумру гьабулезул? Нижер радиоялъ гьабураб гьикъа-бакъи.

« - Дица рикIкIуна, гьанже бугеб цIар букIунхъе тезе кколин. ГIадада гурелъул гьелде Волгоград цIар лъун букIараб. Цингиги нижер шагьар Волгаялда буго гури. Узухъда, Сталинград абураб цIаралда буго жиндирго хаслъи. Гьеб тарих ккола. Гьеб нилъеда киназдаго ракIалда букIине ккола. Амма тIоцебего нилъ ургъизе ккола букIинеселда тIад. Сталинил эпоха нахъе ана. Нижеца гIумру гьабун буго жакъасеб заманалде данде кколеб санагIатаб цIебетIеялъул перспектива бугеб шагьаралда.»

« - Волгоград гьеб ккола Волгаялда бугеб шагьар. Гьеб кколаро Сталинил шагьар. Гьеб киданиги букIинчIо Сталинил шагьарлъун. Дир хьул буго гьеб киданиги гьединаблъун букIин гутIитялъулги. Гражданияб рагъ унеб мехалда Сталиница кIудияб балагь бачIинабуна гIадамазе. Гьелъие гIоло гьелъие 1925 соналда кьуна гьесул цIар. Сталинградалъул кьал, гьеб Сталинградалъул кьал хIисабалда хутIизеги буго тарихалда. Шагьарин абуни, букIине ккола Волгоград цIаргун.»

« - Дида ккола, гьел захIмалъаби раккизаризе ругин. Гьеб гьедингоги киназдаго лъан букIине буго, гьеб Сталинградлъун цебе букIараблъи. Дида ккола гьеб гьедигIан кIудияб кIвар бугеб жо кколарин.»

« - Лъаларо... Гьедин батани, тIадеги лъикI букIинаан Царицын.»

« - Волгоград, Волгоградалъул область гьанже налъабазулъ къан буго. Гьеб цIакъ хираго чIезе буго. Цингиги шагьаралъул цIар хисизабиялъ, гIумру лъикIлъуларо. Тарихияб пагьму... дие захIматго буго гьелъул бицине. Рагъалъул байбихьи, кIудиял камиял, гьебги Сталинил гIайиб гурищ кколеб?»

Шагьаралъул цIар хисизабиялъул инициатива кIвар кьечIого течIо коммунистазги. Гьебго карачелалдаса пайда босун Компартиялъул лидер Геннадий Зюгановасги ахIана Санкт-Петербург Ленинградалде буссинабиялде.

Амма кин букIаниги, Волгоградалъулги Санкт-Петербургалъулги цIарал хисиялде данде рагIула гIадамазул 60-ялдеги 55-ялдеги гIунтун процент. Гьебги щиб жиб-жиб моцIалда гьединазул къадар цIикIкIунеб рагIула. Гьедин бихьизабулеб добго Левада-централъул цIех-реххалъ. Аммайин абулеб буго ХIажимурад Доногъоца, гьеб кколарин шагьаразул цIарал хисунгутIиялъул кинабгIаги гарантияйин. Гьеб суал лъун тIобитIизе бегьулеб референдумги букIине бегьулин формалияб тадбирин, абулеб буго гIалимчияс.

ХIажимурад Доногъо: «ХIакъикъаталдаги, абизе бегьула гьеб цIар хисизабиялъе изну кьун бугин. Референдумин абуни, гьеб букIине бегьула гьениб демократияб къагIидаялда процедура анин бихьизабиялъе гьабулеб гIицIго формалияб тадбир. Гьаниб ракIалде бачIуна довго Джугашвилил рищиязда хурхун абурал рагIаби: "Аслияб жо кколаро кин гьаркьал кьуралали, аслияб жо ккола кин гьел рикIкIарали" абурал.»

Кин бихьулеб бугеб жакъа Россиялда бахIсал рагъаризарураб суал къватIисан. Словакиялъул Братиславаялда бугеб Паневропаялъулаб университеталъул экономикаялъул профессор Владимир Бачишин гьеб суалалде балагьун вуго тIоцевего экономикияб бербалагьиялдаса ва гьес дипломатияб къагIидаялда абулеб буго, Россия зама-заманалдаса аслиял ишалги тун, буссунин цоги кIвар дагьал, пайда гьитIинал суалаздейин. Гьал бахIсалги гьесда рихьулеб буго гIицIго гьединаб позициялдаса. Гьедин букIаниги, гьес ишара гьабулеб буго Россия Сталинизмалдаса цIунун гьечIолъиялъул.

Владимир Бачишин
Владимир Бачишин

Владимир Бачишин: «Дида ккола, цо рахъалъан балагьани, жакъа Россия бугин жиндилъго хъирщарулеб, жиндирго хIакъикъат балагьулеб. Дида бихьухъе, гьениб буго наслабазул жамгIияталдажанисеб конфликт. Цогидал рагIабаз абуни, Россиялда буго пуланаб режималдаса жидеего пайда щварал наслаби, мисалалъе, Сталинил режималдаса. Буго 60-абулел соназулин абулеб наслу. Гьезда бихьана жамгIиял гьоркьорлъабазул хинлъи. Буго наслу жидее Ельцинил периодалдаса пайда щварал, руго Горбачев нухмалъуда вукIараб мехалда пайда щварал. Гьединал рихьуларел рикьелаз гьаркьал кьолел руго жидерго заманалъе.

Дица бицен гьабулелб буго доб яги гьаб периодалда жидее гIумрудул комфорт букIарал гIадамазул. Жидее квеш букIаразул жамгIияб хIаракатчилъи абизегIанго загьирлъулеб гьечIо.
Дир пикруялда, гьеб кинабго ракIалде босун, жакъа Россиялъе бищунго кIвар кIудияб жо ккола жамгIияталда жаниб консенсус бати.

Гьеб ишалда цингиги бищунго аслияб жо ккола тарихалдаса кинал рукIаниги персонабазул «идолал» гьарунгутIи. Гьеле гьевго Сталин бергьанин Дунялалъул кIиабилеб рагъалдайин абураб пикру босе. У, гьеб буго позитив, амма гьеб гьереси ккола. Рагъда Сталин гурев бергьарав, гьелда бергьана армия, Жуков. Киданиги кIочене бегьуларо, Сталинил цIаралъул гIадамазул кIудияб къадар чIваялде, политикиял туснахъазда, халкъалъе чIегIераб къо чIезабиялда, хIинкъиялъул даимаб атмосфера бижинабиялда хурхен букIин. ЦIакъ ракIалъе гIолареб жо ккола, гьесул вахIшияб хьвада-чIвади бергьенлъиялда нахъ бахчизабизе хIалбихьулеб мехалда.

Цингиги, советияб периодалъе хIакъаб къимат кьезе ккани, гьанжеги ригьго буго. Дир пикруялда, гьелъие къваригIуна 50 сон гIанаб заман гIаммаб къагIидаялда.

Гьадинлъидал дица абила, шагьаразул цIаразда сверун бахIсал рижинариялдасаги кIвар кIудиял масъалаби руго жакъа Россиялъул. Цогидаб рахъалдаса балагьани, гьеб суал гьедигIан принципиалияб батани, Волгоградалде Сталинградалъул бакIалда Царицын цIар лъезе бегьулаан, гьеб гьелъул тIоцебесеб цIар букIин ракIалде босун. Амма гьеб жакъа дир пикруялда, гьедигIанго кIвар кIудияб масъала кколаро жамгIияталъе. Аслияб масъала ккола экономика гIуцIи ва конкуренция хIехьезе бажарулеб хIалалде щвезаби. Гьелдаса нусго нухалъ цикIкIун пайда букIинаан улкаялъе, гьел цIарал хисула, кIучIдул рищула, пропагандаялъе хIалтIизарулел инструментал ралагьулел рукIиналде данде ккун."

Тарихчи Доногъоца абулеб буго, Россиялъ сталинизмалъе щвалде щвараб къимат кьун букIарабани, ва гьелъул ишарабицин ругеб политикаяб сисистема гIуцIиялъе гьукъи лъазабун букIарабани, цебего букIунаанин хIакъаб демократиялъул, цебетIураб, кинацаго адаб гьабулеб улкаяйин.

ХIажимурад Доногъо: Гьелда бандие бокьун буго нилъер замналъул чиясул рагIаби рачине. Гьес абуна, нилъер улкаялда десталинизация гьабун гутIи, гьеб кколин жиндего кIвар буссинабулеб хIужайин. Немцазин абуни, нацизмалъе щвалде щвараб къимат кьуна. Гьеб гьелдаса борчIана цо нухалъги, абадиялъегоги. Аралдаса батIалъи гьелъие буссана гьанжесеб бечедаб гIумруялде.

Сталинизмин абуни, хутIулеб буго нилъер цебетIеялъе цIакъ къуватаб тормозлъун. Гьелъ нух къалеб буго лъикIаб букIинеселде. Гьеб, сталинизмалъ риччан руго цIакъ гъваридал кьалбал ва политикал гьезде, гьел кьалдабазде щвезе хIинкъулел руго. Дир пикруялда, цIакъ ритIарал рагIаби руго гьел."

Гьанже бугеб хIалалъе къимат кьолеб бугони, нилъер улка Доногъол пикруялда буго авторитаризмалдаса тоталитаризмалде нухда. Жакъасеб хIакъикъаталъе гIоло Россия хутIулеб буго батIия-батIиял халкъаздагьоркьосел рейтингазда Жанубияб КореягIадал улкабазул «мадугьаллъун».

Путинил нухмалъиялда гъоркь букIаго улкаялда жанир гьарурал хиса-басияз, нилъер улкаялда цебе цIидаса «маххул пардав» гIодобе биччазе бегьулин риIкIкунеб буго Доногъоца. Гьесулго рагIабазда, хIакъикъаталдаги Россиялъул нухмалъиялъ тоталитаризмалъул системаялде ориентир босана Совет Союзалъул гимн ва Россиялъул имеприялъул герб нахъ бусинабун хадубин.

ХIажимурад Доногъо: «Гимн. ХIакъикъаталдаги гимн хутIанин абизе бегьула Совет Союзалъул. Долда цо-цо рагIабиги хисизаруна. Пачалихъалъул герб хIакъикъаталдаги хутIана самодержавиялъулаблъун, ай, имериялъулаб. Гьеб щиб, кколаррищ мисал, нилъ нахъе унел рукIиналъе? БатIалъи гьечIо тоталитаризм советияб букIа, империялъулаб букIа.»

Гьесулго рагIабазда, политикияб хьуцалъулъ Россия тIадеги цIикIкун къана гьелъ оппозициялде данде полициялъул «тIилазул рагъ» байбихьун, митингазеги протесталъул акциязеги хасал шартIал чIезарун хадуб, «къватIисел улкабазул агентал» рижинарун хадуб, информалатазеги, инсанасул ихтиярал цIунулезулги гIорхъаби чIезарун хадуб, Россиялъул политикияб сценаялда Владимир Жириновский гIадал чагIи хьехьон ва Дмитрий Рогозин гIадамал ракIарун хадуб. Гьединаб процесс халат бахъунебни щиб, гьеб хехлъулебцин бугин, улка политикияб ва тарихияб ккалахъе бортиялъул шансал цIикIкIунел ругин абун лъугIинабуна жиндирго калам машгьурав тарихчи Доногъо ХIажимурадица.

Унгоги гIадамазда щвалде щун бичIчIунеб гьечIин сталинизмалдаса бугеб хIинкъийин, гIадамазда кколеб бугин сталинизмалъул гIаламатал жидеда хъвачIого хутIизе ругин, халат бахъинабулеб буго жиндирго калам Къадиевас.

Расул Къадиев: «ГIадамал гьеб заманалъулал къагIидаби къабул гьаризе хIадурал ратани, гьеб цIакъ квешаб жо ккола. Амма гьединал гIадамазул гIемерисезда кколеб буго гьел къагIидаби жидеда хъвачIого хутIизе ругин. Гьанже мун сардикь кинабгIаги гIайибги гIунтIизабичIого вачун унев вугони, дуе гьеб ракIалде гIезе букIанищин суал кьолеб мехалда, гьезул гIемерисез жавабияб суал кьолеб букIуна, щай гьез дун вачине кколевин, абураб».

XS
SM
MD
LG