Политикияб хΙаракатчилъиялъул цΙияб карачел

Москваялъул мэрасул хъулухъалде рищиязул кампания рикΙкΙинчΙогоги, оппозициялъул лидеразул цояв Алексей Навальныяс гΙуралъ кΙудияб жигарлъи баккизабуна россиялъул политикаялда. Гьесул кампаниялда жидеего бокьун гΙахьалъана гΙемер гΙолохъанал гΙадамал. Сунца гьел гьелде гьесизарурал?
Алексей Шагал гьеб кампаниялде жуван вуго Алексей Навальныясул блогалда баянал цΙалун хадув.

27 сон барав лъидани вачΙев журналистасде кΙудияб асар гьабун буго Навальныяс коррупциялде данде тΙобитΙулеб къеркьеялъ. Гьес кΙвар кьечΙого тун буго Навальныяс зама-заманалдаса миллатчилъиялъул хасияталъул пикраби загьир гьарулел рукΙин. Шагал гΙахьаллъун вуго 2011 соналъул декабаралда Пачалихъияб Думаялде рищиязда гьабураб макру-хΙиллаялде данде тΙобитΙараб протесталъул акциялда. Гьанжеги москваялъул мэрасул рищиязул кампания унеб мехалдаги гьев живго лъукΙав лъугьун хΙалае вахъун вуго Навальныясе. ГьатΙан къоялъ маркΙачΙуда, прогнозаз бихьизабуралдаса цΙикΙкΙун гьаркьал Навальныясе щун рукΙин баянлъун хадуб Шагал цΙакъ чΙухΙун вукΙана гьеб хΙакъикъаталдаса.

Алексей Навальный, Алексей Шагал ва интернет-аналитик Антон Носик Москваялда 1 августалда тΙобитΙараб митингалда

Алексей Шагал: «Гьанже нилъ цолъизе ккола. Гьадинаб историкияб моменталда щиб гьабунги гьабизе ккола. Гурони, нилъер цΙидаса букΙине буго «застой», хутΙизе руго цого бакΙалда. Унгоги, гьела нилъей цого бакΙалда чΙун рукΙин!»

Шагал вугин абизе бегьула, Совет Союз биххун хадуб балукълъиялде щварал, дагьалъ жигараб политикаялде хьул бугел гΙолохъабазул цоявин. Навальныясул кампаниялда гьединал гΙолохъабаз жалго лъикΙ лъугьун хΙалтΙизабуна жидерго транспорт, политикиял партиязул букΙунеб гΙадаб гΙадатияб ресазул база гьеб кампаниялъе гьез чΙезабунини абизе бегьула. Гьаркьал кьеялда хадуб хал кквей босани, шагьаралда батΙи-батиял бакΙазда агитациялъул материал тΙибитΙизаби босани, гьезул хΙаракаталъ бецΙизабунин абизе бегьула Навальныясе информациялъул алатаз лъазабичΙого гΙумруялде бахъинабураб бойкот. Гьеб кинабго ракΙалде босун абизе бегьула, гьединал гΙолохъабаз россиялъул политикаялда цΙияб жигарлъи бижизабунин.

Навальныяс гражданияб хΙаракатчилъиялъул цΙияб карачел багъаризабунин абуна, Эркенлъи радиоялъе комментариял гьарулаго, Москваялъул Карнегил централъул политикияй аналитик Мария Липманица.

Мария Липман: «Гъваридго балагьичΙого, гьединал гΙолилазул тайпа бугин абизе бегьула постиндустриалияб экономикаялъ продуктин. Гьел аслияб къагΙидаялда жигарго хΙалтΙулел руго жидерго мурадазде щвеялъул пикругун. Гьединал гΙолохъаби эркенлъун ругин абизе бегьула гΙадатияб патернализмалдаса. Гьез нахъ чΙвала, «жидеда щибниги бараб гьечΙин!» яги «щиб нижеда гьабизе бажарулебин?!» абураб. Гьел пачалихъалъул кΙалдиреги балагьун чΙун гьечΙо. Гьел руго жидедаго ракΙ чΙарал чагΙи.»

2011 соналъул декабралда хадур рагъарарал протесталъул акциязул сурсатаздаса пайда босизе бищунго кΙудиял ресал рукΙана Навальныясул. Гьесул кампаниялда гΙахьллъизе байбихьаралдаса, Шагалица жиндего тΙаде босун букΙана рищарухъабазулгун данделъиязда провокатарал баянлизариялъул масъала. Шагалица гьединго кумек гьабулеб букΙана кампаниялъул заманалда бахъулеб газета рагьизе. Гьес абулеб буго гьелъие кьураб хΙаракатчилъи гΙададагосеб букΙинчΙин.

Алексей Шагал: «Рищиязул кампания унеб заманалда Алексей Навальный гΙемер жоялде ругьунлъана. ТΙоцебего бихьулеб букΙана гьес жиндирго къагΙидаби щвалде щвезариялда тΙад хΙалтΙи гьабулеб букΙин. ТΙоцебе кидаго гуреб гьес ракΙ чΙун загьир гьарулел рукΙарал жиндирго пикраби. Амма рищиязул кампания ахиралде щолеб мехалда, гьев хΙадурав вукΙана бокьараб суалалъе жаваб кьезе. Бихьулеб букΙана хΙакъикъаталдаги гьев щулалъун вукΙин. Гьев лъугьана тΙубанго батΙияб даражаялъул политиклъун. Гьанже абизе бегьула гьев вугин федералияб даражаялъул политикин.»

Официалиял хΙассилазда рекъон, мэрасул ишал тΙуразаруле Сергей Собянин хΙалицаго ворчΙана рищиязул кΙиабилеб туралдаса. Гьесие щвана гьаркьазул 5Ι.3 процент. Навальныясе – 27.2.

Альтернативияб статистикаялъ бихьизабулеб буго Собяниние 50-ялдаса дагь процент щун букΙин. Навальныяс абулеб буго, нухмалъиялъ макру-хΙилла гьабунин, 50 проценталъул сангаралдаса рорчΙиялъул ва кΙиабилеб тур биччангутΙиялъул мурадалдайин.

Навальныясул ахΙиялда гΙенеккун, протесталъул акциялде рахъаразда хадуб хал ккурал цо-цо аналитиказ абулеб буго Россиялда политика бихьулеб къагΙидаялда хисулеб бугин. Мисалалъе, «Ведомости» газеталъул бетΙерав редактор Максим Трудолюбовас хъвалеб буго, «Гьесул кампаниялъ гΙурусазда бихьизабуна политика батΙиябги букΙине бегьулеблъи».

«Москваялъулазда бихьана, цо чиясул принципиалияб позициялъ нухмалъиялъул реакция багъаризабизе бегьулеблъи. Аза-зар гΙолахъанчияс жидее бокьун кумек гьабулеб буго политикияб кампаниялда. РукΙинесел политиказда бажаризе гьечΙо квал-квал гьабизе гьединал кампаниязе НавальныясгΙадал къагΙидаби хΙалтΙизарулел ругони.» - хъвалеб буго авторас.