Ссылки для упрощенного доступа

Протесталъул къуват цІикІкІунеб буго


Москва - "Миллионазул марш" 6 май 2012 с.
Москва - "Миллионазул марш" 6 май 2012 с.

Цебесеб гьатІан къоялда Москваялда тобитІана «Миллионазул марш» абураб протесталъул акция. Гьеб байбихьана Владимир Путинил Россиялъул президент хІисабалда инаугурациялъул цебесеб къоялда. Оппозициялъул лидеразул рагІабазда, гьелъул мурадги букІана жидеца Путин улкаялъул легитимияв бетІер хІисабалда къабул гьабулев гьечІеблъи бихьизаби. Гьеб тадбир халат бахъана бергьенлъиялъул къоялъги тІолабго анкьалъги. БатІи-батІиял лъазабиязда рекъон, гІаммаб къагІидаялда низам цІунулел идарабаз Москваялда ккун вуго 400-ялдасан 600-ялде бахун акциялъул гІахьалчи. ГьабсагІатги полициялъухъ руго жидее административияб аресталъул І5 сордо-къо бихьизабурал протесталъул акция гІуцІарал Алексей Навальныйги Сергей Удальцовги.

Гьаб нухалда митингалъул гІахьaлчагІаздаги ОМОНалдаги гьоркьоб ккана тунка-гІуси. Гьел киналго хІужабазда хурхун политологаз, жамгІиял хІаракатчагІаз, инсанасул ихтиярал цІунулез загьир гьарулел руго батІи-батІиял бербалагьиял. Амма гьезда гъорлъан гІемерисел рачІунел руго гІаммаб пикруялде - гьанже Москваялдаги, цо-цо шагьараздаги тІоритІулел протесталъул акциябаздаги нахъ бихьулеб бугила оппозициялъул рахъ ккуразги, низам цІунулезги цоцаде данде къеркьеялъул цІияб этап байбихьун букІиналъул ишарайила ва гьеб къеркьеялда радикализацияги бихьулеб бугилан.
Москва - Полиция х1адурлъулеб буго "Миллионазул маршалда". 06 май 2012 с.
Москва - Полиция х1адурлъулеб буго "Миллионазул маршалда". 06 май 2012 с.

«Миллионазул марш» тІобитІиялъул хІукму оппозициялъул лидераз гьабун букІана президентасул рищиязда хадурго тІоритІарал акциязда. Талат къоялда «Левый фронт» багъа-башариялъул лидер Сергей Удальцовас лъазабуна легитимияблъун гьез риккунареб нухмалъиялде данде къеркьей халат бахъинабизе бугилан.

Сергей Удальцов: «Нижеца бихьизабуна, ниж разилъун гьечІеблъи. РакІ бацІадал рищиязухъ ва легитимияб нухмалъиялъухъ къеркьей халат бахъинабизе буго. Нухмалъиялъ нижеде данде бихьизабулеб хъачІлъиялъул даражаялде балагьун букІине буго нижер жавабги. Нижеца нижго цІунизе руго. Гьелъие нижер буго тІубараб ихтияр. Нухмалъиялъ ниж тагІинарулел ругони, нижерги рукІине ккола ресал гьелде данде рахъине.»

Цо-цо экспретаз информациялъул алатазда загьир гьабурал пикруязда, тІолабго анкьалъ халат бахъараб протесталъул акциялъул хасият чанго нухалъ хисана. ГІадатияб къагІидаялда гьеб тІобитІулеб букІана, Путинил инаугурация улкаялъе байрам гьечІеблъи бихьизабизе оппозициялъ гІамал гьабулеб мехалда. Гьезул ахІиялги рукІана гІадатиял «Путин гьечІеб Россия!», «Лъабабилеб болжал туснахъалъул кколилан» абурал.

Оппозициялъул тадбир халат бахъана хадусел къоязги, гьебги щиб къадги къасиги. Гьелъие нухмалъиялъул изнуги къваргІунарила ва гьеб гьукъизеги шагьаралъул мэриялда бажаруларилан риккунеб буго гьелъул гІахьалчагІаз. Оппозициялъул лидераз жидерго къагІида хисизабулаго тІаса бищун букІана низам цІунулел къуватазулгун конфликт кколареб къагІида. Гьелде оппозициялъул лидераз цІар лъуна «халкъияб сверди» абун.

Москва -- "Миллионазул марш" Полициялъ кколев вуго оппозициялъул лидеразул цояв Борис Немцов. 6 май 2012 с.
Москва -- "Миллионазул марш" Полициялъ кколев вуго оппозициялъул лидеразул цояв Борис Немцов. 6 май 2012 с.
Машгьурав блоггер Алексей Навальный: «ГІадамаз протест халат бахъинабулеб буго. Гьезие бокьун буго къватІазда рукІине. КъваригІун букІана полициялгун конфликталде инчІого гьеб протесталъул акция халат бахъинабиялъул цІодораб къагІида. Гьелъие, дир пикруялда, данде кколеб формат буго халкъияб свердиялъул къагІида. Полициялъ нахъе ин тІалаб гьабулеб бугони, ниж цогидаб бакІалде уна. Москва кІудияб шагьар буго. Гьанир дагьал гьечІо паркал, ахал. Нижеца балагьила нижеего рукІине бакІ.»

Свердиялъул акция тІобитІана Чистые Пруды абураб бакІалда. Амма «Миллионазул маршалда» хадуб полициялъ жал эркенго свердизе тезе рукІиналде хьул гІададагосеб букІиналда разилъун руго гьелъул гІахьалчагІазул цоял. Хадусеб лъабго къоялдаги полициялъулаз кколел рукІана кинабгІаги багьанаги лъазабичІого хъахІал чІалаби рухьарал «свердиялъул» гІахьалчагІи.

Москва - "Миллионазул марш" гІуцІаразул цояв Алексей Навальный. Чистые пруды. 08 май 2012 с.
Москва - "Миллионазул марш" гІуцІаразул цояв Алексей Навальный. Чистые пруды. 08 май 2012 с.
Болотная абулеб майданалде нухда «Ударник» кинотеатралда цебе ккараб провокациялъул акталда хадуб иргадулаб нухалда ккуна акция гІуцІарав Навальныйги «Левый фронт» абураб багъа-башариялъул лидер Сергей Удальцовги, оппозициялъул лидеразул цояв Борис Немцовги. Навальныясдеги, Удальцовасдеги полициялъулазул тІалабал тІуразарунгутІиялъул гІайиб гІунтІизабун диваналъ бихьизабун буго административияб аресталъул І5 сордо-къо. «Справедливая Россия» партиялъул лидер, Пачалихъияб Думаялъул депутат Геннадий Гудковас лъазабуна москваялъул полициялъул антиконституциялъулаб хьвада-чІвадиялда хурхун жинца Генералияб прокуратураялде гІарза кьезе бугилан.

Цо-цо политологазул къиматалдаги нухмалъиялъ къувалъизабулеб буго оппозициялде тІадецуй. Цо босани, пачалихъияб думаялъул «Единая Россия» партиялъул фракциялъ гІамал гьабулеб буго, протесталъул акциязда низам хвезабиялъухъ бахъулеб гІакІалъул къадар цІиккинабузе чанго нухалъ, гьединаб къагІидаялда оппозициялде экономикияб тІадецуй гьабизе. Цогидаб рахъалдасан, пачалихъиял телеканалаз гІамал гьабулеб буго акциязда хурхун жамгІияб пикру квешаб рахъалдехун буссинабизеян, абулеб буго гьез.

Гьедин букІаниги гьанже загьирлъулеб хІакъикъаталъул, цо-цо экспертазул пикруялда, улкаялда гьаризе бегьула кІудиял хиса-басиял.

Протестазда гІахьаллъулеб халкъалъул къадарги, гьелъул радикализациялъул даражаялдаги бараб бугила нухмалъиялъ билъанхъизабулеб политикаялдаян, риккунеб буго Глобализациялъул ва социалиял багъа-башариязул институталъул директор Борис Кагарлицкияс. Гьесул хІисабалда, экономикияб хІал улкаялда дагьалъги хІалуцани (гьес риккунхъе, гьелъул даража гІодобе унеб буго), протесталъул масштаб цІиккине буго. Гьеб мехалда киналгІаги репресссияз нухмалъиялъе кумек гьабуларо. Кагаралицкияс кІвар буссинабулеб буго, цебесебги гьанжесебги соназул гІорхъабазда протесталъул акциялъул къуват бихьухъего цІиккун букІиналде. Протестаталъул хІалбихьи цІиккун хадуб, гьелде данде кьеркьеялъул хІассил букІунарилан лъазабун буго гьес «Ведомости» газетаялъе комментариял гьарулаго.

«Справедливая Россия» партиялдасан Пачалихъияб Думаялъул депутат Алексей Митрофановас лъазабун буго журналистазда, нухмалъи хІадураб букІине кколила цІияб формаялъул протест гІемер заманалъ халат бахъине букІиналде. ГІицІго полициялъул тадбираз ахІвал-хІал хисисзабизе бажаруларо. Нухмалъиялъ хІалбихьизе бугила гІодор риччарал оппозициялъулал, радикалияздасан ратІа гьаризе. Гьелъ тІоцебего цо-цо хІассилал кьезе бегьулилан, риккунеб буго гьес.

Борис Немцовасул пикруялда, протесталъул радикализациялъул гІайиб жибго нухмалъиялда бугила. Гьеб хурхарабги бугила тІад тараз нахъе-цере балагьичІого къуват хІалтІизабулеб букІиналдайила лъазабуна гьес.

Машгьурав инсанасул ихтиярал цІунулев Лев Пономаревас нижер программаялъе комментариял гьарулаго лъазабуна, жинда ракІалде ккун букІинчІила протесталъул пикру халкъалда гъорлъ щулалъун бугилан. Гьесулго пикруялда, гьеб ккола цІодорго рукІиналъе гІилла. Гурони, демократиял мурадазде нух цІакъго халалъизе бегьула.
Лев Пономарев, машгьурав инсанасул ихтиярал цІунулев, оппозициялъул жигарав хІаракатчи
Лев Пономарев, машгьурав инсанасул ихтиярал цІунулев, оппозициялъул жигарав хІаракатчи

Лев Пономарев: «Кинаб хІассил кьолебали лъалареб, гІемер халкъ гІахьаллъулеб протест бижунеб буго Россиялда. Дида ккун букІинчІо 6 маялда "Миллионазул маршалде" нусазаргоялде гІунтІун чи вахъинела. Дида ккун букІинчІо, чанго къоялъ тІатІалаго москваялъулаз къасиги къадги цІадукь демократиял хазинабухъ кьеркьезе ругин. Дир пикруялда, гьаниб суал букІине кколеб батила, кинаб къагІидаялда гьеб процессалъул координация гьабизе ккелин, улкаялъул нухмалъиялъ оппозициялде данде къеркьеялъе рес кьолеб хасияталде гьеб багъа-башари буссине баччангутІиялъул мурадгун? абураб. Гьединаб координация букІине ккола, акциялъул гІахьалчагІазде данде зулму гьабиялъе багьанаби риччангутІиялъе. Полициялъулазде тІаде кІанцІун, гьезие къуват хІалтІизабиялъе ресал рагьулел, гьединаб къагІидаялда оппозициялъул къимат хвезабиялъе кумек гьабулел провокатораздасан цІуниялъе. Дир ракІ чІараб буго протесталъул процесс ракълилаб къагІидаялда тІобитІизе ккараб букІиналда. Дица рахъ кколаро къватазул радикалияб протест халкъалъул пикру хадуб гъолареб къагІидаялда цебе-цебе кІанцІун иналъул. Ай, гьедин бугони, радикалияб хьвада-чІвадиялъ цо параялда даглъизабизе бегьула гІадатияб протесталда гІахьаллъулезул къадар. Гьеб биччазе бегьулеб жо гуро. Гьелда бан буго гьанже дир ургъел.»

Пономаревасул пикруялда, протесталъул акциязул даража гІодобе ккезе бегьула риидалил заманалда, Амма хасалихълъиялда гьеб загьирлъизе бегьула цІияб къуваталда. Гьесулго пикруялда, гьанже оппозиция буго кьеркьераб, гьел жидерго галабазул координация лъикІлъизабизе ккола.

Лев Пономарев: "Дида кколеб букІана гьелъул даража гІодобе ккезе бугин. Гьеб гІадатияб жоги букІунаан, гьединаб ахІвал-хІалалда. Амма дун мекъи ккана. Цо рахъалъан балагьани, гьелдасан ракІ боххунги буго. Гьелдаго цадахъ ургъелги ккезабулеб буго, гьелъул раклъилаб хасият цІуниялъул кІудияб къварагІел букІиналъ. Дирни ракІ чІараб буго риидал ахир-къадги гьеб багъа-башариялъул къуват гІодобе ине букІиналда. Риидал гІемер чи хІалхьиялде уна, щивасул батІи-батІиял планал рукІуна. Амма хаслихълъиялдеххун нилъ хІадурал рукІине ккола протесталъул къуват цІиккине букІиналде. Гьанже бищунго къваригІун бугеб жо ккола консолидация. Оппозициялъул политикияб консолидация унеб бугилан ккола дида. Оппозицияб багъа-башариялде гъорлъе унел политикиялгурел структурабазулгун гьединаб консолидация букІине бугищали гьанжеги бихьулеб гьечІо. Гьеб букІана ракІ-бацІадал рищиязул тІалабгун протесталъал акцияби тІоритІулеб мехалда. У, гьединаб суал буго гьанже баккулеб. Гьанже гьеб багъа-башариялъул радикализациялъул фоналда политикал гьеб рахъалан цере ругилан ккола. Дир хьул буго гІаммаб къагІидаялда киналго рахъазул рагІирекъей букІиналде. Гьелъие квербакъи гьабизеги дун хІадурав вуго."

Рузман къоялда оппозициялъул кьеразда гъорлъ ккун буго гьитІинабго рагІирекъонгутІи. Радикалияб оппозициялъул хІаракатчагІи нахъе ун руго Чистые пруди абураб бакІалда тІобитІулеб акциялдасан, жидее бокьун гьечІин Илья Яшиницаги, Ксения Собчакицаги нухмалъи гьабулеб букІинеянги абун. Цо-цо экспертазул пикруялда, гьеб кколеб рагІунаро протесталъул багъа-башариялъул даража гІодобе ккезабулеб принципиалияб гали.

Гьанже, иргадулаб нухалда президентасул тахиде Владимир Путин вачІун хадуб, перспективалда кинаб букІине бегьулеб нухмалъиялъул хьвада-чІвади оппозициялда хурхун, гьел тІоритІулел акциязда бан? Гьединаб суалалъе жаваб кьолаго инсанасул ихтиярал цІунулес абулеб буго, Путинил къокъаялъул хасият нилъеда цебего лъалила. Гьеб рахъалдасан оптимизмалъе багьана гьечІила. Жакъа нухмалъиялъ гьарулел галабазде нижеца абула пачалихъияб террорилан. Жакъасел шарт1азда оппозициялда хурхун нухмалъиялъул хьвада-ч1вади лъикІлъиялъе гІилла хурхараб букІине бегьула, г1иц1го цо х1ужжаялда - жибго оппозициялъе икъбалал щун, гьезул цо-цо мурадал тІуран, нухмалъи гьеб рикІкІиналде ккеялдаян, жубана Пономаревас.

Лев Пономарев: «Путин гьанже нухмалъиялде вачІиналда хурхинабизе бегьула силовиказ ракълилал акциябазде данде гьабулеб жидерго асар къувалъизабулеб букІин. Нижеца, инсанасул ихтиярал цІунулез гъолбасана лъазаби. Гьелда нижеца хъачІаб къимат кьолеб буго нухмалъиялъе. Нижеца абулеб буго гьеб пачалихъияб террор кколилан. Бицен гьабулеб буго, москваялъул къватІазда щибниги гІайиб гьечІел гІадамал, гьез каранда гІицІго оппозициялъул символ - хъахІаб чІоло - бан букІиналъе гІоло кколел рукІиналъул. Дунго чанго нухалъ ккун вукІана. Гьез цІакъ хъачІго гьабула жидерго хІалтІи. Гьез гІадамал гІемер заманалъ ккола автозаказда жанир. Амма дун кколаро бищунго кІудияб зарал гьелдасан ккарав чи. Гьелегуро Удальцовасеги Навальныясего бихьизабун буго жанир рукІиналъул І5 сордокъо. Гьел нижеца риккуна намусалъул туснахъаллъун. У, дицаги риккуна, нухмалъиялъ гІамал гьабизе бугин тамахабги хъачІабги оппозициялъул гІаркьал цоцадасан ратІа гьаризе гІамал гьабизе бугин. Дир пикруялда, нилъеца биччазе бегьуларо нилъ кІирикьизаризе. БукІине те хъачІабги, тамахабги оппозиция. Бищунго къваригІараблъун ккола легитимияблъун риккине захІматаб режим хисизаби.»
XS
SM
MD
LG