Google компаниялда ракIалда буго жидерго онлайн-талмачалъул версиялде тIаде лъабго тюрк мацI жубазе. Гьел рукIине руго узбек, хъиргъиз ва туркмен мацIал. Гьеб хIалтIи гьабизе валантерал ралагьулел рукIиналъул лъазабулеб буго Google официалияб сайталда.
«Дуда узбек мацI лъалебги батани, Google Translate-ялда гьеб букIинеги бокьун батани, дуе рес буго Google корпорациялъе дуего бокьун, официалияв волонтёрлъунги вахъун, кумек гьабизе гьеб хIалтIулъ. Узбек мацI гурониги лъазе ккола ингилис мацIги»,-масала, гьедин хъалеб буго компаниялъул лъазабиялда узбек мацIалда хурхун. Гьединалго шартIал рихьизарулел руго цоги мацIазда хурхунги.
Миллиял мацIазул суал цебегоялдаса буго «мугIрузул улкайин» гурониги «мацIазул мегIеринги» абулеб Дагъистаналда.
МацIалдаса пайда босулеб гьечIони мацI холин абула гIалимзабаз.
ГIолохъанаб гIелалъ цIикIкIун пайда босулеб бакIалда ай компьютералда ва интернеталда миллияб мацI хурхинаби лъикIаблъун бихьулеб буго Дагъистаналъул "Вацлъи" жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев ГIабдулхIалимов МухIамадица.
http://maarulal.ru/language/409-zvukovaya-azbuka-avarskogo-yazyka.html
МухIамадил пикруялда дагьал гьечIо магIарул мацIги бокьулел гьелда тIад хIалтIизеги разиял гIадамал, амма гьезие мухь кьезе кколин абулеб буго гьес. Кинал рукIаниги инвесторалги ругони яги хIукуматалъул гранталгун хасал программабиги ругони миллиял мацIал цIуниялда ва церетIезариялда тIад хIалтIулел чагIи гIунги тIокIал рукIине ругин абулеб буго МухIамадица.
Google Translate-ялда гьаб сагIаталде щвалде щун хIалтIулеб буго къогогIан бугеб тюрк мацIазул гIицIго кIиго-турк ва азербажан мацIан. Рес буго гьенибе тIаде казах мацI жубазе исана соналъул ахиралде.

Your browser doesn’t support HTML5