Ссылки для упрощенного доступа

Кавказалъул мацlал рукlана магърибалъул цивилизациялъул авалалда


Америка-Джоанна Николс, лингвист, 2010 соналъул 25 май.
Америка-Джоанна Николс, лингвист, 2010 соналъул 25 май.

Кавказалъул мацlазул цlех-рех гьабулей америкалъул Беркли университеталдаса профессор Николс Джоанница рикlкlунеб буго кавказалъул мацlазе 8000 азарго сон бугин ва гьел магърибалъул цивилизациялъул авалалда рукlанин.

Рокъоб хlалтlизабулеб чачан, авар яги лезги мацl гуреб, мацlалъул киналго рахъалги киналго даражабиги цlунун, кавказалъул гlадамаз наслабаца наслабахъе литературияб мацl хадубги кьезе букlиналда жиндир хьул бижиялъе чанго гlилла бугин байбихьана Эркенлъи Радияолъе кьураб интервью америкалдаса лингвист Николс Джоаннаца.

Николс Джоаннa: «Цо бугони, мацl гьечlеб батlа чlараб миллат букlунаро. Кавказалда ругел гlадамаз жидерго рахьдал мацl бицин гьоркьоб къотlизабуни, гьел руссине руго гlурусазде. Гьелъул магlнаги кколаро гьел гlурусаз жидергоялгlадин къабул гьаризе ругин абураб. Гьезул менталитет букlине буго гlурусазулгlадаб.

Мацlалъул кlудияб бухьен буго гlадаталгун, культурагун. Мацlги билизе биччан кlоларо культура цlунизе. Гьеб кlиябго цадахъ букlине ккола, гьеб кlиябго цо цlубараб буго. Кавказалъул киналго мацlал, гьездаго гьоркьор дун тlад хlалтlулей йигел чачан авар, лезги, дарги мацlаздасан байбихьун, азербажан мацlалде щвезегlан - гьезул руго некlсиял кьалбал.

Дица лъазабулеб букlана кавказалъул машрикъалъул рахъалъул мацlазул ва нахазул къукъаялъул некlсияб тарихги, этимологияги. Гьенир руго цlакъ гlемерал некlсиял рагlаби, жал аслияб къагlидаялда росдал магlишаталда хурхарал.

Дида кlола абизе кавказалъул мацlазул 8000 азарго сон бугин. Гьединго кlола абизе гьеб бугин квен-тlех гьабизе байбихьарал гlадамазул тlоцебесел мацlинги. Гьелъул магlна ккола Дагъистаналъул нахазул къукъаялъул мацlазул- жакъасеб машрикъалъул кавказалъул мацlазул къукъаялъул кlудияб кlвар бугин абураб.

Гьел мацlал руго Месопотамиялдаго букlараб некlсияб мацlалдсан лъугьарал. Жакъа къоялде гьеб буго магърибалъул цивилизациялъул авалалда рукlарал халкъазулгун цого-цо бугеб лингвистикияб бухьен. Цо кинаб букlаниги мацl цlунизе бахъулеб хlаракат гуро гьеб. Дие бокьилаан гьелъул бицунел гlемерал макъалаби къватlире рахъизе.

Афиназда яги Криталда яги цоги классикиял цивилизациязул кьалбал ралагьизе археологиялъулгун лингвистикиял цlех-рехал гьаризе гьабулебщинаб харжалъул хlисаб гьабе. Хlисаб гьабе гьединго тарихиял ракlалде щвеялъул ишанал, алатал цlунизе бахъулеб хlаракаталъулги, рагъал унеб мехалдагицин.

Америкалъул аскариязе щун букlана хасаб лъазаби, тарихиял кlвар бугел бакlазде тlаде бомбаби рагеян абун. Щайгурелъул Месопотамиялъул кlудияб кlвар буго цохlо гьеб мухъалъе гуребги, тlолго дунялалъеги.

Гьеб киналъего харж гьабулелъул анцlабилеб бутlана Шималияб Кавказалъул мацlазул лингвистикияб, документазулаб ва археологиялъулаб цlех-рехалъе биччани, нилъ гlемерго гlагарлъизе руго нилъерго кьалбазде гьанже ругеб бакlалде данде ккун.

Гьеб проблема цохlо мацl цlуниялъул яги культура цlуниялъул проблема гуро. Гьебго заманалда гьеб буго дунялалъул жамгlияталъе кlвар бугеб бечелъи цlуни».

Гlурус яги цоги къватlисел улкабазул мацl къваригlани лъазабизе рес букlунин ва жидерго мацl лъаялъ цоги мацlал лъазаризе кумек гьаби гуреб зарал гьабуларин абулеб буго профессор Николс Джоаннаца.

Николс Джоаннa: «Шималияб Кавказалъул гlолилазе бигьаго буго гlурус мацl лъазабизе. Гьезда гьеб рагlунеб буго телевидениялдасан, цlалулеб буго газетаздасан, кlалтlа-къватlире рахъараб мехалда бицунеб буго. Гьезда гьеб акцентгун букlаниги лъалебги буго.

Проблема буго кавказалъул миллатазе, гьеб гьечlо гlурусазе. Гьел миллатазул улбузе лъимал гlурусал рукlине бокьун батани, гьез гьел цlализе ритlизе ккола гlурус-школазде, гьезда цlарги лъезе ккола Иван абун, фамилияги кьезе ккола, масала, Иванов абун.

Гьел журазаризе, гъорлъросизаризеги ккола гlурсалгун. Кин гьел гlурус жамгlияталъ къабул гьаризе ругелали дида лъаларо. Гьаниб бицен гьабулеб буго гlурус мацl цlуниялъул яги лъазабиялъул гуреб, кавказалъул миллатазул мацlал цlуниялъул ва лъазабиялъул. Гьезие жиде-жидер мацlал лъаялъ квал-квал гьабизе гьечlо гlурус мацl лъазе.

Кавказалъул мацlазул рагlибуссал
Кавказалъул мацlазул рагlибуссал
Мацl буго гlадамазул цоцалъ бухьен гьабизе бугеб аслияб алат. Мацl батlа тlечlого бухьун букlуна пикруялда, гьеб буго информация цlунулеб яги информация цоги бакlалде кьолеб аслияб алат, гьеб ккола инсанасул ишазе нухмалъи гьабизе ругел алатазул цояб.

Мацl баккун буго жамгlияталда цадахъго, тlоцересел гlадамазул хlалтlуда цадахъ. Мацlазул батlи-батlиял даражабазул, мацlазул культураялъул-гьеб киналъулго буго кlудияб кlвар жамгlияталъул гlумруялъе».

«Дунялалда буго 2500 ялдаса 6000 ялде щвезегlан мацl. гьезул мухlканаб къадар лъицаго абуларо, щайгурелъул цо мацlалда ва гьелъул диалекталда гьоркьоб батlалъиялъул гlурхъи чlезабизе кlолареб букlиналъ.

Дунялалда бищун тlиритlараллъун ккола китай, ингилис, хьинди, испан, гlурус, индонезиялъул, гlараб, бенгал ва португалиялъул мацlал.

Халкъаздагьоркьосел идарабазда-масала Цолъарал Миллатаул Гlуцlиялда хlалтlизарула ва гьенир официалияллъун ккола: ингилис, гlараб, испан, китай, гlурус ва паранг мацlал».
Гьедин хъвалеб буго Гlурусазул Кlудияб Энциклопедиялда.

Дунялалда бугеб 6000 гlанасеб мацlалъул 95 % хlалтlизабулеб буго халкъалъул гlицlго ункъго проценталъ. Гьезул цо бутlаялъул гьечlо жидерго хъвай-хъвагlай. Батlи-батlиял мацlазда хъвай-хъвагlаялъул къагlидаги буго батlи-батlияб.

Цо-цояз хlалтlизарула хlарпал, цогидаз рагlул къотlелал-масала индиялъул мацl, лъабабилез рагlаби. Щибаб хъвай-хъвагlаялъ бихьизабула батlи-батlиял халкъазул хаслъиги.

Гьебго заманалда дунялалда ругел мацlазул бащдал рилизе хутlараб жо гьечlо. ЮНЕСКОялъул баяназда рекъон, щибаб моцlалъ дунялалда билулеб буго кlиго мацl.

Мацl тlибитlизаби яги кlочене тей-гьеб ккола политикияб суал.

19 гlасруялда кавказалъул мацlазул цlех-рех гьабизе байбихьарав гlурус генерал ва лингвист Пётр Усларица рикlкlунеб букlана Россиялъул политика Кавказалда билъанхъизабизе ккани, гlараб яги гlажам хъвай-хъвагlай Кавказалдаса тlагlинабизе кколин ва гlурус мацl гьениб тlибитlизабизе кколин абун.

Гьебго заманалда Усларица рикlкlунеб букlана хъвай-хъвагlай миллатазул рахьдал мацlазда гьабизе кколин, школазда гьеб малъизеги кколин. Кириллицаялъул кьучlалда кавказалъул мацlазе алфавитал ургъарав Усларица доб мехалъ жиндир улкаялъул нухмалъиялде абулеб букlана гьедин гlараб мацl тlагlинабизе кlвезе бугин Кавказалда ва гьеб мукlур гьабизе кlвезе бугин.

Дагъистаналда дагьал гьечlо эбелги эменги цо миллаталъул ругониги, жидерго умумузул мацl гьезда лъалеб бугониги, лъималазда рахьдал мацl лъалер хъизаби. Рокъоб щай рахьдал мацl бицунаребин нижеца гьикъидал, гьединал улбузул цояз жаваб кьолеб буго миллиял мацlазда кlалъалел лъималазул гьитlинаб букlунин гlурус мацlалъул рагlабазул нахърателин.

Цогияз абулеб буго гlурус мацl лъачlони я лъай щоларин щвалде щвараб я хlалтlизе бакl букlунарин абун. Лъабабилез абулеб буго цин рахьдал мацlалъ кlалъараб лъимадул гlурус мацl бицунаго акцент букlунин.

Жиде-жидер рахьдал мацlал лъаялъул кинаб квал-квал букlунеб гlурус мацl лъаялъе абун гьикъидал, ункъабилел улбуз рикlкlунеб буго лъималазда гlемераб цадахъго малъулеб бугони, гьезде хlал щолин абун.

Дунялалдъул мацlазда гьоркьоб кавказалъул миллатазул мацlал цlунизе кколин, гьел ругин магърибалъул цивилизациялъул авалалда рукlарал халкъазулгун жакъа къоялде хутlараб цого-цо бухьен ва кавказалъул мацlазе 8000 сон бугин абураб пикруялде ячlун йиго жинцаго гьарурал цlех-рехаздасан Беркли университеталъул професор Николс Джоанна.
XS
SM
MD
LG