Ммиллиял мацIал цIеретIезаризе ккани гьесда лъикIаблъун бихьулеб буго гьел пачалихъияб цогояб экзаменалде роси ва миллиял мацIазда хурхун хасаб къанун бахъи. Щиб букIараб Россиялъул Пачалихъияб Думаялда миллиял мацIазул суал борхиялъе гIилла?
Кавказалъул мацlазул цlех-рех гьабулей америкалъул Беркли университеталдаса профессор Николс Джоанница рикlкlунеб буго кавказалъул мацlазе 8000 азарго сон бугин ва гьел магърибалъул цивилизациялъул авалалда рукlанин.
Рокъоб хlалтlизабулеб чачан, авар яги лезги мацl гуреб, мацlалъул киналго рахъалги киналго даражабиги цlунун, кавказалъул гlадамаз наслабаца наслабахъе литературияб мацl хадубги кьезе букlиналда жиндир хьул бижиялъе чанго гlилла бугин байбихьана Эркенлъи Радияолъе кьураб интервью америкалдаса лингвист Джоанна Николсица.
Джоаннa Николс: «Цо бугони, мацl гьечlеб батlа чlараб миллат букlунаро. Кавказалда ругел гlадамаз жидерго рахьдал мацl бицин гьоркьоб къотlизабуни, гьел руссине руго гlурусазде. Гьелъул магlнаги кколаро гьел гlурусаз жидергоялгlадин къабул гьаризе ругин абураб. Гьезул менталитет букlине буго гlурусазулгlадаб.
Мацlалъул кlудияб бухьен буго гlадаталгун, культурагун. Мацlги билизе биччан кlоларо культура цlунизе. Гьеб кlиябго цадахъ букlине ккола, гьеб кlиябго цо цlубараб буго. Кавказалъул киналго мацlал, гьездаго гьоркьор дун тlад хlалтlулей йигел чачан авар, лезги, дарги мацlаздасан байбихьун, азербажан мацlалде щвезегlан - гьезул руго некlсиял кьалбал.
Дица лъазабулеб букlана кавказалъул машрикъалъул рахъалъул мацlазул ва нахазул къукъаялъул некlсияб тарихги, этимологияги. Гьенир руго цlакъ гlемерал некlсиял рагlаби, жал аслияб къагlидаялда росдал магlишаталда хурхарал.
Дида кlола абизе кавказалъул мацlазул 8000 азарго сон бугин. Гьединго кlола абизе гьеб бугин квен-тlех гьабизе байбихьарал гlадамазул тlоцебесел мацlинги. Гьелъул магlна ккола Дагъистаналъул нахазул къукъаялъул мацlазул- жакъасеб машрикъалъул кавказалъул мацlазул къукъаялъул кlудияб кlвар бугин абураб.
Гьел мацlал руго Месопотамиялдаго букlараб некlсияб мацlалдсан лъугьарал. Жакъа къоялде гьеб буго магърибалъул цивилизациялъул авалалда рукlарал халкъазулгун цого-цо бугеб лингвистикияб бухьен. Цо кинаб букlаниги мацl цlунизе бахъулеб хlаракат гуро гьеб. Дие бокьилаан гьелъул бицунел гlемерал макъалаби къватlире рахъизе.
Афиназда яги Криталда яги цоги классикиял цивилизациязул кьалбал ралагьизе археологиялъулгун лингвистикиял цlех-рехал гьаризе гьабулебщинаб харжалъул хlисаб гьабе. Хlисаб гьабе гьединго тарихиял ракlалде щвеялъул ишанал, алатал цlунизе бахъулеб хlаракаталъулги, рагъал унеб мехалдагицин.
Америкалъул аскариязе щун букlана хасаб лъазаби, тарихиял кlвар бугел бакlазде тlаде бомбаби рагеян абун. Щайгурелъул Месопотамиялъул кlудияб кlвар буго цохlо гьеб мухъалъе гуребги, тlолго дунялалъеги.
Гьеб киналъего харж гьабулелъул анцlабилеб бутlана Шималияб Кавказалъул мацlазул лингвистикияб, документазулаб ва археологиялъулаб цlех-рехалъе биччани, нилъ гlемерго гlагарлъизе руго нилъерго кьалбазде гьанже ругеб бакlалде данде ккун.
Гьеб проблема цохlо мацl цlуниялъул яги культура цlуниялъул проблема гуро. Гьебго заманалда гьеб буго дунялалъул жамгlияталъе кlвар бугеб бечелъи цlуни».
Гlурус яги цоги къватlисел улкабазул мацl къваригlани лъазабизе рес букlунин ва жидерго мацl лъаялъ цоги мацlал лъазаризе кумек гьаби гуреб зарал гьабуларин абулеб буго профессор Николс Джоаннаца.
Джоаннa Николс: «Шималияб Кавказалъул гlолилазе бигьаго буго гlурус мацl лъазабизе. Гьезда гьеб рагlунеб буго телевидениялдасан, цlалулеб буго газетаздасан, кlалтlа-къватlире рахъараб мехалда бицунеб буго. Гьезда гьеб акцентгун букlаниги лъалебги буго.
Проблема буго кавказалъул миллатазе, гьеб гьечlо гlурусазе. Гьел миллатазул улбузе лъимал гlурусал рукlине бокьун батани, гьез гьел цlализе ритlизе ккола гlурус-школазде, гьезда цlарги лъезе ккола Иван абун, фамилияги кьезе ккола, масала, Иванов абун.
Гьел журазаризе, гъорлъросизаризеги ккола гlурсалгун. Кин гьел гlурус жамгlияталъ къабул гьаризе ругелали дида лъаларо. Гьаниб бицен гьабулеб буго гlурус мацl цlуниялъул яги лъазабиялъул гуреб, кавказалъул миллатазул мацlал цlуниялъул ва лъазабиялъул. Гьезие жиде-жидер мацlал лъаялъ квал-квал гьабизе гьечlо гlурус мацl лъазе.
Мацl буго гlадамазул цоцалъ бухьен гьабизе бугеб аслияб алат. Мацl батlа тlечlого бухьун букlуна пикруялда, гьеб буго информация цlунулеб яги информация цоги бакlалде кьолеб аслияб алат, гьеб ккола инсанасул ишазе нухмалъи гьабизе ругел алатазул цояб.
Мацl баккун буго жамгlияталда цадахъго, тlоцересел гlадамазул хlалтlуда цадахъ. Мацlазул батlи-батlиял даражабазул, мацlазул культураялъул-гьеб киналъулго буго кlудияб кlвар жамгlияталъул гlумруялъе».
«Дунялалда буго 2500 ялдаса 6000 ялде щвезегlан мацl. гьезул мухlканаб къадар лъицаго абуларо, щайгурелъул цо мацlалда ва гьелъул диалекталда гьоркьоб батlалъиялъул гlурхъи чlезабизе кlолареб букlиналъ.
Дунялалда бищун тlиритlараллъун ккола китай, ингилис, хьинди, испан, гlурус, индонезиялъул, гlараб, бенгал ва португалиялъул мацlал.
Халкъаздагьоркьосел идарабазда-масала Цолъарал Миллатаул Гlуцlиялда хlалтlизарула ва гьенир официалияллъун ккола: ингилис, гlараб, испан, китай, гlурус ва паранг мацlал».
Гьедин хъвалеб буго Гlурусазул Кlудияб Энциклопедиялда.
Дунялалда бугеб 6000 гlанасеб мацlалъул 95 % хlалтlизабулеб буго халкъалъул гlицlго ункъго проценталъ. Гьезул цо бутlаялъул гьечlо жидерго хъвай-хъвагlайги.
Дунялалдъул мацlазда гьоркьоб кавказалъул миллатазул мацlал цlунизе кколин, гьел ругин магърибалъул цивилизациялъул авалалда рукlарал халкъазулгун жакъа къоялде хутlараб цого-цо бухьен ва кавказалъул мацlазе 8000 сон бугин абураб пикруялде ячlун йиго жинцаго гьарурал цlех-рехаздасан Беркли университеталъул професор Джоанна Николс.