Гуржиялда бусурбаби

Гуржия-Суннитазул ва шигlитазул бутlабазде бикьараб мажгит, Тифлис, август 2013

Гуржиялъ халат бахъунеб буго Самцхе-Джавахети абулеб жанубияб регионалъул Чела росулъа 26 августалда мажгиталъул минара нахъе босун индал багъарараб дагIба-рагIи. Гуржиязул христианазул килисагун ункъабилеб гIасруялдаса нахъе рекъон букIараб бусурбабазул бикь-бикьараб жамгIияталда щиб кколеб бугеб? Ахирисел анцI-анцI соназда Иранагун Туркиялдаса рачIунел диниял хIаракатчагIи цIикIкIунилан щиб гьениб хисулеб бугеб?
2002 соналда Гуржиялда гIумру гьабулеб халкъалъул хъвай-хъвагIиялда бихьизабулеб букIана гьенир жалго бусурбабилъун 433 784 чияс ай халкъалъул 9,9 проценталъ рикIкIунеб букIин. Гьединаб баян кьолеб буго kavpolit.com сайталъ 2012 соналъул ноябралда.

Амма Гуржиялда гIумру гьабулел бусурбабазул жамгIиятазул лидеразул баяназда рекъон, гьенив вуго 800 азаргогIан бусурманчи. Улкаялъул президент Михаил Саакашвилица дагьаб цебегIан абун букIана Гуржиялда гIумру гьабулеб бугин нус-нус азар бусурманчияс ва тIолго дунялалда абуни гуржиял бусурбабазул къадар «чанго миллионалде» бахунеб буго.

Амма Гуржиялъ гIумру гьабулел бусурбабазул цIикIкIунисел этникиял гуржиял кколаро.

Улкаялъул жанубиябгун-магърибияб рахъалда Азербажаналъулгун гъорхъода лъабго мухъалда цоцалъ гъункун гIумру гьабулеб буго азербажаназ. 2002 соналда гьезул къадар кьолеб букIана 284 761 чи абун. Гьезул цо бутIа буго шигIитал, цоги бутIа сунитал.

Улкаялъул шималиябгун-машрикъалъул ва машрикъалъул рахъалда руго чачаназул ва магIарулазул росаби.

Гуржиялъул бусурбаби рикьулел руго кIиго аслияб бутIаялде. Цо бутIаялде гьоркьоре уна ЧIегIер ралъдал рагIалда бугеб Аджариялдаса бусурбаби. Гьезул къадар 2002 соналда бихьизабулеб букIана 115 261 чи абун.

ТIадехун рехсараб Чела росулъ ругел бусурбабиги руго 1980 соналда Аджариялдаса гочун рачIарал. Гьезул рахъ ккун ва росулъа минара нахъе иналде данде Батумиялда 28 августалда тIобитIараб протесталъул акциялда гIахьаллъараз рорхун рукIана «Ислам жибго те!» абурал игIланал.

Гьебго къоялъ регионалияб хIукуматалъул бетIер Арчил Хабадзе дандчIван вукIана бакIалъул бусурбабазул лидералгун. Гьесул рагIабазда рекъон, Гуржиялъул премьер-министр Бидзина Иванишвилица гьеб конфликталда кколеб буго бусурбабазул рахъ. Чела росулъе Туркиялдаса босун бачIараб минара нахъе босун ун букIана магъалаби ракIарулеб полициялъ, гIурхъи бахунаго кумурук-ханаялде кьезе кколеб гIарац кьун букIанищали хал гьабизегIан.
Итни къо 2 сентябралда Иванишвилица гьабураб тIоцебесеб рагьараб лъазабиялда абулеб букIана минара къануналде данде кколареб куцалда лъун букIанин, амма гIадамазул диназда хъвалел суалазул хал гьабулеб мехалда хIукумат цIакъ цIодорго букIине кколин ва гьел гIодорегIан гьарулел ишал гьаризе бегьуларинги тIаде жубан буго гьес.

Гуржиялъ ругел бусурбабазул кIиабилеб къукъаялде гъорлъе уна гуржиял-месхетал. Гьезул къадар 3000 чиясдаса дагь бихьизабулеб буго. 1944 соналда Сталиница гьезие депортацияги гьабун букIана. АнцI-анцI соназдасан Гуржиялде гьезул дагьаб къадар гурони тIадбуссинчIо.

Гуржиялъулгун Дагъистаналъул гIорхъода аскIорехун ругел аджаралги цоги халкъалги руго суннитал.
Гуржиялъул бусурбабазул идараялъе нухмалъи гьабулеб буго Кавказалъул бусурбабазул Бакуялъулаб идараялъ. Гьелъул бетIерлъунги вуго Шейх - уль-ислам Аллагьшукюр Пашазаде.

Гьеб идараялъул Тбилисиялда вугев вакил ккола ГIалиев ГIали. Аджариялъул буго жиндирго батIа чIараб муфтият. 2010 соналдаса гьелъие нухмалъи гьабулеб буго регионалъул муфтий Джемал Паксадзеца.
КIиго сон цебе гьев вищун вукIана бусурбаби-гуржиязул батIа чIараб Идараялъул бетIерлъун. Бакуялъулаб идараялда гьелъулъ бихьулеб буго Азербажаналъул ва Гуржиялъул бусурбабазда гьоркьоб рикьи лъугьинабизе бахъулеб хIаракат.

Гуржиялда, батIи-батIиял баяназда рекъон, буго 300-390 мажгит.

1991 соналда Совет Союз биххаралдаса Ирангун Туркиялъ кIудияб хIалтIи гьабулеб букIана Гуржиялъул бусурбабазда гьоркьоб.

Ираналъ Тифлисалда ва Марнеулиялда рагьун буго кIиго мадрасаги лъабго культурияб центрги.

Туркиялъ финанасаздалъун хьезабулеб буго Меоре Кесалоялда бугеб мадраса.

Ахираб заманаялда гIемерлъулел руго росабалъ бусурбабазда ва христианазда гьоркьор дагIба-рагIиял кколел рукIиналъул лъазабиял.

Масала 2012 соналда Ланчхута мухъалъул Нигвзиани росулъа христианал дандечIун рукIана Аджариялдаса вачIарав чиясул хасаб мина мажгиталде сверизабиялде.

ГIемер-миллатазулаб Гуржия абулеб хIукуматалъул гуреб идараялъул нухмалъулев Арнольд Степаньяница рикIкIунеб буго миллатазда гьоркьоб хIалуцин цIикIкIин 2013 соналъул октябралда рукIине ругел президентасул рищиязда бараб бугин.
ТIадехун рехсараб Самцхе-Джавахети регионалда ахирисеб бащдаб лъагIалида жаниб ккун буго диналда хурхен бугеб 40-ниги инцидент.

Степаньянил рагIабазда рекъон, бусурбабазул регионазда гьаркьал камизе руго гьезие политикияб тIадецуй гьабулел политикиял къуватазе. Амма рищарухъабазул цIикIкIунисеб бутIа христианал рукIиналъ гьезул гьаркьазе гIоло гьабулеб къеркьеялъул къурбанлъун ккун буго гьанже диналъул суал.

Президентасул рищиял лъугIараб мехалда диназда гьоркьор конфликтал лъугIизе рукIиналда хьул буго Кахетиялда бугеб Тиви росулъа жамгIияв хIаракатчи Ибрагьимов Бадрудинги.

Your browser doesn’t support HTML5

Ибрагьимов Бадрудин


Гуржиялда диназул суалазда сверун конфликтал цIикIкIиналъул гIилла жидер килисаялде кIудияб асар бугеб ГIурус килисаялъулъ бихьулеб буго Эркенлъи Радиоялъул гуржиязул хъулухъалъул мухбир Рухнадзе Окропирида.

Рухнадзе Окропир: «Гуржиялда тарихалда жанир киданиги рукIинчIел диналъул суалазда сверун конфликтал гьанже заманаялъул гIаламатал ругин абизе бегьула. Гуржиязул килиса буго Россиялъул килисаялъул кIудияб асаралда гъоркь. Гьеб цо килиса бугин абизегицин бакI буго.
Нилъеда лъала Россиялъул килисаялъул бусурбабаздехун бугеб бербалагьиги. Жибго Россиялъулги буго гьездехун кьварараб бербалагьи. Дида гьедин кколаха. Гьезда хIакъикъаталдаги исламалдаса хIинкъи бихьулеб буго. Гуржиялда гьечIо гьединаб бичIчIи, амма гьениб буго килиса. Россиялъул кинаб букIаниги институтгун гъункарал унго-унгоял гьоркьорлъаби ругеб кинаб букIаниги идара Гуржиялда батани-гьеб буго килиса. Гьединлъидал рижулел ратизеги рес буго гьел конфликтал».

Тифлисалда нухмалъи гьабулев гIарабазул амир вукIараб мехалдагицин диниял конфликтал рукIинчIин улкаялдайин бицана Окропирица. Гьелъиеги гIиллалъунгиги гьесда бихьулеб буго улка къуватаб букIин. Къуватаб бугонагIан толлерантияб букIунин улкайин абуна Окропирица.

Рухнадзе Окропир: «Тарихалда жанибго гуржиял цIакъ толерантиял гIадамал рукIанин рикIкIуна. Давид ГIуцIарухъанас улкаялъе нухмалъи гьабулеб мехалда (1089 -1125) Тифлисалда вукIана гIарабзул амир. Давидица Гуржия цолъизабураб мехалда тахшагьарги гьес Кутаисиялда гIадада гуреб гьабун букIараб-Тифлисалда амир вукIиналъ ва гьеб Эмират букIиналъ. Дидгориялъулаб абулеб рагъдаса хадуб (1121 соналъул 12 август) гуржиял гIарабазухъа бергьун хадубги чанго соналдасан гурони бажарун букIинчIо амир Тифлисалдаса нахъе витIизе.
Гьелъ бихьизабулеб буго доб заманалъулаб Тифлисалда мажгитал гуребги цоги диназулги хириял минаби рукIараблъи. Гьеб мехалда Гуржия букIана къуватаб улка. Улка къуватаб бугонагIан гьеб толерантиябги букIуна. Тамараца ханлъи гьабулеб мехалдаги рикIкIунеб букIана цоги миллатаздехун ва диназдехун гуржиязул бербалагьи лъикIаб букIанин.

Хадур рукIана монголал, Тамерлан, персал... 17-билеб гIасруялъул авал. Гуржия ккун букIана захIматаб хIалалде. Гьеб заманаялда гуржиязул ханзабазул ва элитаялъул цIайи бусурбабаздехун цIикIкIун букIанин абизе бегьула, хасго культурияб рахъалъ. Гьениб дин насраниязул букIаниги элитаялъ хIаракат бахъулеб букIана Исфаханалдае цIализе ине».

ВукIана гуржиязул бусурманав ханги

Рухнадзе Окропир: «(1648-1656) соназда Гуржиялъе нухмалъи гьабулев вукIарав Ростом-хан вукIана унго-унгояв бусурманчи. Амма гьесул заманаялда цIигьарун рукIана гуржиязул гIемерал килисаби. Доб заманаялда гIадамазда диниял гьоркьорлъаби абураб жо гьанже бичIчIулелдаса тIубанго батIайиса бичIчIулеб букIун батула. Этникияв гуржияв, бусурбабазул лъайги тарбияги щварав Ростом-Ханица гуржиязул халкъалъе килисаби цIи гьарулел рукIана».

ТIадехун бицен гьабулеб Чела росулъе гочарал аджаразда сверунги киданиги жидер конфликтал рукIинчIин ва дин батIияб букIаниги гьел жидер вацал ругин абуна Окропирица.

Рухнадзе Окропир: «Аджаразул-этникиял гуржиязул бицани, гьеб регион гIемерал соназ Туркиялъул асаралда гъоркь букIиналъ гьез босана ислам дин, амма гьел кидаго рукIана нижер вацаллъун. Гьелгун кинаб букIаниги дагIба-рагIиги букIунароан».

Мухбирасул пикруялда, кинабго хIабургъинабулеб буго фундаменталистаз. Жакъа гуржиялда ругин бокьарав чияс ретIараб жоги цIан керенги рагьизабун гьесул горбода хъанч бугищали хал гьабулел цо-цо гIоркьилал. Нагагь гьеб батичIони, хъанч бачIев мун кинав христианавин вукIуневин семизе лъугьинеги жидер ихтияр бугин рикIкIунин гьези бицана Окропирица. Гьединазул ва гьезда релъарал цоги диназул фундаменталистазул асаралде гъоркье ккани байбихьулин жамгIияталда диниял ва цоги конфликталин рикIкIунеб буго гьес.

Рухнадзе Окропир: «ГIадамаз жидедаго гьоркьоб маслигIат жидецаго гьабула ва гьезда кIола цо пикруялде рачIине къватIисан яги цоги рахъалдасан гьезул цоязе тIадецуй гьабулеб гьечIони. Фундаменталист исламалда гурониги насраниязул диналдаги цоги диназдаги буго».

Гуржиялъ исламалъул суал иргадулаб нухалда борхизабураб Чела росдал мажгиталъул минара гьаб сагIаталда буго росу рагIалда бугеб нахърателал цIунулеб бакIалда лъун, жамгIияталъ гьелда сверун хIукму къабул гьабизегIан.