ДандчIвай тIобитIана МухIарамкент росулъ.Европарламенталъул вакилзаби рачIунел ругин рагIун аскIоса гIебеде рукIаралщинал Храх-уба росулъа I50 гIан чияс гIахьаллъи гьабуна гьеб тадбиралъулъ.
Данделъиялде кIалъазе рахъарал Храх-убаялдаса гIадамаз бицана жидерго къварилъабазул хIакъалъулъ. Гьезул киназго гIадин абулеб букIана жал лъиениги къваригIун гьечIин, Азербайджаналдаса нахъе къотIун рачIарал жидее ватIаналда Дагъистаналда кумек гьабичIиланги.
«Храх -Уба» жамгIияб идараялъул нухмалъулев Бахтияр Мамедовас Эркенлъи радиоялъе бицана Европарламенталъул вакилзабаз кIвар кьун лъазабулеб бугила жидер росдада ва гIадамазда сверун бугеб ахIвал-хIалилан.
Бахтияр Мамедов: «Гьел кинабго нижеца бицунелъухъ гIин тIамун рукIана. Щивасда мухIканго цIехолеб букIана кин гьел Азербайджаналдаса нахъе рахъине гьаруралали, лъица ва кинал хIинкъаби гьезие кьолел рукIарали.
Лъица гьезие кинаб букIаниги лазатбахъи гьабулеб букIарабали. Нижеца бицунелъухъ гIенеккун гурони нижее кинаб букIаниги кумек гьабилинги абичIо гьез. Лъаларо, цо-цояз абулеб букIана Дагъистаналдасан азербайджаналде ине ругелъул гьел, гьенире щвараб мехалда азербайджаналъул тIалъиялда цебе гьеб нижер суал борхизе бугин Европарламенталъул вакилзабазилан.
Гьаниреги гьел нижер культурияб автономиялъул гьариялда рекъонлъидал рачIун рукIарал. Азербайджаналда гIумру гьабун ругел цойгидал халкъазул гьезда гьоркьор лезгиязулги ихтиярал хвезарулел ругеб куц бихьун ахIун руго гьел Дагъистаналде ва Азербайджаналде щвезе.
Гьезда жидедаго бихьизе букIине нижер гIадамазе Азербайджаналда кьолеб бугеб гIакъубаги, гьелдаса тIурун рачIаразул тIалаб Дагъистаналъги Россиялъги гьабулеб гьечIеб куцги. ГIемер махсароде кквеялъ нижер гIадамазул божилъи хутIун гьечIо сунтIаниги, гьездаги щибха божилъи букIинеб.
Щиб кумек гьез нижее гьабилеб, гьанже цохIо Аллагьасухъе кьун тун буго нижеца кинабго»
РакIалде щвезабилин 20I0 соналъу Россиялъ ва Азербайджаналъ цIияб гIурхъи щулалъизабиялъул къотIи-къай гьабун хадуб, Азербайджаналъул рахъалда хутIана цере Россиялда гьоркьоре унел рукIарал лезгияз гIумру гьабун ругел Урьян-Уба ва Храх-уба росаби.
Гьедин Азербайджаналъул рахъалда хутIана 500 цIикIкIун Дагъистаниял. МухIарамкент мухъалда ракьал кьезе ругин гьезие, магIишат байбихьизе гIарацги кьелин Дагъистаналъул тIалъиялъ рагIи кьун букIана гьезие, амма щибниги кумек гьабичIо.
Азербайджаналъул рахъалдасан жидеего гьабулеб рахIатхвейги , хIинкъиги цIикIкIараб мехалда гьел росабалъа гIадамал Дагъистаналде гочана, амма гьаниб я жанир чIезе рукъзал, я хIалтIи гьечIо гьезул гIемерисезул.
ЧанцIул митингалгун батIи-батIиял акциял тIоритIаниги гьезул суал жеги тIубан гьечIо.