Ссылки для упрощенного доступа

Гуржиялъ минара сверун бахlсал


Гьаб сагIаталда минараялъул тIагIелал руго Чела росдада аскIоб бугеб нахърателал цlунулеб бакIалда.
Гьаб сагIаталда минараялъул тIагIелал руго Чела росдада аскIоб бугеб нахърателал цlунулеб бакIалда.

Мажгиталда лъураб минара биххиялъ рижизарун рукIана кIудиял бахIсал Гуржиялъул жанубияб рахъалда. Нухмалъиялъ лъазабулеб букIана жидеца гьеб биххизабунин гьеб базе бачIараб къайиялъул кумурук-рукъалъулал (таможняялъул)киналго документал цойиде ккун ругищали хал гьабизейин. Гьелъ бижизабуна бакIалъул бусурбабазул разилъунгутIи, амма минараялъул тIагIелал цIидасан росулъе рачIиналдаса рохун рукIинчIо гьенир гIумру гьабулел христианалги.

Самцхе-Джавахети абулеб провинциялъул Чела абулеб росулъе мажгиталда лъезе бачIун букIараб 24 метралъул борхалъи бугеб минара бусурбабазул разилъиги гьечIого нахъе босун ун букIана араб итни къоялда (26 августалда).
Гьеб ишги гьабун буго гуржиязул финансазул министерлъиялъги магъалабазул хъулухъалъги. Гьезул баяназда рекъон, гьезие къваригIун букIун буго минара базе хIалтIизабураб къайиялъ гIурхъи бахунаго кколеб кумурук кьун бугищали хал гьабизе. Гьеб бачIун букIун буго июлалдаго Туркиялдаса.
Гьеб минара нахъе босизе биччаларин лъугьарал бусурбаби полициялъ рикьа-риххизарун рукIана, ккун вукIана 20 чи. Гьединго рукIана протесталъул акциялде рахъаразда гьоркьор лъукъаралги.

Гуржиязул инсанасул ихтиярал цIунулев ва бусурбабазул Идараялъул нухмалъулев-муфтий Джемал Паксадзеца гьеб операциялде абуна инсанасул ихтиярал хвезариян.

Протесталъул акциялде бусурбаби рахъун рукIана Батумиялдаги. Гьезул цояс жидерго тIалабазул гьадин бицунеб букIана.

Протесталъул акциялъул гIахьалчи: ««Нижеца тIалаб гьабулеб буго ритIухълъи чIезабизе. Нижеца тIалаб гьабулеб буго минара букIараб бакIалда лъезе ва гьеб вандализм гьабураздаса нижеца тIалаб гьабулеб буго бусурбабазда тIаса лъугьин гьаризе».

Минара росулъе тIадбуссинабулеб букIана хамиз къоялда 29 августалда Тбилисиялда хал-шалги гьабун.
Амма гьеб тIадбуссунагоги рагъарана протесталъул акциял. Чела росулъе гьеб нахъе биччаларин абун нух къазе рахъун рукIана бакIалъул христианазул цо къукъа.
Ахалцихе абулеб гьеб мухъалъул централда ракIарарал активистаз гьанже тIалаб гьабулеб буго минара нахъе босун бачIине кколищ кколарищ абураб суалгун референдум тIобитIизе.
Гьаб сагIаталда минараялъул тIагIелал руго Чела росдада аскIоб бугеб нахърателал цlунулеб бакIалда. Гьеб данде гьабизе буго бусурбабазул ва христианазул жамгIитаяз гьарурал къотIи-къаязда рекъон, гьедин лъазабулеб буго гьел жамгIиятазул церехъабаз

Амма гьелдалъун дагIба-рагIи лъугIулеб гьечIо.

Премьер-министр Бидзина Иванишвилица инти къо 2 сентябралда гьабураб тIоцебесеб рагьараб лъазабиялда абулеб буго минара къануналде данде кколареб куцалда лъун букIанин, аммаян тIадеги жубана гьес, гIадамазул диназда хъвалел суалазул хал гьабулеб мехалда хIукумат цIакъ цIодорго букIине кколин ва гьел гIодорегIан гьарулел ишал гьаризе бегьуларин.

Иванишвилил дандияв, президент Михаил Саакашвилица цебе лъазабун букIана минара нахъе боси гьеб букIанин гуржиязул бусурбабаздехун гьабураб къануналде данде кколареб ишин.

Гьебго заманалда гуржиязул килисаялъ ах1улел руго сабру гьабизе ва «диназда гьоркьоб рокьукълъи» бекьиялдаса цIодорго чIезе.

Бицен гьабулеб Чела росулъе ва сверухъ ругел цоги росабалъе бусурбаби рачIун руго ахирисел анцI-анцI соназ Аджариялдаса.

Антуан Блуа ва Эркенлъи Радиоялъул гуржиязул хъулухъ
XS
SM
MD
LG