Гуржиязул лъай кьеялъул министерлъиялъ загьир гьаруна мугΙалимзабаз кьурал экзаменазул цо-цо хΙасилал. Квешал хΙасилазул гьитΙинаб бутΙаялъцин бихьизабулеб буго щиб гьабизе кколеб лъай кьеялъул система рукΙалиде бачине кканиян бицунеб буго нижер мухбир Нонна Мчедишвилил баяналда.
Гуржиязул Лъай кьеялъул министерлъиялъул цереккунисел баяназда рекъон, улкаялъул мугΙалимзабазул гΙемерисезда букΙине кколеб къагΙидаялда экзамен кьезе бажарун гьечΙо. Мисалалъе, математикаялъул экзаменалда мугΙалимзабазул 86 проценталда бажарун гьечΙо тΙалаб гьабулеб лъаялъул даража бихьизабизе. Химиялъул экзаменалда - 9Ι проценталда, Физика - 96 проценталда, биология - 77 проценталда.
ГΙицΙго географиялъул экзаменалда бажарун буго экзамен кьезе мугΙалимзабазул аслияб бутΙаялда - 5Ι проценталда.
ГΙажаиблъизарулел экзаменазул хΙасилаз багъаризабуна ахΙи-хΙур. Президент Михаил Саакашвилил «Цолъарал миллияб багъа-башариялдаса» парламенталъул депутат Серго Ратианица абулеб буго гьеб кколин 20Ι2 соналда рукΙарал рищиязда бергьун нухмалъиялде бачΙараб Бидзина Иванишвилил «Гуржиязул анищ» партиялъул политикаялъул хΙасилин.
Серго Ратиани: «Ахирисел соназда кидаго тΙобитΙулеб букΙараб мугΙалимзабазул цΙали ва методикияб кумек исана рехун тана. Рищиязда цебесеб кампания унеб мехалда "Гуржиязул анищалъ" кΙудияб жигарлъи бихьизабуна, гьеб суал гьоркьоб лъолеб мехалда, гьел экзаменал кьезе цебегΙадин захΙматго хадуб букΙине гьечΙеблъи бихьизабизе.»
Амма лъай кьеялъул рахълъан специалистаз абулеб буго гьединал хΙасилал кколарин цΙияб хΙужжалъунин.
Тбилисиялда бугеб Гражданияб цебетΙеялъул институталъул лъай кьеялъул рахъалдаса специалист Тамар Мосиашвили тамашалъун йиго гьединал бахΙсал рагъариялда бан.
Тамар Мосиашвили: «Дун тамашалъун йиго гьеб суалалда сверун гьединаб ахΙи-хΙун исана багъарун букΙиналда бан. Ахирисеб лъабго соналда букΙана гури гьединабго статистика. Лъабго соналда жаниб гΙицΙго 9895 мугΙалимасе гурони щвечΙо сертификат. Нилъее гьединаб хΙакъикъат ракΙалъе гΙолеб батиларо. Амма гьеб буго нилъер хΙакъикъат.»
Гьел экзаменазул мурад ккола мугΙалимасул квалификациялъе къимат кьей ва гьеб квалификация лъиклъизабиялъе ресал кьолел программаби гΙуцΙи. Экзаменал гΙадамал хΙалтудаса махΙрум гьариялъе гурел тΙоритΙулел. ХΙукуматалдаги ракΙалда буго педагогазул сертификация гьабулеб мехалда экзаменал тΙадаллъун гьаризе.
Лъай кьеялъул министерлъиялъул Экзаменалъулаб миллияб централъул нухмалъулев хисулев Ива Миндадзеца абулеб буго хΙукуматалъ экзаменазде гуребги, кΙвар лъай кьеялъул даража борхизабиялъул халатаб болжалалъул программаби гΙуцΙиялде буссинабизе кколин.
Ива Миндадзеца: «ХΙукуматалъ жиндирго сурсатал мугΙалимзабазде руссинаризе ккола. Экзаменазул къагΙидаялда ратΙа чΙарал педагогазе кΙвар буссинабун гуреб. ГΙагсалда, гьелъ кумек гьабизе ккола гΙаммаб къагΙидаялдаго педагогасул профессиялъул къимат ва даража борхизабиялъе. Дир пикруялда, гΙемер сурсатал хΙалтизаризе ккола рукΙинесел педагогал хΙадуриялъе.»
Мосиашвили разилъулей йиго, лъай кьеялъул даража сордоялда жаниб борхизабизе рес гьечΙеблъиялъул пикруялда.
Тамар Мосиашвили: «Кколищ нилъ даимго ургъарулел рукΙине, мисалалъе, 60 сонгΙанаб гΙелалъул мугΙалимасул квалификация борхизабиялъул хΙакъалъулъ? ЛъикΙ букΙинарищ нилъер хьулал университеталъул лъай кьеялъул къагΙидаялъул программабазда бихьизабизе? Жакъа нилъ гьелда тΙад ургъизе байбихьани, гьелъул хΙасилал нилъеда рихьизе рукΙана Ι0 соналдасагΙаги.»
Узухъда, гьеб кколаро Ι сентябралда школазде нахъ руссине кколел цΙалдохъабазул улбузе рагΙине бокьараб хабар.

Нонна Мчедишвили