Тьюторасухъе дарсал кьезе гьечIила, гьесда тIадаблъун гьабулеб бугила классалда ругел цIалдохъабазда хадуб халкквей, гьезие тарбия кьей ва дарсазде хIадурлъулеб мехалда кумекалъе вати. Гьадинаб баян кьуна Россиялда бугеб тьюторазул ассоциациялъул президент Татьяна Ковалевалъ.
Гьелъул раг1абазда рекъон, тьютор абураб рагIи хъван буго «Лъай кьеялъул хIакъалъулъ» къабул гьабураб федералияб къануналда ва федералиял стандартазда. Гьелъул бицен гьабулеб буго щивав цIалдохъанасул цебетIеялъул ва лъай камил гьабиялъул хIакъалъулъ баянал кьолеб мехалда. Гьединлъидал, щибаб лъай кьеялъул идараялда гIумрудул хадубккунисеб нух тIаса бищиялъе нухмалъулев муг1алим хIажалъула», - ян бицана Лъай кьеялъул министерлъиялда.
ЦIияб законалда гьеб хъулухъ тасдикъ гьабун бугониги, жеги гьесда тIадал ишал мухIкан гьарун гьечIин баян гьабуна г1алимч1ужу ва журналист Сулейманова Кавсаратица. Тьютораллъул тезе бегьулила классалъул нухмалъулесул ишал тIуразарулел рукIарал муг1алимзаби, амма гьел лъай камил гьабиялъул курсазде ритIизе кколила.
Сулейманова Касарат: «Иргадулаб цIияб ишалъул кинаб хIасил ккелебали лъаларо. Амма церетIурал улкабаздаса мисал боси гьеб батани, цо тьюторас чанго классалъе нухмалъи гьабиялъул магIна бичIчIуларо. Сундулъго хIалае ватизе кколев учитель киналго лъималазда аскIов цого заманалда вукIунеб мех цебечIезабизе захIмалъула. Гьединаб хIалалда цIияб хъулухъ гIумруялде бахъинабичIого, гъоркьго ругеб хIалалдаги тун, учительзабазе харж цIикIкIинабулеба
Россиялда лъай кьеялъул г1уц1иялда гьарулел хиса-басиязул ахирго бихьулареб гьаб заманалда т1аде тьюторазул х1алт1иги жубалеб бугони, гьеб иш раг1алдего бахъинадайин, лъугьинадайин гьикъидал, Кавсаратица бицана гьеб лъугьинабизе бат1аго зах1матаб иш гурила, ингилисалдаса буссинабуни гьеб раг1ул маг1на кколила нухмалъулев абураб. Амма бич1ч1улареб жо бугила тьюторасеги муг1алимасеги харж кин кьезе бугебин абураб суал.
Сулейманова Кавсарат: «Классалъул нухмалъулесе моц1рое кьолеб бук1ана т1адеги азарго гъурущ. Гьединлъидал суал буго гьеб азарго гъурущищ тьюторасе кьезе бугеб яги моц1рое харжищ бук1ине бугебали. Дарсал кьеялдаса мах1рум гьавурав тьюторасеги, къойида жаниб анлъгониги дарс кьолев муг1алимасеги цого харж кьолеб бугони, х1инкъи буго муг1алимзабазда гьоркьоб рикьалаби лъугьине».
Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялда бицухъе, харж кин кьелебин абураб суалалъул х1акъалъулъ къануналда бихьизабун раг1уларо.
ТIоцере тьюторал раккана XIV гIасруялдаго Великобританиялъ