Вацасе г1оло тамих1 гьабизехъин вугев

Малик Гъамбулатовасул яц Гульнара ва цойги гьесул гIагарал чагIи МахIачхъалаялда митингалда, 12 Сен2013

12 сентябралда Дагъистаналъул прокуратураялда цебе митингалде рахъарал рухулаго нахъе хъамуна полициялъ. Гьезул 50 чи ккунги вукIана. ГIадамал гьенире ракIариялъе гIилла букIана, ярагъ ц1униялъул г1айиб г1унт1изабун ккурав Гъамбулатов Маликил къисмат лъазаби.

11 сентябралъул бакъанида 32 сон барав Гъарабудахкент мухъалъул Агъачалул росулъа Гъанбулатов Маликил автомобилалъул халгьабулаго полициялъул хIалтIухъабазда гьесухъ туманкI ва гулби ратун руго. Гьеб хIужжаялда хурхун Гъабулатовги къуваталъул идарабаз гьев ккунги вуго.

Маликил эбел Гъанбулатова Жавриятица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жиндир васасухъе ярагъ полициялулаз ургъунго реххун бугилиан. Гьезие щиб багьана батунги жанив тIамизе къваригIун вукIанин гьевилан.

Гъанбулатова Жаврият: «Полициялъул хIалтIухъабаз гьесухъе рехун буго таманча ва къахIан ккун вачун ун вуго Малик. Цо талихIалъ аскIосан автомобилалда рекIун уней йикIарай гьесул яцалда вихьун вуго гьев полициялъулаз вачун унев. Гьедин гуревани нижеда гьев кив вугевалицин лъалароан. Васасул хабар цIехон къватIире рахъарал нижеда лъана гьев МахIачхъалаялъул Ленинский мухъалъул полициялда вукIин. Дида ракIчIун лъала дир вас щибниги гьединаб ишалъулгун хурхен бугев чи гуреблъи гьединлъидал. Гьединлъидал адвокатги ккун прокуратураялде кагъатги хъван щвана жакъа ниж гьанире. Дун дунго йиччачIого нижеда цадахъ росдал гIадамалги рилълъана, щай гурелъул гьел божуларо Маликихъ ярагъ букIанин абураб жоялда, гьезда лъала гьев кинав чи вугевали»

Жавриятил пикруялда рекъон гьелъул вас кквеялъе аслияб гIиллалъун буго гьелъул гьитIинав вас полициялъулаз рохьилав вугин рикIкIунеб букIин.

Жаврият Гъанбулатова : «Дида лъала Малик гьадинго ккурав чи гуреблъи. Гьелъие аслияб гIиллалъун буго дир гьитIинав вас Гъанбулатов АрслангIали полициялъулаз салафияв вугин, рохьилазул кьерулъе ун вугин гьевилан рикIкIунеб букIин. ЛъагIалица дида гьев кив вугевалицин лъаларо, вуцIцIухIунги вукIун тIагIана гьев рокъоса. Гьесулги щибниги радикалияб рахъ дида бихьун букIинчIо, Маликил хасго. Гьев жиндирго хIалтIудаса сундениги регIулев чи гуро. Гьев школалда шоферлъунги, къаси-къаси хъаравуллъунги хIалтIилев вуго, гьелда гьоркьосан лъагIалицаго овощал рижизарулеб хасаб хур буго гьесул, гьелде вуссун вукIунаан Малик. Нижер рокъоб лъабцIул чIухь бана, живго Маликил доба кIицIул бана гьеб, амма цониги нухалъ щибниги батун букIинчIо. Кодоб ярагъ букIунев чиясул рокъоб щайха щибго батичIеб, гьел рачIине ругинги лъазабун гурелъул, ракIалдаго гьечIого рачIунаан. Бусадаса вахъинавун Маликгун бана къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз гьесул рокъоб чIухь»

Хадубги Маликил эбелалъ бицана прокуратураялдаса жийги жинда цадахъ вукIарав чанго чиги вачIинегIан къватIир чIчIун рукIарал росдал гIадамаздаги полициялдаги гьоркьоб кьал кканилан.

Жаврият Гъанбулатова: «Гьез ургъунго ккезабуна гьеб тунка-гIуси. Ниж къуваталъул идарабаз гьарулел гIорхъолъа арал ишаздаса свакан ругин хъвараб кагъатги кодоб ккун вукIарав цо вас гьез полициялул машинаялде жаниве вачун ана. Гьелде данде чIарал гIадамал рухизе лъугьана полициялъулал. 50 ялдаса цIикIкIун чи ун ватила гьез жидерго автобусаздеги автомобилаздеги жанире рахинарун. Гьезда гьоркьор школлъималцин руго. Гьел рачун унелъул нижеца полициялъул цо автомобиль хьвагIезабулеб букIана, гьел риччачIого рукIине, гьелдаса хадур полициялъулаз руччабиги рухизе лъугьана. Цо ракI унтарав чи вукIун гьев квеш лъугьана гьенив, цойгидав гIакълуялдаса ана, цо гIадан гъежги бекун азарханаялда ячун йиго»

Дагъистаналъул жанисел ишазул министрелъиялъул вакилас «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баяназда рекъон митингалда гIадлу хвезабиялда щаклъи бугев 50 гIан чи ккун вуго полициялъ.

Руслан Ибрагьимкъадиев: «Гьел киналго гьабсагIат полициялда руго. КинавгIаги 50 гIан чи ккуна гьезул. Гьезда гьоркьор лъимал ругин абиги гьереси буго, гьечIо гьенир лъималги. Гьаб сагIат къуваталъул идарабаз видео ялъухъги балагьун, цойгидал цIех-рехалъул тадбиралги тIоритIун лъазабизе руго гьезда гьоркьоса лъица тIоцебе гъалмагъир байбихьарабали. Гьел тIатун хадуб цойгидал къватIире риччазе руго, гIайибиязе тамихIги гьабиларищха. Гьедин гурони тIокIаб хIалалъ тун бажарулеб хIал букIинчIо гьел гIадамазул, полициялъе жидедаго тIадаб хIалтIи гьабизе квалквал гьабулеб букIанин гьезилан абизе бегьула»

Гьединго Руслан Имрагьимкъадиевас «Эркенлъи» радиоялъе бицана Малик Гъамбулатов вацасе гIоло ккун вугин аби гьеб гьереси бугилан.

Руслан Ибрагьимкъадиев: «Кин вацасе гIоло гьев кколев автомобилалъул халгьабулаго гьениб ярагъ батун буго гурии гьесул. Гьелъие кинабниги изнуги кьурал документалги гьечIо гьесухъ. Гьеб иш къанун хвезаби ккола. Гьесул вацасул абуни гьевги нижер баяназда рекъон МахIачхъалаялъул изнугьечIого яргъид гIуцIаразул къокъаялъул бетIер вуго»

Малик Гъамбулатовасул гIагарлъиялъ лъазабулеб буго полициялъ ккурал жидер киналго чагIи къватIире риччазегIан жал прокуратураялъул кIалтIаса кирениги ине гьечIилан. Гьел гIадамал къануналде данде кколареб хIалалъ ккун ругин абун гIазги хъван буго гьез Дагъистаналъул прокуратураялде ва цIех-рехалъул идараялде.