Дагъистаналъул Хасавюрт мухъалъул Сивухъ мухъалъул гIадамаздаги, Китаялъул инвестораз хIалтIизе рачун рачIарал хIалтIухъабазда гьоркьорги гьал къоязда ккараб тунка-гIусиялъ Дагъистаналде рачIунел инвестициял дагьлъизе ругилан абулеб буго цо-цояз. Амма цо-цо экономистаз рикIкIунеб буго кIудияб квал-квал гьелъул инвесторазе букIине гьечIилан.
Сивухъ росдал гIадамаздаги китаялдаса рачIарал хIалтIухъабазда гьоркьорги дагIба-рагIи ккун буго бекьулеб ракь сабаблъун. СПК-ялъул цIияв нухмалъулев вачIаралдаса байбихьун буго кинабго. Ракьалъул кIинусго гектар гьес китаялъулазухъе хIалтIизабизе кьей квеш букIун буго Сивухъдерида. Хасало заманаялъ Китаялъулаз помидор жанир гIезабулел рукIарал теплицаби рухIун руго сивухъдерил жамагIаталъ гьеб сабаблъун кIудияб тунка-гIуси ккараб ахIи-хIурги багъарун буго.
Гьел хасало нигIматал гIезарулел рукъзал хIалтIизаризе китаялъул инвестораз 60 миллион гъурущ биччан букIун буго Дагъистаналъе. 2013 соналъ гьеб магIишаталъул бутIаялъ бакIарун буго микьазарго тонна помидоралъул.
«Сивухъ» абураб коопетаривалдаги китаялъул инвестораздаги гьоркьоб къотIи-къай гьабун букIун буго лъагIелалъ цебе. Гьеб къотIи-къаялда рекъон къватIиса хIукуматалъул инвесторазе ижараялъе 200 гектар ракьул кьезе гьабураб хIукму букIун буго, данде китаялъулазги рагIи кьун букIун буго Сивухъдерил 200 чи хIалтIудалъун хьезавизе ва щивасе моцIалъе 20 азарго гъурущ гIарацги кьезе. Амма ахирисел лъугьа-бахъиназ ахир лъун гьел кIиябго рахъалъе пайдаял къотIи-къаязе.
Бицен гьабулеб СПК-ялъул нухмалъулев Гъазиев ШагIбаницаги абулеб буго гьединаб лъугьа-бахъиналдаса хадув тIокIав цо гIадан къаларилан кколин жинда къватIиса хIукуматалдаса.
Гъазиев ШагIбан: «Криминалги бугеб республикаялде, гьеб гурони мацI бичIчIулареб бакIалде щибизеха рачIинел гIадамал. Заманаялъ сах гьарулин ругъналин абула, лъаларо хадуб кин букIинебали, амма дунго вачIинроанха гьадинаб бакIалде инвестициялги росун».
Интернет сайтаздаги гIатIидго борхулеб букIана гьеб суал гьал къоязда. ГIемерисез абулеб буго Сивухъ ккараб хIужаялъ Дагъистаналде рачIунел инвесторазда цебе гали лъунилан абизе бегьулилан. ХIакъикъаталдаги квал-квал гьабизе рес бугиш гьеб хIужаялъ Дагъистаналде инвестициял рачIиналъе. Гьеб суал нижеца кьуна «ЦIияб Коммерциялъулаб банкалъул» Дагъистанлда бугеб филиалалъул нухмалъулев Эльдаров Эльдарие. Гьес рикIкIунеб буго кIудияб квал-квал инвестициял Дагъистаналде рачIиналъе гьелъул букIинарилан кколин жинда. БитIараб бугин цо-цо инвесторал хIинкъун ратизеги бегьулин гьеб лъугьа-бахъиналъул рагIидал. Амма Хасаюврт мухъалъул Сивухъ жидерго бизнес цебетIезабизе лъугьарал Китаялъул гIадал инвесторал рачIине хIажатги гьечIин Дагъистаналдеян абулеб буго Эльдарица. Щаяли гьадин баян гьабуна гьес «Эркенлъи радиоялъе.
Эдьдаров Эльдар: «Гьединал инвесторал хIинкъизаризеги ккола. Щай нилъее къваригIун ругел китаялъул инвесторал жидерго хIалтIухъабигун нилъерго гьанир гIолохъанаб гIел хIалтIиги гьечIогун ругел мехалъ. Китаялъулазда гурони росдал магIишат цебетIезабизе лъаларогониш? Щай гьел гьаниреги рачIун жидерго гIадамазе хIалтIи балагьизе лъугьине кколел. Нилъерго ракьги бечелъиги гьезухъе хIалтIизабизе кьун нилъ гIабдалзаби гIадин хутIулел руго. Мисалалъе гIарабазул улкабаздаса инвесторалгун бегьула пайдаял къотIи-къаял гьаризе. Гьез жидеего тIалаб гьабуларо кинабго. Инвестициялъе гIарацги биччан гьез хIалтIуде росула нилъерго гIадамал, гьел разияб мухьги кьола. Яги босе Рамзан Къадировас жидерго бизнесчагIи хIалтIизе тIамураб куц. Мисалалъе Москваялда дур кIиго бизнес батани, цояб чара гьечIого Чачаналде бахъизе тIамула дос. Гьебго жо гьабизе тIамизе ккола нилъер бизнес элитаги. Заводалги фабрикалги ватIаналда хIалтIизаризе тIамун, доба дунял цIун миллиардал рекьулел рукIинчIого гьелъул пайда ватIаналъеги ватIанцоязеги бачIунеб куц гьабизе».
Гьединго Эльдарица мисалалъе бачана «Финансовияб Пирамида» абун гIадамал махсароде ккун гIарац бакIарулел рукIарал чагIазул мисалги. Гьеб гьерсил гьобоялъ бакIарун ун бугин Дагъистаналдаса 47 миллиард гъурщ. Гьебин абуни кколин миллиард евроялдасаги цIикIкIараб гIарац. Гьеб гIарцуде чанги инвестициялъул проект рагьизе бегьулаанин республикаялда.