ГIаммаб къагIидаялъ республикаялда цIибил гIезабиялъул хIалтIи ахирисел соназда цIакъго нахъе ккун буго ва гьеб цIигьабизе заман щун бугилан бицана Дагъистаналъул нухмалъиялъ чанго батIи-батIиял данделъиязда. Республикаялъул экономика кризисалдаса борчIизабиялъе аслияб дару буго цебегоялдаса нахъе нилъер республикаялъе хасиятаб, чахир гьабиялъул хIалтIи цIигьабиян бицана ахирисеб парламенталъул сессиялда президент Рамазан ГIабдулатIиповас.
1980-лел соназ гIаммаб къагIидаялъ республикаялда щибаб лъагIалие бакIарулеб букIун батани 350 азарго тонна цIолбол, 2013 соналъ 60 азарго гурони бакIарун гьечIо. Доб мехалъ 70 азарго гектаралда цIибил гIезабулеб букIун батани, гьабсагIаталда 16 азарго гектар гурони хутIун гьечIо. Гьелъие гIиллалъун специалистазда бихьулеб буго дагьал гурони цIолбол ахал гIезари гуреб, гьеб гIезабулел къагIидаби цIигьарун гутIи, технологияб рахъ нахъеккей.
Дагъистаналъул хIукуматалъул официалияб сайталда лъазабулеб буго, къабул гьабун бугин 2019 соналде щвезегIан республикаялда цIибил гIезабиялъул хасаб программа. Гьелда рекъон, ункъазарго гектар ракьуда цIияб тайпаялъул цIибил гIезабизе буго. Гьелъул 1,5 азарго гектаралда исана 20I4 соналъ чIезе буго цIияб, къватIисел пачалихъаздаса бачIараб тайпаялъул цIибил. Гьеб гуребги, гIуцIулеб буго гьанибго цIияб цIолбол тайпа гIезабулеб питомник. Гьединабго, цересел соназда къабул гьабураб программаялда рекъон гIарац биччан гьечIо 40 % гурони.
Гьеб гуреб, руго цоги цIибил гIезабиялъе квал-квал гьабулел хIужабиги. Мисалалъе, гьечIо цониги цIибил гIезабулел магIишатазда халатаб заманалъ гьеб цIунизе шартIал. Гъаякент мухъалдаса цIибил гIезабулеб магIишаталъул нухмалъулев ХIажиев ЯхIял рагIабазда рекъон, жиндир заманалда заводалдаса босизе чи щоларого гIемераб цIибил холеб буго. Чогърол заводазул нухмалъулез бицунеб буго чагъир гьабулаго дагь-дагьккун гурони цIибил босизе рес букIунарин.
Цойги кIвар бугеб масъалалъун чагъир гIезабулел фермераз рикIкIунеб буго банкалдаса кредит босулаго кIудиял процентал рукIин. Гьезул рагIабазда рекъон, анцIгоялдаса цIикIкIун процент бугони кредиталъул, гьелдаса кинабгIаги пайда гьечIо. Дагъистаналда банказ 12-13 проценталдаса гъоркье кредит кьолеб гьечIо. Рехсолеб буго специалистаз цоги кIвар бугеб масъалаги.
Республикаялда цIи-цIиял цIолбол ахал гIезариялъ, гьел гIатIид гьариялъ тIубанго масъала роцIцIине гьечIилан рикIкIунеб буго цо-цо росдал магIишаталъул специалистаз. «АгродагИталия» абураб идараялъул генералияв директор, росдал магIишаталъул мустахIикъав хIалтIухъан ХIажиев ХIажимурадица «Эркенлъи» радиоялъе бицана Дагъистаналда цIибил гIезабиялда хурхун жиндирго пикру.
ХIажиев ХIажимурад: «ЦIолбол ахал гIатIид гьариялъ кIудияб пайда кьезе гьечIо гьеб суалалъулъ, гьелдаго цадахъ цIиял технологиял хIалтIизарулел гьечIони, цIияб тайпаялъул цIибил гIезабулеб гьечIони. ГIемераб цIибил бакIариялда тIад гуро хIалтIизе кколел аслияб къагIидаялъ, ургъизе ккола цIибил гIезабулел чагIазе гьелдаса хайил букIинабиялда тIад. Хайир бугони гьеб гIезабизе рортизе руго киналго, гьебмехалъ цIолбол къадарги цIикIкIина. Дербенталда ва Гъизляралда цIибил гIезаби буго гIадатияб пиша, гьениб бигьаго букIинаан цIиял хIалбихьиял гьаризе. Кин бугониги, пачалихъалъ гIарац биччалеб бугелъул гIезегIан, хIасилал кьечIого рес гьечIо. Амма аслияб жо буго, цIибил гIезабулезулги, чагъир гьабулезулги бухьен чIезаби, гьел кIиялго рекъон хIалтIи. Чагъир гьабиялъул процессалда хадуб байбихьудаса ахиралде щвезегIан халкквей».
ЦIибил гIезабулел фермеразе дагьаб гурони хайир гьечIилан рикIкIунеб буго гьединго Дагъистаналъул экономикаялъул министерлъиялъул специалист Мудуев Шахмарданица. Гьесул рагIабазда рекъон, цIибил бичизе кIолеб гьечIо гьезда.
Мудуев Шахмардан: «Фермеразул аслияб масъала буго жидеца гIезабураб цIибил бичизе кIвей. Щайгурелъул, гьеб босулел чагIиги гIемер гьечIо, чогърол заводазги цIибил чIобогогIадин босулеб буго. ГIемер цIибил гIезабунгутIиялъеги гьебго гIилла буго. Балагьараб мехалда, бихьулеб буго гьеб бакIалда монополия букIин. Гьеб цIакъ лъикIаб гуреб хIужа буго нилъер республикаялъул экономикаялъе».
ЦIибил гIезабиялъе кIвар бугеб хIужалъун рикIкIунеб буго Дагъистаналъул хIукуматалда, гьенире инвестициял рачин. КъватIисан инвесторал рачизе захIмат букIиналда бан, цIолбол промышленносталде ивестициял рачиналъул цIияб къагIида ургъун бугилан лъазабулеб буго пачалихъиял информалатаз. Гьеб ккола цIибил гIезабиялъе кIудиял чогърол заводаз гIарац хIалтIизаби. Ай, жидецаго жидее цIибил гIезаби. Гьезухъ гIарацги буго, цIиял технологиял хIалтIизаризе ресалги руго, жидеего лъикIаб ва гIураб къадаралъ цIибил гIезабизе интересги буго. «Эркенлъи» радиоялъе гьеб тасдикъ гьабуна Дербенталъул чогърол заводалъул директор хисулев АммайхIажиев ХIамзатица.
АммайхIажиев ХIамзат: «ЦIибил гIезабиялъе инвестициял риччана нижер заводалъги. Мисалалъе, Дербент мухъалда ижараялъе босана нижеца 700 гектар ракьул, Табасаран мухъалда босана 850 гектар ракьул 49 соналъ хIалтIизабизе. Гьединго жеги хIисабалде босун буго Дербент мухъалда жеги цIикIкун цIолбол ахал гIезаризе. ГIаммаб къагIидаялъ нижеца цIибил гIезабизе буго нижеего 2300 гектар ракьуда. Гьениб нижеца гIемер хIалтIи гьабулеб буго, херал цIолбол ахал рукIараб бакIалда цIиял гIезарулел руго, цебеккун Сербиялдаса босулеб букIараб тайпаялъул цIибил гIезабулеб буго, халкъазда гьоркьосел стандартазда рекъон хIалтIи гьабулеб буго. ГьабсагIаталда нижер заводалъ цIолбол ахал гIезариялъе риччарал инвестициязул къадар бахулеб буго 800 миллион гъуршиде».
Дагъистаналъул хIукуматалъул пресс-хъулухъалъ кьураб информациялда рекъон, цIибил гIезабиялъул хIалтIи цIигьабиялда тIад хIалтIулеб буго хасаб комиссия ва гьаб соналъул марталъул ахиралде щвезегIан гьелъул хIасилги гьабун 2019 соналде щвезегIан къабул гьабураб программаялда хиса-басиял гьаризе бегьула.