Ссылки для упрощенного доступа

Россиялъул экономикияб букlинисеб


Араб 2013 сон бищун захIматаб букIанин Россиялъул экономикаялъеян рикIкIунеб буго улкаялъул экономистаз. Гьелда цадахъго гIемерго лъикIаб гуреб баян кьолеб буго исанаги Россиялда букIине бугеб экономикияб цебетIеялъе. Мисала гьеб абулеб буго, соналъул авалалдаса байбихьун гъурщил къимат гIодобе ккезе бугин. Кинаб пикру бугеб гьелда тIасан Дагъистаналдаса экономистазул? Бицунеб буго нижер мухбир Юсупов Ашаханица

Жеги киданиги Россиялъул экономика гьадигIан ресукъаб хIалаладе ккун букIинчIин араб 2013 соналъ гIадинилан буго улкаялъул экономистазул пикру. Араб 12 моцI цIакъ захIматаб букIнин экономикияб цебетIеялъе. ЦебетIей букIинчIин хъвалеб буго гьез. ГIаммаб куцалда экономика тIаде борхун бугин 1,5 проценталъ.

«Альфа Банкалъул» макроэкономикияб анализ гьабиялъул рахъалъ бетIерай эксперт Орлова Натальял пикруялда рекъон россиялъул экономика цебетIеялъе гьанже хIалтIизабулеб модель нахъеккараб буго, гьеб хисизабизе кколин абулеб буго экономисталъ. Бищун цере тIуразе кколел масъалабазда гъорлъ гьелъ рехсолел буго гIодобегIанаб къиматалда ругел инвестициял ва демографиялъул суал.

Экономикиял цIех-рехал гьарулеб институталъул нухмалъулев Григорьев Александрица чIванкъотIарал хIужаби рехсолел руго 2013 соналъ россиялъул экономика нахъеккеялъе сабалъун ккарал. ВВП цIикIкIинабиялъул суалалда жанир лъабго нухалъ хиса-басиял гьарунин улкаялъул хIукуматалъ ва лъабабго нухалъ гьел рукIанин экономика нахъеккеялдехун гьетIи бугел. Инфляцияги ракIалда букIараб 5,5 проценталъул къотIелалда цIунизе кIвечIин.

Экономистас рехсолел руго цогидалги гIиллаби: ридалил чвахунцIад бан хадур лъим кIанцIиялдалъун гIураб къадаралда тIощел баIаризе кIвечIолъи, цIатариялъул багьа эхеде бахин, коммуналиял хъулухъазухъ багьаби эхеде рахин ва гьел гурел батIи-батIиял мисалал.

Амма кин букIаниги цIакъго язихъаблъунги араб сон букIанилан абизе бегьуларилан рикIкIунеб буго цогидав экономист Нарек Авакяница. Aforex абураб финансазулаб компаниялъул аналитик ккола гьев. Гьес мисалалъе бачунеб буго 2013 соналда жаниб Россиялъ улка тун къватIибе 22 млрд гъурщиде автомобиль бичанилан абураб хIужа. Араб соналда дандеккун гьеб лъикIаланго цIикIкIун рагIула. Гьединго лъикIал хIасилал ругин Россиялъул интернет-базаралда жанибгин абулеб буго гьев Авакаяница. Интерентт ресурасал хIалтIизариялъухъ щолеб хайир цIикIкIинабизе кIолин цо триллион гъурщиде щвезегIанилан абулеб буг гьес.

Амма тIадехун бицен гьабурай «Альфа Банкалдаса» Орлова Натальяца кIвар буссинабулеб буго цIияб 2014 сонги россиялъул экономикаялъе хашаб букIине бугилан, тIоцебесеб иргаялда гьеб бараб букIине бугин инвестициязул бачIин гIодобе ккеялда. Экономисталъул пикруялда рекъон Сочиялда Олимпиада тIобитIун хадуб Россиялде чвахулел инвестициязул къадар лъикIаланго гIодобе ккезе буго.

БакIида гIодорги рукIун жидерго пикраблъ бикьа-къотIун тарихалгун лъагIалица цебего экономикиялъул пал тIамизе захIматаб жо гурилан абуна гьеб киналдаго тIасан пикру загьир гьабулаго Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталдаса экономист МухIамадов МухIамадзагьидица, амма цереккунисел банал киналго гурин хадур хIакъикъаталде сверулел.

БитIун абуни макроэкономикияб анализ гьаби гьеб бигьаяб масъала кколарилан абуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе. Амма жакъа Россиялъул экономикаялда лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъе лъикIаб къимат кьечIо гьес. Щайгурелъул чIунхутIи бугелъулин гIемерисел бакIазда, чIезе тун ругин гIемерисел магIишаталъул бутIаби. Дагъистаналъул мисалалда гьес гьадинаб пикру загьир гьабуна:

МухIамадов МухIамадзагьид: «Экономикаги, гIадамазул рукIа-рахъин лъикIлъиги сунда бараб бугеб аслияб куцалда? Гьеб бараб буго бюджеталда. Бюджеталъул 80 процентин абуни бараб буго нартил нахърателазда, гьеб бича-хисиялда. Нартил багьа гIодобе ккани тIаса гъоркье уна гьелъул иш, гьеб цо. КIиабизе босани Дагъистан аслияб куцалда бухьараб буго федералияб бюджеталдаса рачIунел гъурщазда. Щайгурелъул нилъерго щибниги хIалтIизабулеб, пайда босулеб жо гьечIелъул республикаялъул. БукIарабги «Дагэнерго» компания бахъун ана нилъехъа. Гьанже дора Пятигорскиялда гьал дол чIагIазда рараллъун хутIун руго нилъ. Конкуренция гьабун бажарулеб къайи цIа хIадурулеб букIрабани батIияб иш букIана, амма гьабсагIат нилъ цогидазда рараллъун рукIин гурони, нилъеда бараб жо щибго хутIун гьечIо».

Экономикияб цебетIей хашаб букIин гуребги, гъурщилги къимат хвезе бугин Россиялда цIияб соналдаян абулеб буго экспертаз. ЛъагIалил тIоцебесеб бащалъиялда цо долларалъухъ 35 гъурущ щолеб къагIидаялъ букIине бугин ишилан хъвалеб буго Brokerабураб компаниялдаса финансазул аналитик Дмитрий Некрасовас. Амма соналъул кIиабилеб бащалъиялдаса хадуб цолъарал шатазул ва Китаялъул экономика циндаго цебетIезе бугин ва лъагIалил ахиралда америкаялъул цо долларалъухъги щвезе бугин 40 гъурущилан пал къотIулеб буго дунялаллъул экономистаз.

XS
SM
MD
LG