ЦIидаса гIуцIулеб буго миллияб политикаялъул идара

Russia -- Russian President Vladimir Putin looks at Russian map during a live-broadcasted test-launch of the Russia's Angara-A5 new heavy-class rocket from the Plesetsk cosmodrome in the Arkhangelsk region, December 23, 2014

31 марталда президент Владимир Путинил указалда рекъон Россиялда рагьана миллатазда гьоркьосел ишазул рахъалъ федералияб агенство.

Гьелъул нухмалъулев жеги щив вукIиневали лъазабун гьечIо, гьев тезе вуго Россиялъул хIукмуталъул нухмалъиялъ. Гьединаб идара Россиялда хIажат букIинчIилан абулеб буго «Эркенлъи» радиоялъе комментарий кьурал цо-цояз. Цогидаз абулеб буго гьеб цIакъ хIажат бугилан.

Гьединаб агенство рагьизе хIажат букIиналъул пикругун Владимир Путинихъе хитIаб гьабун букIун буго марталъул авалалда коммунист партиялъул депутатаз.

Миллатазда гьоркьосел ишазул рахъалъ министерлъи букIана Россиялда цебеги, амма 2001 соналда президент Путинил хIукмуялдалъун гьеб къан букIана. Гьеб идараялъ тIуралел рукIарал хъулухъал рикьун рукIана батIи-батIиял идарабазда гьоркьор. 2014 соналда лъагIан миллияб политикаялъул ва миллатазда гьоркьосел ишазул рахъалъ масъалаби тIуралел рукIана регионалияб цебетIеялъул рахъалъ министерлъиялъ.

Гьаб нухалъги миллиял суалазул рахъалъ министерлъи рагьизе букIиналъул букIанин байбихьуда хабарилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе, Дагъистаналъул миллияб политикаялъул рахъалъ министр хисулев, Зикрула Ильясовас. Хадуб хIукму гьабун бугин агенство рагьизе. Агенство букIаниги гьебги гIемерал гъваридал масъалаби тIуралеб, гIемер миллатал ругел Россиялъул пачалихъалъе хIажатаб идара кколилан абулеб буго гьес.

Зикрула Ильясов: «Министерлъи букIаниги, агенство букIаниги гIуцIи цо бугелъул гьелъул. ГIемер миллатал ругеб Россиялда миллиял суалазда хадуб халги ккун, захIматаб хIал бугеб бакIалда кумек гьабизеги гьелъул хIажалъи кIудияб буго. Регионалияб цебетIеялъул министерлъиялдаса батIаги гьабун, гьелде дагьал гъваридго гъорлъе ракки цIакъ лъикIаб пикру буго».

Кавказалдехун миллатчилъи хIалтIизабурал мисалалги, миллатазда гьоркьоб хIалуцараб ахIвал-хIал букIине бокьарал гIадамалги Россиялда гIемерал ругелъул гьеб рахъ дагьаб рукIалиде бачIиналъе цIирагьараб агенствоялъул кинал ресал рихьулел ругел дуда абураб суал кьуна нижеца Зикрула Ильясовасе.

Зикрула Ильясов: «Аслияб хьул гьединаб бугоха гьеб агенствоялде. Киназего гIаммаб пачалихълъун кколеб Россиялда Дагъистаналдаса, Чачаналдаса ялъуни Осетиялдаса вачIарав чи къватIиса гьобол гIадин къабул гьавизе бегьилишха Москваялдаги цоги шагьараздаги. Гьеб рахъалъ гIемер масъалаби руго цIирагьараб агенствоялда цере чIарал. Нилъ цо халкъ, цо къисмат гIадин рукIине ккола кIудияб пачалихъалда. Нилъ цоцалъ гуро рагъизе кколел, нилъ рагъизе ккола хIажат гьечIебщинаб жо нилъеде къватIиса пунхъулел чагIазда данде. Цоцада гьоркьоб гьуинлъиги, рекъелги цIунизе ккола».

Амма МагIарулазул Миллиябгун Маданияб Автономиялъул нухмалъулев хисулев, ШагIбанов Маркъода щибниги магIна бихьулеб гьечIо гьединаб идара Россиялда рагьиялъул.

Маркъо ШагIбанов: «Гьеб масъалаялда тIад хIалтIулел цоги идарабиги ругелъул, цоги цIияб пачалихъияб идара рагьиялъул пайда бихьулеб гьечIо дида. ТIадежоялъе кинал ихтиярал гьелъул ругел, щиб хIалтIи гьез гьабизе бугебалиги тIубан бичIчIулеб гьечIо. Гьеб кколеб буго гIурусаз абухъе дублирование гIадаб жо. Цогидал идарабаз гьабулеб хIалтIи такрар гьаби гIадаб жо кколеб буго».

Пачалихъияб Думаялда ЛДПР партиялъул нухмалъулев Владимир Жириновскияс лъазабуна гьеб агенствоялъул нухмалъулевлъун цониги миллаталъул вакил вукIине бегьуларин. Гьенив вукIине кколин цохIо гIурусав. Щайгурелъул пуланаб миллаталдаса щив вукIаниги тани гьенив бетIерлъун, жиндирго миллаталъул ихтиярал цIуниялде цIикIкIун кIвар кьезе бегьулин гьесилан пикру буго ЛДПР партиялъул цевехъанасул. Гьелда тIасан гьадинаб пикру бицана «Эркенлъи»радиоялъе, политолог Максим Шевченкоца.

Максим Шевченко: «Дица рикIкIуна миллиял ишазул рахъалъ агенствоялъе нухмалъи гьабизе тIадкъазе кколин гьелъие гIураб лъайги, бажариги, махщелги бугев чиясда, кинабго бараб буго чиясул гьунаралда, щиб миллаталъул чи гьев вугев абураб суал 15-абилеб кьерде босани бегьула. Кадровыял рищиял гьарулаго, миллияб хаслъиги цIехон гьабизе кколин гьеб хIалтIиян абураб пикруялда рекъоларо дун. Цо-цо республикабазда, мисалалъе Кавказалда, миллияб квторивание абураб жоялъул кIвар батизеги бегьула, амма федерадияб даражаялъул хъулухъалде чи тIамулаго тIоцебесеб иргаялде босизе ккола гьесул махщалил даражаги, бокьараб суал тIубазе гьесул бугеб бажариги».

Жибго агенство рагьи цIакъ лъикIаб пикру бугилан абулеб буго Шевченкоца. Щайгурелъул зама-заманалдасан Кавказалъул темаги балъаргъун, жидедаго сверухъ ахIи-хIур бахъинабизе къваригIарал Жириновский гIадал спекулянтал гIодор руссинаризегIаги.