Полицияги гьоркьоб лъугьунги цин гьеб гьукъизеян лъугьуна, гражданазул рахIат хвезабулеб бугин Лезгинка кьурдиялъинги абун. Мисалаллъун ккола Ставрополалда, Пятигорскиялда карал лъугьабахъинал.
Цо-цояз абулеб буго: «Гьеб гIицIго кьурди гурищ. Гьебгун къеркьей гIакълу гьечIолъи буго»-ян абун.Цо-цояз рикIкIунеб буго лезгинка- кавказалдесез социалиял бакIал жидерголъун гьабиян, жамгIияб рахIат хвезабилъун, ва гьел шагьаразда цIикIкIун бугеб миллаталъул культураялъулгун-гIадатазул къимат гьабунгутIилъун.
Лезгинкаялъул рахъ кколезги, гьелде данде чIаразги цере лъолел руго жиде-жидер бичIиялги. Гьаб буго блогерас жиндирго чIагоб журналалда хъвараб:
«Киналго миллатазул культураялдехун бугеб хIурматалъухъ балагьичIого захIмат буго кавказалъул гIолохъабаз гIурусазул шагьаразда бергьадулаб лезгинка кьурдулеб куцалъухъ балагьизе. Путиние гьелъул кеп батизеги бегьула.Гьел гьесул рукIинесел гьев цIунулел ругелъул. Амма гIадатив ,европаялъул къагIидаялъ тарбия щварав чияс кьурдабазухъ сценаязда балагьула.КъватIазда жидерго жанаваразул гIадинал эмоциял загьир гьарулел ругони халкъ жидерго хIикъи гьечIолъи цIунизе лъугьуна»-абун хъван буго цо кинавали Димаца жиндирго чIагояб журналалда.
Гьале цоги аргументал. Мисалалъе, чачаназул президент Рамзан Къадыровасул рагIабазда рекъон лезгинка умумузго нус нус соназ цебего кьурдулеб батана, хадуб ккун кьурдизеги буго лъица щиб абуниги, лезгинка кьурдиялда гьоркьоб гьечIо кинаб букIаниги криминалги.
Дагъистаналдаса Москваялда хIалтIулей юрист ПатIиматидаги бихьулеб гьечIо лезгинка кьурдиялда гьоркьоб кинаб букIаниги къанун хвезабиялъул иш.
«ГьедигIан квешаб лезгинкаги цIорда кьурдун олимпиадаялъул меседил медалал щайха росарал»-абун ракIалде щвезабулеб буго ПатIиматица
Лезгинка гIадатияб кьурдиги кколин гьебги багьанади ккун миллатазда гьоркьоб рокьокълъи бижизабизе бегьуларин рикIкIунеб буго Настя Кириенкоца. Лъелъ цадахъ жиндирго пикроцоялги рачIун Дагьаб цебегIан Москваялда БагIараб Майданалда тIобитIана «ГIурусаз лезгинкаялъул рахъ ккола»-абураб акция.
Нижер радиоялъе Настя Кириенкоца бицунеб буго сунца тIамурал гьел гьединаб акция тIобитIизеяли.
Настя Кириенко: "Ахираб заманаялъ лезгинка-кьурдиялде данде гIемерал репрессиял руго.Гьелда хадуб дица хал ккун бугелдаса гIемераб заманги буго. Дида гьеб гIалъун букIана щай гурелъул дун цIалулей Парижалда йикIун. Гьенибин абуни бокьараб метроялда цебе букIа цогидаб бакIалда букIа ракIарун дандегун 50 гIанасев чияс бокьарал кьурдаби кьурдула. Ва гьел гьукъун рукIунаро.Россиялдайин абуни лезгинкаялде данде репресиял руго институтаздасанги цин нахъе гъолел руго гьеб кьурдунилан .27 декабралда лъана дида Ингушетиялдаса вас гьев россиялъул гражданин вукIаниги лезгинка кьурдунилан колониялде лъагIелги кьун витIун вукIин. Гьес кьвагьун буго кьурдулаго ругъун лъезабулеб таманчаялдасан къварилъи карав чиги вукун гьечIо,амма гьеб видеоялъухъ балагьулаго дида бихьулеб букIана цIех-рех гьабулес хас гьабун лезгинкаялде –халкъалъе хIикъи буб кьурдиялде гIадин кIвар буссинабулеб букIин. 27 декабралда дица гIуцIана къокъа «ГIурусаз лезгинкаялъул рахъ ккола»- абураб.
Дида бихьана ЦIияб сон кIодо гьабулеб сордоялъ Москваялда БагIаб майданалда Таджиказ лъаларо,Узбеказ лъаларо лезгинкаги кьурдулаго бахъараб видеороликалъ ютюбалда ракIаран щинал пикраби, киб балагьун бугеб полиция,щай гьеб кьурдизе толеб абурал, дирго коллегабазги цин цо-цоязул лезгинкаялде данде чIарал бербалагьиял рагIулел рукIана дида. Дида кколеб букIана цо дун ятилин лезгинкаялъул рахъ колей чIужу. Амма дица гIуцIараб къокъаялде гьоркьоре гIемерал гIадамал жрана. гьеб къокъаялъул гIахьалчагIигун цадахъ 6 январалда нижеца БагIараб Майданалда лезгинкаги кьурдулеб букIана.хас гьабун гьеб кьурдизе лъазабизе щивниги ун вукIинчIо .МагIна гьеб кьурдизе лъаялъулъ гурелъул бугеб гьеб кьурдул лъалел къагIидабиги гьарун къанунги хвезабичIого лъиениги квалквалги гьабичIого кьурдулел ругони щай гьеб бегьулареб."
Настя Кириенкол рагIабазда рекъон полициялдаса хIинкъунги рукIун руго гьел. Нахъисеб къоялъ хIалтIизе инее колел рукIиналда бан полициялъул отделениязда ратизе бокьизехъин гьечIин абулеб буго Настяца. Документал тIалаб гьарулел рукIун руго полициялъулас амма жиндица гьесда сверунги кьурдун махсаро-хочIалде буссинабизе хIаракт бахъанин байрамги бугелъул ян бицунеб буго Настяца. Амма ксенофобия россиялда руцIун чIезе бегьулареб бакIалде бахун буго Настя Кириенкол рагIабазда рекъон.
Настя Кириенко: "Ксенофоби бахун буго фантастикияб мохъилъе. Чанги тIадегIанаб цIали кодоб бугезги цин абулеб буго лезгинка абун Дица москваялда 7 сон балеб буго лезгинка кьурдулеб цо нухалъ гурони бихьичIей чIужу йиго дун. Гьаниб гьеб дагьаб гурони кьурдуларо. ГIадамазда гьеб бихьулеб буго ютюбалда. Жидерго цим бахъинабулеб буго. Цинги ксенофобиял бербалагьиял загьир гьабулел руго. Комсомольская правда газетаялда журналистаз лезгинка волгоградалда гьарурал кьвагьияздаги цин рухьинаризе хIаракат бахъун бугоан.»
6 январалда «ГIурусазе лезгинка бокьула» абураб акция тIобитIараздасан цояй. Настял рагIабазда рекъон гьеб гьезул ахираб акция гуро. Олимпиада тIобитIилалдеги цебе тIобитIизе бегьулин гьелдаго релъараб ация йин лъазабуна Настяца.