Ссылки для упрощенного доступа

Миллияб политика: проблема буго идара гьечIо


Россиялъул президент Владимир Путиница 8 сентябралда гъулбасана Регионал церетIезариялъул министерлъи биххизабиялъул буюри. ТIадтаразул лъазабиязда рекъон, гали хурхараб буго пачалихъалъул нухмалъиялъул къагIидаби лъиклъизариялда.

Идараялда тIад рукIарал масъалаби рикьулел руго батIи-батIиял министерлъизда гьоркьор – Финансазул, Юстициялъул ва РукIа-рахъиналъулгун коммуналияб министерлъиязда гьоркьор. Журналист ва политолог Фатулаев Милрадил пикруялда, гьелда нахъ буго цогидаб багьанаги.

Милрад Фатулаев
Милрад Фатулаев

Милрад Фатулаев: «Соналъул байбихьудаго Слюняевасул идараялъе биччалеб гIарцул къадар дагьлъизабун букIана щуго гIаги нухалъ. Гьеб букIана гIуралъ кIудияб, цIакъ кIудияб бюджет жиндир бугеб министерлъи. Цогидал масъалабаздаго цадахъ гьелда тIадкъан рукIана гьелъие дандецин кколарел миллияб политикаялъул суалалги. Гьеб букIана гьитIи-гьитIин ккун кинабго жо гьабизе кколеб букIараб министерлъи. Гьанже дида ккола, гьеб къаялъул гIилла бугин Крым «рукIалиде бачиналъе», Украиналъул машрикъалъул рахъалда загьирлъулеб кризисалда хурхун лъазарурал халкъаздагьоркьосел санкциязул асар тамахлъизабиялъе гIемер гIарац къваригIун букIиналда. Гьедин, дида ккохъе, биххизабуна гьеб бюджеталъул кIудияб къадар хвезабулеб регионазде хурхен букIараб идара».

2004 соналъ гIуцIун букIараб Минрегионалда гъорлъ букIараб Миллатазул гьоркьорлъабазул сфераялда пачалихъияб политикаялъул департаменталда тIад рукIана миллияб политика гуцIиялъул, гIисинал миллатазул ва гIисинал халкъазул ихтиярал цIуниялъул, батIи-батIиял этнокультуриял жамгIиятазул къварагIелал тIуразариялъул ва цогидал масъалаби. Министерлъиялда цадахъго рехсараб департамент биххизабиялда бан миллияб политикаялъул суалал кьолел руго культураялъул идараялъухъе. Щиб хисизе бегьулеб гьелда бан Россиялъул миллияб политикаялда? Бажаризе бугищ Россиялъул Культураялъул министерлъиялда пачалихъалъул миллияб политикаялъул кIвар кIудиял суалазе жавабал кьезе ва битIараб нух бищизе?

Социолог ва политолог Кисриев Энверица рикIкIунеб буго ахирисеб галиялъул кинаб гIаги асар букIине гьечIин пачалихъалъул миллияб политикаялдейин.

Энвер Кисриев
Энвер Кисриев

Энвер Кисриев: «Дир пикруялда, миллиял гьоркьорлъабазул департамент жиндилъ букIараб Регионал церетIезариялъул министерлъи бихизабиялъул кинаб гIаги асар букIине гьечIо улкаялъул миллияб политикаялде. Щайгурелъул миллияб политикайин абураб жого нилъер букIинецин букIинчIо гьанже. КIиабизеги, миллиял гьоркьорлъабазул политика нилъер пачалихъалда буго нахъасеб планалда. Гьеб барабги буго цогидал сферабазда. Мисалалъе, низам цIунулеб системаялъул идарабазул, социалиябгун экономикияб сфераялъул ва цогидал идарабазул хьвада-чIвадиялда. ГIицIго гьенир руго битIараб яги мекъаб миллияб политикаялъул кьалбал. Регионазул министерлъиялъ тIуразарулел рукIарал яги тIуразаризе хIалбихьулел рукIарал функцияби руго гьединго президентасда цебе гIуцIараб милллиял гьоркьорлъабазул комиссиялъухъги».

Культураялъул министерлъиялъухъе гьел масъалаби кьеялъ миллиял гьоркьорлъабазул суал буссине бегьулин гIицIго фестивалалгун арт-проектаздейин ва пачалихъалъул миллияб цебетIеялъул суал ккезе бегьулин гIицIго регионазул даражаялдейин, хъвалеб буго «Финугор» абураб гIуцIиялъул информцентралъул сайталда. Гьединабго пикру загьир гьабуна Кисриевасги. Гьес жубалеб буго, жакъасел шартIазда Россиялъул бищунго актуалиял проблемаби дурусго хурхарал ругин щвалде щвечIеб миллияб политикаялдайин.

Дагъистаналъул Миллияб политикаялъул министерлъиялъул нухмалъулев хисулев Ильясов Зикрулал пикруялда, жиб-жиб идараялда тIад рукIине ккола гIицIго гьелъие хасиятиял масъалаби, гьел масъалаби рукIине ккола мухIканал, киназего баянал. Россия гIадаб гIемер миллатазул, гIемер этносазул пачалихъалда хасаб министерлъи гьечIолъи гъалатI ккола. Миллияб политикаялъул министерлъи букIарабани, Кондопогаялъул гIадал лъугьа-бахъиял ккечIого хутIизе бегьулаан.

Зикрула Ильясов
Зикрула Ильясов

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:01:32 0:00
Загрузить файл

Ильясовасулалдаго релъараб пикру загьир гьабулеб буго Фатулаевасги. Миллияб политикаялъул суалал Культураялъул министерлъиялъухъе кьеялда нахъ гьесда бихьулеб буго пачалихъалъул нухмалъиялъ гьеб сфераялъе щвалде-щун кIвар кьолеб гьечIолъи.

Милрад Фатулаев: «Миллиял гьоркьорлъаби церетIезари нухмалъиялъ культураялъе, гьебги щиб фольклоралъул даражаялда, квербакъи гьаби хIисабалда къабул гьабулеб бугин ккола дида цо-цо нухалда. Амма нилъеда лъала гьеб батIа чIараб цIакъ кIудияб сфера букIин. Гьеб ккола цогидал халкъазулгун гьоркьорлъаби гIуцIи ва гьел лъикIаб даражаялда цIуни. Гьеб ккола ракьазул суал, мацI цебетIезабиялъул суал, добго культураялъул суал, гьеб ккола этнокультурияб хаслъи цIуниялъул, гIорхъабаз рикьизарурал халкъазул суалал, рагъ унел бакIазда хутIарал этносазда хурхарал суал, этносазда жидерго хаслъи бихьиялъул даражаялъул ва цогидал суалал.

Миллияб политикаялде букIине ккола этнополитикияб гIелмуялъул борхалъиялдаса бербалагьи. Бегьуларо гьеб сфера Культураялъул министерлъиялъухъе кьезе. Гьеб ккола лъикI ургъичIого, примитивияб даражаялда гьабулеб хиса-баси. Дида гьеб ургъунго гьабулеб бугинцин ккола. Дида ккола гьеб бугин проблема бахчизабиялъе гьабулеб хIалбихьиян. Хадуб сунде гьеб буссунебали нилъеда лъакI лъала - долго Манежазде, добго жахIдаялде.

ГIалимчагIазги, цIодорал политиказги, жамгIиял хIаракатчагIазги абулеб буго, миллияб политикаялъул проблемаби рагIалде рахъинариялъе къваригIунин киналго ресалги махшелги бугеб хасаб министерлъийин. Россиялъул Миллияб политикаялъул министерлъи. ЦIарни букIине те бокьараб, амма гьелъул букIине ккола мухIканаб масъала ва гьеб тIубазабизе бажарулел хIалтIухъаби федералиябги регионалиябги даражабазда. Дир пикруялдаги, гьеб букIине кколаро кинабалиго министерлъиялъул департамент яги бутIа. Гьеб букIине ккола щвалде щвараб хас гьабун миллиял проблемабазда тIад хIалтIулеб министерлъи. Гьелдаго цадахъ хIалтIизе ккола милллиял проблемабазе къимат кьолел ва гьел рагIалде рахъинариялъул рекомендцияби кьолел гIелмиял институтал, экспертазул къокъаби. Гьединалин абуни, Россиялда руго.

Щаялиго федерелияб нухмалъиялда гьединал церелъеял рагIунел гьечIо. Нухмалъиялъ гьелъие кьезе ккола кIудияб кIвар. Хасго дагьалъ цебе бахъараб къануналда рекъон, Россиялъул Федерациялъул субъектазул бутIрузул жидерго регионалда загьирлъулел миллатаздагьоркьосел суалазда хурхун жакъа персоналияб жавабчилъи букIин гIадахъ босани. Мисалалъе, Гъалгъазул республикаялда этникияб кьучIалда конфликт багъарани, кинаб къагIидаялда республикаялъул бетIер Юнусбек Евкуровас гьеб проблема рагIалде бахъинабизе кколеб? Гьесул букIине ккелариш данде кколеб идара? ГIантаб жо гурищ, проблема бугеб мехалда гьеб рагIалде бахъинабулеб идара гьечIеб мехалда».

Фатулаевасги рикIкIунеб буго, Россиялда жакъаги гIуралъ актуалиял кколин кавказофобия, исламофобия ва цогидал миллатаздагун диназда хурхараб фобиябийин. Жакъа цо-цоязда кколеб бугин миллатазда ва диназда гьоркьосел проблемаби тIагIанин. Журналистас абулеб буго, гьединал проблемаби жалго жидедаго тIагIунарин, хасго гьел проблемаби гIадамазул ботролъ бугеб пикруялда хурхарал рукIин гIадахъ босанийин. ХIакъакъаталдаги гьел проблемаби Крымалда ва Украиналда хурхун бижараб проблемаялъул рагIдукье кканин ва гьеб пачалихъияб пропагандаялъул гIаламат кколин, жубалеб буго Фатулаевас.

Милрад Фатулаев: "Прессаялда бахъун, нилъеда лъалеб буго чанго локалияб конфликталъул хIакъалъулъ. Амма регионалияб прессаялъул хал гьабуни яги Армениялъул, Азербайджаналъул, Гуржиялъул букIине те информалатазул мониторинг гьабуни, нилъеда бихьулеб буго Россиялда миллатазул гьоркьорлъабазда хурхараб, миллатчилъиялда хурхараб ахIвал-хIал гIуралъ захIматаб букIин. Миллиб ва динияб рокъукълъиялъул кьучIалда лъугьунел тунка-гIусиязул, конфликтазул къадар соналда жаниб бахунеб рагIула гIага-шагарго I500 - 2000-ялде. Дица бицен гьабулеб буго Пугачевалда, Кондопогаялда ва цогидал бакIазда ккарал гIадал конфликтазул. Гьезул хIакъалъул информация тIибитIизабичIого хутIулеб буго гьанже. ГIадамазда гьанже гьеб кинабго лъачIого хутIулеб буго».

Цо-цо экспертаз миллатазда гьоркьосел конфликтал рагьариялъул хIинкъи бугеб республика хIисабалда ризго рехсола Дагъистан. Журналистаз кIвар буссинабула хасго ракьазда хурхун лъарагIазул жамгIиял хIаракатчагIаз рорхизарулел суалазде. Конфликт бижинабиялъул хIинкъи бугеб багьанабазда гъорлъ рехсолеб букIуна гьединго республикаялъул нухмалъиялда гьал яги дол халкъазул вакилзазул къадаралда ва тухумчилъиялда хурхунги.

ЭР. - Дагъистан гIемермиллатазул республика букIин ракIалде босун, кинаб къимат кьезе кIолеб дуда миллатазул гьоркьорлъабазе? Пачалихъалъ цо-цо проблемаби, мисалалъе, ракьазул ва цогидал суалал рукIалиде рачани, миллатазда гьоркьоб «гьуинлъи» цIикIкIине бегьулищ?

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:02:55 0:00
Загрузить файл

XS
SM
MD
LG