Офшоралда бугеб $2 млрдалъ дагъистаниязул ургъел ккезабулеб гьечIо

ГIемер улкабазул пачалихъиял хъулухъчагIазул гIарцал Панамаялъул офшоралъул компаниялда «бахчизабун» букIин баянлъараб мехалда, дунялалъул информалатазда ахIи-хIур багъарана. Хасаб кIвар буссинабулеб буго гьединго гьениб ккун бугеб Россиялъул пачалихъиял хъулухъчагIазул кIиго миллиард долларалдеги. Россиялъул президентасул цIар гьениб рехсолеб гьечIо, амма гьенир руго гьесул гIагарисеб сверухълъиялдаса цIарал. Кинаб къимат кьолеб бугеб гьеб хIужаялъе дагъистанияз? Хисун бугищ гьелда бан гьезул бербалагьи Путиниде?

Халкъазда гьоркьосеб журналистазул цIех-рехазул консорциумалъ лъабабилеб апрелалда бахъараб докладалда, офшоразде, ай экономикияб рагIдукь ругел гIуцIабаздасан къватIисел пачалихъазде гIарац рехарал политиказда ва бизнесменазда гъорлъ рехсолел руго чанго Россиялъул президент Владимир Путинил божараб сверухълъиялъул чагIиги. 2 миллиард доллар гIарцул бачун бугин гьез Россия тун къватIибейин лъазабулеб буго журналистаз ва гьеб хурхинабулеб буго живго президентасда.

Живго Путинил цIар гьеб цIех-рехалъулъ рехсолеб гьечIониги, журналистаз кIвар буссинабулеб буго «Путинил гьудулзабазе» миллионазул хайир щун ва гьеб гIарац цогидал пачалихъазул балъгоял счетазда парахат гьабун букIиналде.

Цо-цо экспертаз журналистаз бахъараб докладалъул мурад улкаялъул президентасул авторитет борти букIанин лъазабуна. ГIадатиял гIадамазул гьелда тIаса батIи-батIиял руго пикраби.

Журналистаз тIобитIараб цIех-рехалъул хIасилал лъазариялдаса хадуб, Путинидехун бугеб гIадамазул божилъи тIагIине рес бугищали цIехедал, МахIачхъалаялъул къватIазда дандчIварал гIадамазул аслияб къадаралда лъалеб батичIо гьеб бахъарал докладалъулцин. Блогер Мурад Мустафиновас гьеб, гьединаб информация аслияб къадар гIадамазда лъангутIи, бичIчIизабулеб буго улкаялъул жанисел информсурсатаз гьелъул бицинчIого толеб букIиналдалъун. Жигарго интернет хIалтIизабулел чагIи кколила жакъа дагьабниги гIатIидаб информация щолел чагIи. Дагъистаналда гьединазул къадар цIикIкIараб гьечIила.

Амма жидерго пикру загьир гьабурал гIадамаз, гьезда гъорлъ аслияб къадар гIолилаз, бицана, гьеб кинаго цогидал пачалихъаз Путинида данде гьабулеб хIалтIилъун толин жидеца.Гьединаб пикру загьир гьабуна студентал МухIамадица ва Исрапилица.

МухIамад: «Гьелъ Путинидехун бугеб божилъи хвезабихе рес гьечIо. Щай гурелъул гьев ккола нилъер улкаялъул лидер. Гьанже лагIан рукIарал Россиялъул президентазда гъорлъ гьев ккола бищун лъикIав. Аслияб къадар гIадамазул гьесда хадуб букIине буго».

Улкаялда бугеб хIал захIматаб букIин Путинида бараб жо гурилан рикIкIунеб буго «Молодая гвардия» багъа-башариялъул хIаракатчIужу Алинаца

Алина: «Кинаб ахIвал-хIал бугониги, дун божула Путинида. Нилъер гьаниб кидагоги захIматаб хIал букIуна халкъалъул. Амма гьес бажарараб жо гьабизе хIаракат бахъулеб бугин ккола дида».

Офшоралъулал счетал ругел чагIи Путинида хурхинари мекъаб бугин рикIкIунеб буго цо къадар гIадамаз. Масала туканчи ХIажимухIамадица рикIкIунеб буго журналистазда божизего бегьуларин.

ХIажимухIамад: «Путинида бугеб гIайиб щиб? Путинида сверухъ гIемер руго чорокал чагIи. Гьел гьесул божарал гьудулзаби рукIин лъида бихьараб. Гьеб буго журналистаз хъвараб жо. Гьез бокьараб хъвала. Гьеб цIех-рехалъул хIасилаз Путинидехун божилъи хас гьабун дир кинго хвечIо».

Пенсионерка Людмилалца бицана Путинида божулин жий, кин бугониги, амма кинабго хиралъулеб бугин, гIумру гьабизе захIмалъулеб бугин.

Людмила: «Божула дун гьесда, гьесде гIемерал мацIал, абундачал гьарулел ратизе руго. Амма гьес кинабго халкъалъе букIине гьабулеб бугониги, кинабго хиралъулебги буго. Газихъ, токалъул гIарац цIикIкIинабун буго. Божула дун гьесда, хIалтIейин абе жиндирго».

ЦIех-рехалъулъ гIахьаллъарал гIадамаз улкаялда бугеб ахIвал-хIал ва рукIа-рахъиналъул шартIал захIмалъи улкаялъул тIалъиялда ва президентасда хурхинабичIо. Гьез гьеб кIиялъухъго батIа-батIаго босун хал гьабулеб буго.

Амма ккана Россиялде данде мисаллъун Исландия бачарал чагIиги. Гьедин, Къарахъа ХIажимурадица загьир гьабуна пикру, Путиние битI кканин кверщел гьабизе щвараб халкъгун.

ХIажимурад: «Путиние цIакъ битIун ккун буго, кверщел тIад гьабулеб халкъ гьадинаб букIин. Гьединабго, офшоразда хурхараб ахIи бахъун букIана Исландиялда. Нахъияб къоялде халкъ данде бахъун, Исландиялъул премьер-министр хIалтIи тун ана. Россиялда гьединаб жо кидаго букIунаро. Гьаниб цIакъ лъикI хIалтIулеб буго агитациялъул машина. Яги гьединаб жо бахчула, яги гьев ритIухъ гьавизе лъугьуна».

Россиялъул хIакимчагIазда цадахъ рехсараб докладалда бицен гьабулеб буго чанго пачалихъазул бизнесменазул ва политиказул.