Ссылки для упрощенного доступа

Россиялъул Генералияб прокуратураялъ хал-шал гьабизе буго «Панамаялъул досьеялда» бицунелъул


Россиялъул Генералияб прокуратураялъ лъазабуна, жинца хал гьабизе бугин оффшоразул хIакъалъулъ россиялъулазда хурхун баккараб информациялъул.

Гьедин лъазабулеб буго «Интерфакс» агентлъиялъ. 3 апрелалда Халкъазда гьоркьосеб журналистазул цех-реххалъул консорциумалъ рахъана чанго улкаялъул тIадегIанаб нухмалъиялда ришватчилъи букIин бихьизабулел документал.

Гьениб цIакъго гIемер бицунеб буго Россиялъул тIалъиялъул хIакъалъулъ. Хасаб кIвар буссинабулеб буго Панамаялъул оффшоралъул компаниязда Путинил сверухълъиялъ тIокI гьабураб кIиго миллиард долларалде. Кремлялда гьел гIайибал нахъчIвалел руго, гьел документазда щибниги цIияб жо гьечIинги абун.

XS
SM
MD
LG