Щиб нилъее лъугьараб?

ГIумаров ХIажимурад

2 апрелалда МахIачхъалаялда Миллияб библиотекаялда тIобитIана «ТIалъиялъулгун халкъалъул диалог» абун данделъи. Гьениб хIукму гьабуна кватIичIого Дагъистаналда кIудияб митинг тIобитIизеги, республикаялда кколел чIвай-хъвеязул цIех-рех гьабизеги, гьединго бажарулеб батичIони, тахбакI эркен гьабеян пачалихъиял хъулухъчагIазда цебе суал лъезеги.

МахIачхъалаялда тIобитIулеб данделъиялде республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповги ахIун вукIана. Амма гьесул бакIалда гьениве вачIана диниял суалазул, миллияб политикаялъул ва къватIисел ишазул министр хисулев.

Гьеб букIана "ТIалъиялъулгун халкъалъул диалог" абун Миллияб библиотекаялда тIобитIараб данделъи. Гьелъул хIаракатчагIилъун лъугьана "Союз патриотических сил" абураб багъа-бачариялъул вакилзаби.

Гьениб аслияб гара-чIвари ккана республикаялъул нухмалъулев халкъалъ вищизе кколин абураб суалалда сверухъ. Америкаялдаги Россиялдаги гIадамал лагълъуда чIезарун рукIараб заманалда Дагъистаналда бегавулзабиги цогидалги гIадамаз, халкъалъ, жамагIатаз жидецаго рищулаанин абуна ХIажимурад ГIумаровас. Гьев ккола "Справедливая Россия" партиялъул Дагъистаналда вугев вакил.

ХIажимурад ГIумаров: "Щиб нилъее лъугьараб, щиб ккараб - нилъеего нухмалъулев нилъецаго вищичIого тезе ккани? Гьекъолдун, гIакълу хисун, гIалхулал чагIаздейищ нилъ сверун ругел? Бицеха! Халкъалъ гьев вищизе бегьуларин абураб пикру дида бичIчIизабулев чи къваригIун вугоан дие Дагъистаналъул хIакимзабазда гьоркьов. ЛъикI буго. 20 соналъ тана нилъеца гьев нухмалъулев ивщичIого. Щибха ккараб гьелъул? Нилъер республикаялда нанотехнологиялищ ругел церетIолел, росдал магIишатгун, промышленнность ва цогидабищ цебетIун унеб бугеб Москваялъ гьел тIадегIанал хъулухъал рикьа-къотIулел рукIарабгIан заманалда жаниб? БитIараб буго, чанго тухум-кьибил бечелъана, хутIараз щиб гьабизе кколеб?"

ХIажимурад ГIумаровасул пикруялда рекъон, Дагъистаналъул хIакимзабаз Москваялда билълъанхъизабун буго дагъистаниял жеги рищиязда гIахьаллъизе гIун гьечIин абураб пикру.

ХIажимурад ГIумаров:"Москваялда киназдаго лъала дагъистаниял рищиязде унареллъиги, ананиги гьениб щибниги бикьулеб бугони гурони унареллъиги. Лъала гьединго лъиданиги гьезул божилъи гьечIолъиги. Божилъи гьечIо божизе гIадал гIадамал тIалъиялда гьечIолъиялъ".

ХIажимурад ГIумаровасда тIадрекъолел чагIи гIезегIан рукIана гьеб данделъиялда. Гьезул цояв ахIдолев вукIана живго ХIажимурадица кандидатура лъезе кколиланги. Амма гьес жинцаго гьелъие жаваб кьечIо.

БайсултIанов Маматхан

ЦохIо Хасавюрталдаса Байсултlанов Маматханица гурони республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасда нахъасан я лъикIаб, я квешаб абулеб букIинчIо. Амма Маматхан рази гьечIоан гьесдаса. Жив къабул гьавичIила гьес. 2006 соналда гьесул хъизаналде рещтIараб балагь Дагъистаналда гIемерисезда лъала. Хасаб операция тIобитIулебилан аскарияз Маматханил васасул минаги сверун ккун чIвана гьезул нус, лъукъана васги. Цинги туснахъ гьабулев вукIана гьев террорист вугилан. Журналистазулги инсанасул ихтиярал цIунулезулги кумекалдалъун гьесухъа бажарана васасдаса рогьо бацIцIинабун. Амма низам цIунулездаса кутакаб ракIбуссин буго гьесул.

Гьесда цадахъго пачалихъалдаса ракIбуссин загьир гьабулел гIадамал гIезегIан рукIана гьенир. Масала, БежтIаса инсанасул ихтиярал цIунулев Къебедов МухIамадица бицана жидер хъизаналда ракIалда букIанила улка тун къватIире гочине. Жиндагойин абуни ккун букIанила яргъид гIуцIаразда аскIове рохьоведай инаян.

Къебедов МухIамад

МухIамад Къебедов: "Кинал низам цIунулел гъарин гьел рукIунел, Хъачагъал руго унго-унгоял. Бокьараб бакIалде ахIани, гьелъул жавабги кьола дица. ЖуликIал руго гьел. Гьел жуликIаз цIунулел руго цогиги жуликIал, гьединин гьаб гIадамазда берцинго хIухьел цIазе кIолареб ахIвал-хIалги лъугьун бугеб!"

ЛъарагI миллаталъул рахъалдаса кIалъарав Мирзаев ХIажица бицана аскариязул гъалатIалдалъун республикаялда чIвараб цо хъизаналъул. ГъалатI кканинги абун, тIубараб хъизан тIагIинабулеб жойищ букIунеб? Дагъистаналда чIвай-хъвей лъугIизабичIони, щибниги кколарин рикIкIунеб буго Мирзаев ХIажица.

Гьес ракIалде щвезаруна цогидал хIужабиги. Масала, дагьалъ цеве МахIачхъаалялда вухарав жамгIияв хIаракатчи Абсалидин Мурзаев. Гьев цеве вахъунаан киназего, халкъалъе гIоло. Гьанжейин абуни гьев живго жиндиего тун вуго, лъицаниги кумекги гьабичIого. Гьев вухарал чагIиги ралагьулел гьечIо. Гъарабудагъкенталда чIвана лъималазда Къуръан малъулев вукIарав чи. Лъиениги тамихI гьабичIо. Подмосковьеялда гъанкъун ватана ВатIан цIунизе армиялде хъулухъ гьабизе арав гIолохъанчи. Гьединан цо-цо ккун гIадамал лъугIулел рукIинго гIадин, нилъелъ тIагIунеб буго божилъиги. Гьедин кIалъана Мирзаев ХIажи.

Догъузпара, Дахадаев мухъаздаса вакилзабаз бицана муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулездаса бугеб разилъи гьечIолъиялъул. Муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулел рищиялъул къагIидаялъ кинабго хвезабун бугин абуна Дахадаев мухъалдаса БахIамадов Багьавудиница. Гьесул пикруялда рекъон, тIоцебесеб иргаялда, муниципалитетал рацIцIад гьаризе ккола халкъалда дандечIарал нухмалъулездаса. Гьеб мехалда лъугьуна гIодобиччараб, халкъалъул тIалабал тIуралеб ахIвал-хIал.

БакIалъул рищиял тIоритIулеб мехалда жидер нухмалъулес бюллетеназда лъезарулел хасал ишарабазулги гIаламатазулги бицана Догъузпараялдаса Канберов Фахрединица.

Канберов Фахредин: "Менделеевасул таблицаги Китаялъул алфавитги гьадингосеб жо рищиязул заманалда гьес мугIалимзабаздаги цогидаздаги гьоркьор тIиритIизарулел тIанчазда данде. Гьелъухъ гьесие кинаб мустахIикъаб цIар кьелебалигицин лъаларо".

Гьединлъидал гьединаб бербалагьи хIехьон бажаруларин хадубккунги, лъалебги кIолебги батичIони батIайисан хIалтIизе, тахбакIал эркен гьареян лъазабизе кколин хIакимзабаздаян абуна гьениб гIемерисез. ГьабсагIатин абуни дора гIодор чIун гьерсихъабиги цIогьалги ругила. Гьадинаб хIалалде Дагъистан ккезабурал чагIи гьел руго. Гьединлъидал гьез ГIабдулатIиповасеги квалквал гьабизе бугин республика цебехун бачинеян абураб пикру бугоан данделъиялъул гIахьалчагIазул.

Гьеб данделъиялде ахIарав Рамазан ГIабдулатIиповасул бакIалда гьениве вачIана Зикрула Илясов - диниял суалазул, миллияб политикаялъул ва къватIисел ишазул министр хисулев. ГIадамаз пачалихъиял хъулухъчагIазда дагIба балеб, гьел тахбакIаздаса нахъе ине кколин лъазабулеб мехалда гьес гьезда абичIо нуж мекъал ругилан. Гьес абуна къойидаса къойиде гIемерлъулел ругин республикаялда масъалаби. Рамазан ГIабдулатIипов вачIиндал цIакъго цIикIкIунел ругила гIадамаз хIакимзабазда нахъасан хъвалел гIарзалги.

Илясовасул пикруялда рекъон, цIияв нухмалъулев вачIиндал аслияб масъалалъун лъугьун буго халкъалъул божилъи тIадбуссинаби. Гьединго ГIабдулатIипов Россиялда машгьурав вугила миллияб политика щвалде щун лъалев чи хIисабалда, гьединлъидал гьес кIвар кьелеб батилила дагъистаниязда дандчIвалел масъалабазде. Илясовас рагIи кьуна библиотекаялде данделъаразул гIарзал Рамазан ГIабдулатIиповасда рагIизаризе.