Гьеб байбихьана Россиялъул ва Дагъистаналъул гимналъухъ гIенеккиялдалъун. Гьеб буго заманаялъ нухмалъи гьабизе Дагъистаналде витIун вачIарав Рамазан ГIабдулатIиповасул тIадкъай. Амма гьев живго гьеб сессиялда гIахьаллъичIо, Москваялда вукIун. Гьединлъидал данделъиги чIаголъи гьечIеб букIанин рикIкIунеб бугоан цо-цо сессиялда гIахьаллъарал журналистаз. БукIаниги гьелъулъ цо батIалъиги бихьулеб бугоан гьезда. Масала, Рамазан ГIабдулатIиповасги Халкъияб Мажлисалъул спикер Хизри ШихсагIидовасги хIукму гьабуна гьанжеялдаса хадур гьел сессиял гIицIго кнопкабазда килщалги цун къанунал къабул гьарулеб куцалда гурел, моцIида жанир Дагъистаналда ккарал аслиял лъугьа-бахъиназда тIасан бахIсал гьариялдалъунги тIоритIизе.
"Миллат" газеталъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевас ЭР-ялъе загьир гьабуна гьелда тIасан жиндирго пикру.
МухIамад БисавгIалиев: "Щибха гьелъул ккараб? Халкъияб Мажлисалъул спикер Хизри ШихсагIидовас абуна бищунго халкъалъе кIвар бугел цо-цо лъугьа-бахъиназда тIасан парламенталда бугеб щибаб фракциялъул вакилас бицине бугин анцI-анцI минуталъ. Залалда гIодорчIарал журналистазги кутакалда лъикI къабул гьеб пикру. Гьеб мехалда дун вукIана депутатаз бицинин республикаялда ккарал лъугьа-бахъиназул. Гьел ккола Семендер поселокалда байбихьарал хасал операциялги, Хважалмахьи росулъ ккараб чIвай-хъвейги, МахIачхъалаялъул полициялъул начальник Раип ГIашикъовасда сверухъ лъугьараб вала-рахасги, лъарагIазул жамгIияталъул цевехъан Абсалитдин Мурзаев вухиялда хурхун гьабураб митингги, арбагI къоялъул сардилъ Хасавюрт шагьаралда «Кавказрегионгазалъул» бугеб гIуцIиялъул нухмалъулев Юсуп ХIажиев чIвайги. Амма нилъеда лъалаха гьеб ишалде жеги нилъ ругьунлъун гьечIолъи. Нилъеразул иш букIуна «понятиязда» рекъон гьабулеб. Депутатазул мандат щварал чагIазул 80 процентги гьел "понятиязул" чагIи руго".
Гьединлъидал депутатаз гьеб данделъи гьадинго ххвалие гьабулеб жоялде сверизабунин рикIкIунеб буго БисавгIалиевас.
МухIамад БисавгIалиев: "Вахъана коммунистазул вакил МахIмудов абурав чи, гьес байбихьана бицине рищиял ракI бацIадго тIоритIизе кколин, 1996 абилеб соназда Зюганов бергьун вукIанин гьев къезавунин доб мехалдаян чIанда цIалкIизе. Хадусеб рагIи кьуна «Патриоты России» абун цIар бугеб партиялъул вакиласе. Гьев лъугьана республикаялъул бетIер тIолго халкъалъ вищизе кколин абураб суалгун. Лъалеб букIахъе гьел руго Саид Амировасул асаралда гъоркь ругел чагIи. Хадув цеве вахъана ХIажимурад ГIумаровас нахъе рехханиги кьуричIого справедливороссазул цевехъанлъиги ккун чIарав Камил Давдиев абурав чи. Гьев лъугьана лъайкьеялъул ва ЕГЭялъул бицине, амма кинго бичIчIичIо гьеб гьаб моцIрол лъугьа-бахъиназде кин ккарабали. Единороссазул рахъалдаса ХIамидула абурав цо лезгияв вукIана гьебго лъайкьеялъул ва рахьдал мацIалъул бицун къварилъахъдулев. В.Черномырдиница абун букIун буго: «Россиялда кинаб партия гIуцIаниги КПСС лъугьуна», - ян. ТIаде жубазе бегьула, Дагъистаналда кинаб къагIидаялда парламенталъул хIалтIи гIуцIаниги рагьарал политикаги, бахIсалги, кризисалдаса рорчIизе нухалги ралагьуларо. Гьагъал гъора ругел чагIи хисизегIан гьагъаб ругьунабго нухдасан уна".
БисавгIалиевас гьединго кIвар буссинабуна сессиялда бицен гьабураб цогидаб хIужаялдеги. Гьедин дагьалъ цебе «Дагъистан» информагентствоялъ кьурал баяназда рекъон, президентасул ишал тIуразарулев ГIабдулатIиповасул квербакъиялдалъун тIатинабун буго чиновниказ бикъизе рес букIараб 7 миллиард гIарцул. Амма жинда кинго бичIчIуларин гьеб гIарац бикъизе нахъе къаларел чагIи хIукуматалда щай тун ругелалиян абулеб буго БисавгIалиевас.
Сессиялда гьоркьоб лъун букIана Новолак мухъалдаса гочинарун тумалгун ГIавухъ мухъ гIуцIизе ккеялъулги. Чанго анцI-анцI соназ церегоялдаса нахъе гьанжелъагIан гьенире гочун буго 1800 - ялдаса цIикIкIун хъизан.
Республикаялда гIемер буго гьеб суалалда тIасан разилъи гьечIолъи. 1944 соналъ гIуцIараб ГIавухъ мухъ ункъго моцIалъ гурони букIинчIин абула тарихчагIаз. Новолак гIуцIаралдасайин абуни тIубалеб буго 70 сон. Гьединго ГIавухъ мухъ гIуцIун хадуб гьенире чачаналги рахъинарун гьеб ракь Чачан Республикаялда гъорлъе хъвалин абураб рахIатхвейги буго цо-цо дагъистаниязул.
28 марталда тIобитIараб сессиялда гьоркьоб лъун букIана гIисинлъималазда хурхараб къануналъул проектги. Гьеб ккола гIисинлъималазе татуировкаби гьаризеги гIарац-меседалъул тIагIалаби разе гьукъиялдаги хурхараб къануналъул проект.