Муслим Меджидов, Дахадаев мухъалъул бетIерхисулев: «Митинг тIобитIарал ва гьелъул гIемерисел гIахьалчаги руго 20II соналъ Дахадаев мухъалъул нухмалъулев вищулеб заманалда гIемераб гъалмагъир гьабурал чагIи. Гьел рищиял сабаблъун доб заманалда кIиго гIолохъанчи чIвана ва микьгояв лъукъана. Гьеб чIвай-хъвеялъул гIахьалчи НухIов НухIицаги гьанже митинг гIуцIарав Багьавудин МухIамадовасги цогидаб гьезул сверухълъиялъги республикаялда бетIерлъи хисидал кIвараб жигар бахъулеб буго нижер мухъалда гъалмагъир гьабизе, гьанжего гьанже гIодоре риччарал гIадамал гьанжеги гьоносинаризе».
ХIакимчиясул рагIабазда Жарула ГIумаров мухъалъул нухмалъуде вачIинегIан НухIов НухI вукIун вуго Дахадаев мухъалъул ТIадеги лъайкьеялъул ва спортивиял школал дандегьарураб идараялъул нухмалъулевлъун. Гьенир рукIине кколелдаса гIемерал хIалтIухъабиги рукIун руго, чанги хIалтIулел ругин абун гIадамазул цIаралги хъван жинцаго гьезул харжал росулел хIужабиги халлъун рукIун руго НухIовасул.
Муслим Меджидов: «Гьес хIалтIуде росарал тренерзабазул ва спорталда гъорлъ ругел гIолохъабазул хасаб къокъа гIуцIун букIана НухIица. Хадуб жиндиего къваригIаралъур гьелги хIалтIизарулел рукIана. Чанги нижер мухъалъул чIахIиял идарабазул нухмалъулезда тIад магъалоги лъун букIана гьез. Жарула ГIумаров бет1ерлъуде вачIиндал гьеб къокъаялъул гIемерисел нахъе ралагьизаруна хIалтIудаса. РукIине кколелдаса цIикIкIун цониги чиги течIо хъулухъалда. Гьел нахъе рехаразул кьерулъ рукIана живго НухI НухIовги , митингалъул кIудияв – Багьавудин МухIамадовги. Гьанже гьелчагIи цин хъвадарун, цинги митингал тIоритIун кин рецIел босилелали лъаларого хелделел хутIун руго».
Дахадаев мухъалъул гIадамаз исана феврал моцIалда Рамазан ГIабдулатIиповасухъе жидерго гIузрабиги рехсон кагъат хъван букIана. Гьеб кагътида аслияб къагIидаялъ борхун бугоан Жарула ГIумаров нухмалъуде вачIиндал жидер мухъалда букIарабги социалиябгун-экономикияб ахIвал-хIал дагьабги квешлъун бугин, гIолохъабазе хIалтIизе бакIал гьечIин, гьелъ росабалъ гIадамал хутIулел гьечIин, жидеего санагIалъаби ралагьун шагьараздегун гIатIиракьалда ругел цогилал бакIазде гочунел ругин гьелилан. Хасго гIарзачагIаз тIадчIей гьабун бугоан Дахадаев мухъалда лъим гIоларого гIемерал захIмалъаби рукIунин, амма гьеб масъала тIубаялъе нухмалъиялъ щибго гьабулеб гьечIин, жидеего чвердезе хIавузал гьарулаго халкъалъул захIмалъаби гьез рик1к1ад тун ругилан.
Амма Муслим Меджидов гьеб гIарзачагIазул рагIабазда рази гьечIо. Гьес бицана Жарула ГIумаров нухмалъуде вачIиндал Дахадаев мухъалъул киналго школ ва сахлъицIуниялъул идарабазул минаби къачIанин, микьгониги росулъе газ бачун бугин, чанго нусго километралъул рикIкIалъудаса, гьеб мухъалда лъим гIунгутIиялъул суал тIубазелъун, лъим бачунеб бугилан.
НухIов Нухгун кIалъазе «Эркенлъи» радиоялъе рес ккечIо, Багьавудин МухIамадовас лъазабуна жив щибниги гъалмагъиралда гъорлъ вукIинчIин, гьечIеб гIайиб жинда чIвазе лъугьани гьел чагIаз жидерго рагIабазул жаваб диванханаялда кьезе бугилан.

ПатIимат МахIмудова