Храх-Убаялъул гIадамал: "Ниж пачалихъалъ гуккана..."

Храх-Уба росдал жамагIаталъ хIаракатчагIи

Азербайджаналъе кьурал Храх-Уба ва Урьян-Уба росабазул гIадамаз гIарз гьабулеб буго, пачалихъалъ кьураб рагIиялде балагьичIого, жал жакъаги хутIулел ругоин тIад тIох гьечIого, жал лъиениги къваригIун гьечIин, жидер божилъи хун бугин киналго хъулухъчагIаздайин. ГьанжелъезегIан жидер гражданлъилъул суалалцин рагIалде рахъинарун гьечIин.

Гьениб гIадамазе рукIа-рахъин гьабизе росу-рукъ базе ва квегIенлъаби гьаризе хIукму къотIана Россиялъул президент Владимир Путиница 2013 соналъ. 2014 соналъ, гьенир киналго хIалтIаби байбихьизе кколел рукIана. Гьел хIалтIабазе харж гьабизе хIажалъулин 908 млн. гъурущ ва гьеб гIарац Дагъистаналъе биччазеги бугин лъазабулеб букIана тIалъиялъ.

Амма гьелдаса чанго сон аниги, жакъа къоялде щибго хисараб жо гьечIин, гIицIго жидер хьул тIагIин гуронийилан абулеб буго «Храх-уба» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Бахтияр Мамедовас. ТIалъиялде ва хIакимчагIазухъе хъварал кагътазул хIасил кколеб гьечIин, гьезул бицунеб цо бугин, гьабулеб цогидаб бугин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Мамедов Бахтияр: « ГьабсагIат сихIкъотIун чIун руго киналго. ЦогIаги идараялдаса жавабги щолеб гьечIо нижее. Жиндир заманаялъ, Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас къабул гьарураб мехалъ, нижее рагIи кьун букIана 86 гектар ракьул кьезе росдал магIишаталъул хIажалъалабазе. Кидаго ракьуда хIалтIун гIумру гьабулел чагIазе батIияб иш захIмалъула. Ракь хIалтIизабун ругьунал руго ниж гIасрабазго. Амма хадуб, нижеда абуна гIицIго мина базе щивасе 15 сотых гурого батIияб бакI бихьизабулеб гьечIин. ГIадамал разилъулел рукIинчIо, амма тIалъиялъул вакилзабаз гIадамазе рагIи кьуна, гьеб 15 сотых босизе разилъани, гьенир нухал гьарилин, газ, лъим, ток ва цогидал квегIенлъабиги чIезарилилан, цинги гIадамалги разилъана. Гьалеха, кIиго сон ана гьелдаса, гьабсагIат гьеб бакIалде кинабгIаги нухцин бахъун гьечIо. Нижее кьураб рагIи кквечIо, гуккана ниж. 150 хъизам буго гочинарурал гIадамазул гIагарлъиялъухъ, гьанир дора гIумру гьабун».

«Новый аул» абураб бакIалда гIадамазе минаби ран кьезе кколел рукIун руго, гьеб мурадалда 908 млн. гъурущ гIарац харж гьабизе кколаанила. Амма гочинабулеб бугеб Новолак мухъалъулго гIадаб къисмат гьеб росу баялъулги ккезе рес букIиналъ, гIадамазе рукъзал жидецаго разе рукIине гIарац кодобе кьезе бокьун букIанила, амма гьеб гIарцулги хабарго лъугIанилан бицана Мамедовас.

Гочинарурал гIадамал рахъинариялъул суал тIубазе бихьизабун букIана хасаб программа, 2013 соналъ Россиялъул президентас гIадамал цIияб бакIалде рахъинаризе бахъараб хIукмуялда рекъон, гьеб программа гIумруялде бахъинабизе хIажалъулеб гIарац дотациязул хIисабалда биччазе федералияб централъ инкар гьабидал, хIукму ккун буго 2008-2013 соназда хIалтIулеб букIараб «Юг России» абураб федералияб программаялъул сурсатаздасан биччазе, амма гьениб харж гьабизе регIараб гIарац букIун гьечIо. ГьабсагIат, 2018 соналде щвезегIан хIалтIулеб бугеб «Юг России» абураб программаялда рекъонги гьеб мурадалда харж гьабизе бихьизабураб гIарац гьечIин баян гьабулеб буго Дагъистаналъул Экономакаялъул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ.

Федералияб централъ ва Дагъистаналъул тIалъиялъ кIвар кьечIогон тун ругин гIадамалилан абураб жо мекъи букIинин абулеб буго Москваялда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялъул жамгIияталъулгун ва низам цIунулелгун рухьенал гьариялъул рахъалъ нухмалъулев ГIумар Ибрагьимовас. Жиндир заманаялъ, Россиялъул тIалъиялъ гIадамал тIад руссун Дагъистаналде рачIиналъул суал тIубанила, гьенир чIарал чагIиги кканила гIицIго 3 хъизамилан баян гьабуна гьес. ГьабсагIат тIубазе хутIун бугила социялияб рахъалъул суал.

ГIумар Ибрагьимов: « Гьеб суал тIубазе къабул гьабураб программа кибего тIагIун гьечIо. КиналгIаги Дагъистаналде гочинарурал гIадамал инфраструктураялъ ва социялиял шартIаз хьезариялъул суал тIубалеб буго. ГIадамазда жидедагоги бичIчIулеб буго гьеб иш цо къоялда ва цо моцIида жаниб тIубалеб жо гуреблъи. Россиялъул тIалъиялъги Дагъистаналъул тIалъиялъги гьел гIадамал рехун тун гьечIо, заманалдасан гьеб гIунгутIи тIубан лъугIизабизеги буго».

ГьабсагIаталда гIадамазул ругел паспортазда МухIарамкент мухъалъул Храх-убы ва Урьян-убы росулъ гьабураб хъвай-хъвагIай хутIун буго, гьезие документалги жеги хисулел гьечIо. Ясли-ахазда, школазда ва азарханаязда кколин гьелда бан лазатбахъиялин абулеб буго «Лезгияр» абураб жамгIияб гIуцIиялъул вакил Гереев Русланица. Ракьал Азербайджаналъе кьолаго, гьелда данде рукIарал гIадамазе гьукъун бугила Азербайджаналъ гIорхъи бахине, гьезие гочинчIого хутIарал жидер гIага-божаразухъе инецин рес гьечIила. Гьедин, Храх-убы росдал школалъул директор вугила жиндирго хъизамалъухъе тIадвуссун бажаруларого. Гьесул чIужу хванила дагьай цее ва гьей юкъизе ва хабатIе вахинецин виччачIила гьев жиндирго росулъе. Азербайджаналда гъорлъе жидер ракьал иналда данде рукIарал гIадамазул сияхIал гIуцIун ругила Азербайджаналъул рахъалъ.