Гьединаб пикру загьир гьабулез рикIкIунеб буго Азербайджаналъулги Дагъистаналъулги церетIолеллъун рикIкIунел гьоркьорлъабазул пайда аслияб къагIидаялда мадугьалзабазе букIин баянго бихьулеб бугин. Москваялъ, гьелдаго цадахъ гьай-гьай, МахIачхъалаялъги Бакуялъе гьарунин гIунги тIокал компромиссалин, гьелдаса битIахъе зарал кканин ва кколеб бугин жакъаги гIадатиял гIадамазейин, хасго гIорхъодул кIиябго рахъалда аскIорехун гIумру гьабулезе.
«Регнум» сайталда бахъараб «Азербайджаналъ Дагъистаналде жиндирго асар цIикIкIинабулеб буго» абураб макъалаялда автор Муса Мусаевас мисал хIисабалда бицунеб буго дармилгун экономикиял гьоркьорлъабазул хIакъалъулъ. Гьесул рагIабазда, дагъистаниязул росдал магIишаталъул продукция Азербайджаналда бичизе кинабгIаги рес гьечIо. Гьелдаго цадахъ Дагъистаналъул базаразда аслияб къагIидаялда буго мадугьалзабазул продукция ва гьеб къойидаса къойиде цIикIкIунебги буго.
Жакъасеб глобализациялъулгуе экономикиял гьоркьорлъабазул логикаялъул бербалагьияздаса гьелъул гIайиб гIаммаб къагIидаялда бугин жалго дагъистаниязда - тIоцебе административиял сангарал гIуцIулел пачалихъиял хъулухъчагIазда, хадуб гьединал хъулухъчагIи хIехьолеб халкъалдайин, рикIкIунеб буго журналистас.
Мусаевасул рагIабазда, жидерго хурзабахъ пихъ-тIощел бижинабулел дагъистаниязул нилъерго шагьаразул базараздацин бакIал щвезе ресцин гьечIо. Гьединлъидал ракIбацIадаб конкуренциялъул бициналъул магIнаги гьечIо. Гьелдаго цадахъ магIна холеб буго Азербайджаналдаса бачIунеб гIадаб тIощел жидерго хурзабахъ бижинабиялъулги. Дагъистан буссун бугин гIицIго гIорхъи бахун доб рахъалда бижинабураб продукция бичиялъул базаралдеян, жубалеб буго авторас.
Аммайин, абулеб буго гьес, макъала жинца гьелъие гIоло гурин хъвараб. Гьелъул аслияб мурад букIанин Самур бахун доб рахъалда ругел этникиял дагъистаниязул ихтиярал хвезарулел рукIин ва щаялиго Дагъистаналъул нухмалъиялъ ва Кремлалъ гьеб хIужжаялде берал къалел рукIин бихьизабиян.
Муса Мусаев: «Этникиял дагъистаниязул ихтиярал хвезарулел руго. Школазда гьукъулеб буго рахьдал мацI кьезе. Гьукъулеб буго жидерго мацI хIалтIизабизе. Гьединаб «азербайджаназациялъ» кьалбал течIого тIагIинабизехъин буго миллияб компонент. Гьеб бугин абизе бегьула хIал гьабун моно-пачалихъ гIуцIийин, Азербайджаналда чанго миллат букIиналдеги балагьичIого. Цебе гьелъул гIемер бицунеб букIана журналистазги, жамгIиял хIаракатчагIазги, гIалимчагIазги. Цо-цо нухалъ политиказ, депутатазцин гьеб суал борхизабулеб букIана. Гьанже щаялиго гьелъул нагагь гурони бицунеб гьечIо. Дида ккола, гьанже нилъер нухмалъиялъе бокьун гьечIин бечедал мадугьазабазда цебе санагIатал гурел суалал рорхизаризе, гьездаса щвезе бегьулел инвестициязде хьулал рукIиналъин.»
Аваразул ва лезгиязул культуриял автономиязул вакильзабаз гьеб суал борхизабула даимго ва Азербайджаналда гIумру гьабун ругел этникиял дагъистаниязул гIумру гьезда лъалин бищунго лъикIин абулеб буго Дагъистаналъул машгьурав тарихчи, жамгIияв хIаракатчи Тимур Айтберовас.
«Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор БисавгIалиев МахIамадица рикIкIунеб буго, Дагъистаналъуги Азербайджаналъулги гьоркьорлъаби релъарал ругин, абухъего, цо кавабазде торгIо кьабиялъул хIай гIадалин. Гьеб хIаялда Дагъистан кавабахъ эхетун бугеб рахъ хIисабалда бихьулеб буго гьесдаги. Гьес кIвар буссинабуна гьединаб ритIукъаб хIакъикъаталъе бугеб аслияб багьанаялде. БисавгIалиевасул пикруялда, бицен гьабулеб буго кIиго пачалихъалъул, ай, Россиялъулги Азербайджаналъулги гьоркьорлъабазул, дагъистаниязул битIахъеб хурхен гьеб ахIвал-хIал букIаниги, гьеб хисизабиялъул асар гьабулел чагIи цоги рукIиналъул.
Информалатазда загьир гьарурал пикрабазда рекъон, Россиялъ жиндиего, гьелдаго цадахъ Дагъистаналъеги, заралгун Азербайджаналъе компромиссал гьаризе байбихьана Совет Союз биххараб мехалдасаго. Мисалалъе, Самур гIоралъул лъин бикьиялъул суалада. Дагъистаналъулги Азербайджаналъул гIорхъодаса унеб гIоралда бугеб гудроузел, шлюз кьуна Азербайджаналъе, лъел 80 проценталъул къадар Дагъистаналъул щобаздаса данде бакIарулеб букIаниги. Гьелъул хIасилалда машгьураб Самуралъул рохьалъе, МахIарамкент мухъалъул росдал магIишаталъе, гIадамазул хур-картазе къваригIунеб лъин бачIунеб буго мукъсанго. Гьеб биччалеб буго Бакуялъ жиндирго киналго къварагIелал тIуразарун хутIараб къадаралда.
Цогидаз жигараб кIвар буссинабулеб буго, балъгогIадин МахIарамкент мухъалъул кIиго росо Азербайджаналъе кьун букIиналде. 20I0 соналъул сентябралда Россиялъул Азербайджаналъулгун гIорхъодул делимитациялъул къотIи-къай гъулбасун хадуб, Самуралъул жанубияб рахъалда букIараб Храх-Уба ва Урьян-Уба росабазул гIадамазда хIужжа хIисабалда лъазабун буго, гьез чияр пачалихъалъул ракьалда гIумру гьабун букIиналъул хIакъалъулъ. Азербайджаналъул нухмалъиялъ гьанжеялдего хисун буго росабазул цоялъул цIар. Гьенже Храх-Уба кколеб буго Палыдлы.
Гамсахурдиял Гуржиялъги цо заманалда загьирлъун букIана аваразде рокьукълъиялъул бербалагьи. Гьелъул хIасилалда цо-цоял гочинецин ккана дораса Дагъистаналде ва цогидал бакIазде. Амма миллатчагIазул асар бугеб нухмалъи нахъе ун хадуб, Гуржиялъ тIубанго хисана аваразде бербалагьи ва гьанже цебегIадинаб тIадецуй улкаялда гьечIин рикIкIунеб буго Айтберовас.
Гуржиялъ аваразул Тиви росдал жамгIияв хIаракатчи Бадрудин Ибрагьимовасдаги лъикI лъалеб буго Азербайджаналда авараздеги лезгияздеги бугеб квешаб бербалагьиялъул хIакъалъулъ.
БисавгIалиев МахIамадица абулеб буго жинда лъаларин Москваялда бунеб ахIвал-хIал бичIунгутиялъищали яги Дагъситаналъул нухмалъиялда бичIинабизе кIоларогойищали, Азербайджаналде тIадецуй гьабиялъул ресал Кремлалъул кIудиял руго. Бакуялде асар гьабиялъе хIалтIизабизе бегьула нилъеца бицен гьабулел гIадамазул проблемабазул бицун. Москва парахатго балагьун букIиналъ батилаха, гьанже Азербайджаналъул политиказ гIемер бицунеб буго, Дагъистан Азербайджаналъул ракь колин абун. ТIолабго Дагъистан батичIйониги, Дербенталде жидерго претензияби гьарулел политикал гьенир рукIин мухIканаб жо кколин абулеб буго нижер программаялъул гIахьалчагIаз. Гьединаб пикраби мисалалъе тIадчIун загьир гьарулел рукIуна Азербайджаналъул президентасулгун гьалмагълъи бугев Демокртаияб партиялъуло лидер Сардар Джалалоглыца.
Тимур Айтберовас абулеб буго Москваялъги МахIачхъалаялъги гьеб суалалде чIван къотIараб реакция загьир гьабулеб гьечIеб мехалда, гьелде Дагъистаналъул къанунал рахъулез кIвар буссинабизе кколин. Дагъистаналъ Азербайджаналъул хьвада-чIвадиялде балагьун билъанхъизабизе кколин «матIуялъулабин» абизе бегьулеб къагIидайин.